Ссылки для упрощенного доступа

ГIурусал Кавказалде нахъруссинаризе бегьула... бесдалал гIурусал


Александр Торшин, Россиялъул Федарациялъул Мажлисалъул вице-спикер
Александр Торшин, Россиялъул Федарациялъул Мажлисалъул вице-спикер

Россиялъул Федерациялъул мажлисалъул ургъел ккун буго Шималияб Кавказалъул республикабаздаса нахъе арал гIурус миллаталъул гIадамал тIадруссинариялъул программа бахъи кватIулеб букIиналда бан. Гьеб суал роцIцIиналъул мурадалда тIасияб палатаялъул нухмалъулев хисулев Александр Торшиница абулеб буго, улкаялъул Шималияб рахъалда ва ругел лъималазул рукъзабаздаса бесдалал лъимал Жанубияб рахъалде щвезаризе кколин.

Сенаторас риккунеб буго, гьединаб къагIидаялда гочинарурал лъималазе цIиял лъималазул рукъзал раялъул къварагIел гьечIин. БитIараб букIине бугин гьел лъимал хъизаназухъе кьейин ва гьединаб къагIидаялда хасал лъималазул ахал рагьизе бегьизе букIанин.

Дагъистаниязул гIемерисез рикIкIунеб буго Александр Торшинил пикру кьучI гьечIеблъун.

Дагъистаналъул гIелмияб централъул социологиялъул бутIаялъул нухмалъулев ГIабдулагатов Заидица рикIкIунеб буго гьеб тадбиралъ гIурус миллаталъул гIадамазул къадар цIикIкIине гьечIин Кавказалда. ТIадеги, гьесул пикруялда рекъон, гIезегIан лъимал жидерго ругел кавказияз гIемерал гIурус миллаталъул лъимал къабул гьаризе гьечIо.

ГIабдулагатов Заид: «ГIурус миллаталъул гIадамал рищун гIемер рукIана 60-абилел соназ. Гьеб мехалъ гIурусазул къадар букIана 20 %. ГьабсагIаталда гьезул къадар буго 4 %. Амма унезул къадар дагьлъулеб буго. Амма Александр Торшиница абухъе гьеб проблема роцIцIине гьечIо гьеб тадбиралъе. Дида лъаларо кин гьеб гьес роцIцIине бугебали. Цо-цо чагIаца росизе бегьула тарбия кьезе лъимал, амма проблема гьелъ роцIцIине гьечIо. Гьеб суалалда тIаса Президент В. Путиницаги гIажаибаб пикру загьир гьабуна. Гьес абуна лъабабилеб лъимералъухъги гIарац кьезе бугин пачалъихъалъ, амма киналго регионазда гуро. Дагьал лъимал гьарулел регионазда. Дагъистаналда лъабабилеб лъимералъухъ гIарац кьелилан дида кколаро.

КIиабизеги, лъида абулеб гIурусавин? ГIурусавлъун вукIине ккани гьев гIезе ккола гIурус хъизамалда, гIурус культураялда жанив. Кавказалде ккарав гIурусасдаса тIубанго гIурусав лъугьунаро. Кинаб бугониги даргиязул хъизамалде ккани гьев даргияв вукIине вуго, гIурусав гурев. Пушкин мисалалъе ккола гIурус поэт. Амма нилъеда лъалаха гьев тIуванго гIурасавлъун вукIинчIевлъи. ГIурус культураялда гIурус миллаталда жанив гIеялъ лъугьана гьев гIурусавлъун».

Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул доцент, тарихиял гIелмабазул кандидат Нугъаев МухIамадил пикруялда рекъон, Александр Торшинил пикру цIакъго ургъичIого бицараб буго. Цебеккун миллатазул гьоркьорлъаби лъикIлъизаризе ккола.

Нугъаев МухIамад: «Кин гьедин абизе кIолеб, жакъа къоялъ кавказалъулазе гIурусал тIадеялдаса тIаде рихунеб заманалда. Дида бихьулеб бакIалдаса гIебеде рокьукълъи цIикIкIин гурони гьечIо. Рокьукълъи буго гIолохъанаб гIелалъулги. ГIолилал ругелъул нилъер букIинисеб. РакIалде щвезаризе бегьулал Москваялда Манежалъул майданалда рукIарал лъугьа-бахъинал, гьелдаса нахъе ругел гьоркьорлъаби ва цоги гьединал хIужаби. ГIадамазул психология хисун буго тIубанго. Кин гIумру гьабизе бугеб гIурусазул лъималаз кавказалда, лъица гьел цIунизе ругел? Гьеб буго цIакъ кьучI гьечIеб ва гIумруялде бахинабизе рес гьечIеб политика. ТIоцебе тIубанго гIадамазул гьоркьорлъаби хисизаризе ккола, гьезул психология хисизе ккола».

ГIага-шагарго гьединал пикраби загьир гьарулел руго гIемерисел дагъистанияз Владимир Торшиница борхараб суалалда хурхун.
XS
SM
MD
LG