Чанго къоялъ цебе Волгоградалда троллейбус кьвагьизаби Дагъистаналдаса Аскер Самедовасулгун МухIамад ГIисаевасул пиша бугин абураб щаклъи бижун буго низам цIунулезул.
Гьаниб бицен гьабулеб буго маххул нухлул вокзалалда гуреб, гьелдаса хадуб троллейбусалъуб ккараб кьвагьиялъул.
Прессаялда раккарал цо-цо баяназда рекъон, низам цIунулезул щаклъи ккарал Аскер Самедовгун МухIамад ГIисаев федералияб цIех-рехалдаги рукIун гьечIо. Амма рукIун руго изну гьечIого яргъид гIуцIаразе кумек гьабулел чагIазул сияхIалда. Гьеб ишалда бан Самедовасул эбелалъул доба, Москваялда, чIухь бан буго. ГIагарал чагIазухъ МахIачхъалаялда васги тун, гьей цеегоялдаса нахъе тахшагьаралда йикIун йиго. Гьениса низам цIунулез росун ун руго компьютералги, микьго телефонги, гьезда лъолеб анлъго сим-картаги. ДНК-ялъул анализалъе гьелъухъа хIацIуги босун буго. Ахиралда сурав босизе полициялде ячун йиго.
УнкъгIалалда аскIов МахIачхъалаялда вукIарав Аскер Самедов щибаб къойил гIадин эбелалъухъе кIалъалаанин, жинца ячине йигей ясалъулгун гьелъул лъай-хъвай гьабилинги вукIанин бицунеб буго журналистазе гьесул ункъгIалалъ. Амма гъоркьиса 30 маялда къватIиве арав гьев тIокIалъ рокъове вачIун гьечIо.
Аскеровасулги Самедовасулги рахъалъ интернеталда баянал тIиритIизаризе рес кьурав низам цIунулел идарабазул хIалтIухъанас бицунеб буго Волгоградалде рачIиналде гьел кIиялго Дагъистаналдаса цин Москваялде ун ругин. Хадур Волгоградалде рачIун, ахIвал-хIал лъазабизелъун дагьаб заманаялъ гьенир гIумру гьабунги чIун рукIун ругила.
Волгоградалда гьарурал терактазулъ дагъистаниязул цIарал рехсезе лъугьаниги, жинда гьениб гIадамазулъ гьедигIан рокьукълъи бихьичIин дагъистанияздехунилан бицана ЭР-ялъе Галина Григорьевалъ. Дагьалъ цее МахIачхъалаялдаса Волгоградалде гочана гьей. ГIадамаз гIемер гьарулел ругила низам цIунулел хъулухъаздаса гIодор чIезе кколилан абурал лъазабиял.
Галина Григорьева: «ГIадамал хIинкъулел руго троллейбусазда рекIине. Гьанибин абуни аслияб транспорт ккола гьеб. Гьединго ЦIияб соналъул байрам кIодо гьабулелъулги фейерверкал-жалги кьвагьун ругоан гIадамаз, щибго жо ккечIеб гIадин».
Маххул нухлул вокзалалдаги троллейбусалдаги ккарал кьвагьиязулъ Волгоградалда гIумруялдаса ватIалъана 32 чи, къварилъи ккана 104-ясе.
Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялдаса щварал баяназда рекъон, гьеб иш ккун хадуб гьезул хIалтIухъабаз хал гьабун рагIула экстремисталин рикIкIине бегьулел гIадал ва гьезул рахъ кколел чагIазул. «Группа риска» ян абулеб буго гьезул сияхIалда. Гьенив кинавниги 40 чи вугила.
Чанго соналъ цебе Россиялда щиб кканиги, чачаназул цIар рехсолаанин, гьанжейин абуни дагъистаниял гьарулел ругин киналъего гIайибиялин абулеб буго республикаялда цо-цояз. Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула Волгоградалда маххул нухлул вокзалалда кьвагьи бахъун хадуб рехсезе лъугьана Дагъистаналдаса Оксана Аслановалъул цIар. Гьеб уяб батичIо. Хадуб абуна гьеб бугин Марий Элалдаса ислам босарав гIурусав Павел Печенкинил пиша. Низам цIунулезул баяназда рекъон, бащдаб лъагIалица цеве гьев Буйнакскиялда ругел изну гьечIого яргъид гIуцIарал къокъабазда гъорлъе ун вуго.
Гьаниб мухIкан гьабизе ккола хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул рахъалъ гIуцIараб миллияб комитеталъул ва Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул сайтазда Аскеровасулги Самедовасулги хIакъалъулъ кинабгIаги лъазаби гьабун гьечIолъи. Гьезул рахъалъ абизе жо гьечIин жидер идараялъулин жаваб кьуна ЭР-ялъе гьеб министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Фатина ГIубайдатовалъги.