Ссылки для упрощенного доступа

ЕГЭ, гIурус мацI ва "ликбез"


ЕГЭялъул хIасилазда рекъон, гIурус мацIалъул рахъалдаса бищунго гIитIинаб даражаялъул лъай бугел республикабазда гъорлъ бихьизабун буго Дагъистанги. Гьеб ракIалде босун, Дагъистаналъул бетIерас буюри кьун буго 2015 цIалул соналде гIурус мацI малъизе гIурус мугIалимзаби ахIиялъул.

Дагъистаналда гIурус мацIалъулгун математикаялъул ЕГЭялъул хIасилал квешал рукIин хIисабалде босун, Дагъистаналъул цIалдохъабазда гIурус мацI малъизе 50 мугIалим ахIизе руго гьоркьохъеб Россиялдаса. Гьедин лъазабуна лъайкьеялъул хIалтIухъабигун букIараб данделъиялда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьенир рорхарал гIемерал кIвар бугел суалазда гъорлъ Дагъистаналъул бетIерас кIвар кьуна мугIалимзабазе харжал цIикIкIинарун ругониги, лъаялъул даража цIикIкIунеб гьечIолъиялде. Гьединго ГIабдулатIиповас абуна харж лъикIав мугIалимасе дагьаб бугин, амма щибго лъайги гьечIеб хIалтIи гьабуларев мугIалимасе гьеб харж гIемер бугилан. Гьелъ гьоркьохъеб Россиялдаса Дагъистаниязда гIурус мацI малъизе ахIизе кколел ругин гIурус мугIалимзаби.

ГIодор чIун рукIарал лъайкьеялъул хIалтIухъаби тIуран рази гьечIоан Дагъистаналъул бетIерасул пикругун. Гьедин Бабаюрт мухъалъул школалъул директоралъ абуна жий жийго географиялъул мугIалим йигин, амма гIурус мацI малъизе 20абилеб гIасруялъул авалалда гIурус учителал рачIун малъизе кколеб хIал букIун батани, гьабсагIат жинда гьединаб хIажалъи бихьуларин.

МахIачхъалаялъул «Возрождение» школалъул мугIалим МаламухIамадова ПатIиматица бицана гьеб хIажатаблъун бихьуларин, щайгурелъул гьанир ругел лъайги бугеб гьунарги бугел мугIалимзабазе хIалтIи гьечIин, гьедин жий магIарул росулъ хIалтIи щвечIого кканин шагьаралъул частныяб школалде.

МаламухIамадова ПатIимат: «Дун цIалун лъугIидал инсул росулъе тIадюссана, гьений школалъул тIалъиялъухъе щведал гьениб хIалтIизе йосизе бакI гьечIилан абуна. Амма гьенир хIалтIизе росарал руго заочно цIалулел ругел яги саназде рахарал чагIи . Харжги гьениб байбихьуда рачIун дарсал кьезе щванани тIоцересел соназ 3000 гъурщиде бахунаро. Гьелъ дун шагьаралда частный щколалде хIалтIизе лъугьана. Дида лъала гIемерал ясал лъикI цIаларал, амма хIалтIи щоларого ругел, гьединго лъала цIализе лъикIал рукIинчIел, амма кIиго лъабго курсги заочно лъугIун росулъ школалда хIалтIизе лъугьаралги.»

МахIачхъалаялда гIумру гьабулей йигей лъайкьеялъул идараялъул хIалтIухъан МухIамадова Написатица «Эркенлъи радиоялъе бицана гIурус мацI лъай кIудияб суал бугин. Гьеб лъазе хIажатабги бугин, амма гьединал ясал рачIаниги Дагъистаналда гьел къабул гьари щакаб бугин.

МухIамадова Написат: "Россиялдаса Дагъистаналде учителзаби рачIинилан кколаро дида, щайгурелъул нилъер гьанире рачIине хIинкъула. Гьединго гьезул тIалабазда рекъараб къагIидаялъ гьабизе ккола кинабго. Яги рачIаниги рачIина унго-унго жидер хIалтIи бокьулел чагIи. Гьебгощинаб жо гьабичIого нилъер гьанир ругезе чIезарунани шартIал нилъералги хIалтIила. Амма гIурус мацI малъизе ккараб хIал буго. БитIун гIурусалъ кIалъазе лъалел шагьаралдацин къанагIат руго. ГIурус мацI аслуялдаса лъазабизе хIажат буго школалдаги, университеталдаги, гьадинго гIумруялда бицинеги."

Аналитиказул пикруялда Дагъистаналда лъавукълъи къватIисан мугIалимзаби ахIунилан лъугIизе рес гьечIо. 20 абилеб гIасруялъул авалалда Дагъистаналде рачIунел мугIалимзабаз гьабураб хIалтIи гьанже такрар гьабун гьабизе хIажатаб хIал гьечIо гьезул пикруялда. Дагъистаналда хIажат буго ришватчилъиги лъугIун, гIицIго лъай бугел гьунар бугел хIалтIуда рукIун, батIиял нахъе лъугIизаризе. Офицалиял баяназда рекъон, Дагъистаналда щибаб лъагIелалъ тIадегIанаб лъай щун учителлъун хIалтIизе къватIире риччалел руго нус-нус гIолилал.

XS
SM
MD
LG