Ссылки для упрощенного доступа

Прессаялъул эркенлъи - инсанасул эркенлъи


«ГIорхъаби лъаларел репортерал» абураб халкъаздагьоркьосеб хIукуматалъул гуреб гIуцIиялъ бахъана иргадулаб санайилаб «Прессаялъул эркенлъиялъул индекс» абураб доклад. Гьелда къимат кьолеб буго I80 улкаялда информалатазул эркенлъиялъул даражаялъе.

Прессаялъул эркенлъи - инсанасул эркенлъи
пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:16:00 0:00
Загрузить файл

Гьеб рейтингалда Россиялъул мадугьалзаби рагIула Пакистанги Мексикаги.

Бищунго эркенаб пресса буго Европаялда. ТIоцебесеб бакIалда рехсолеб буго Финляндия, Нидерландал, Норвегия. Гьелго улкаби рехсолел рукIана цересел докладаздаги.

Информалатазул эркенлъиялъул рахъалдасане позитивияб тенденция бихьулеб рагIула Тунисалда ва Украиналда. Гьелдаго цадахъ ракIалъе гIолареб мухъ бихьулеб буго бакъбаккул рахъалъул Европаялъул цо-цо улкабаздаги, хасго Польшаялда. «Репортераз» абухъе, гьениб «ультраконсервативияб хIукуматалъ пачалихъиял информалатазда тIад чIезабун буго жидерго хъачIаб контроль».

Информалатазде бищунго кIудияб тIадецуй гьабулеб рагIула Шималияб Африкаялдаги ГIагараб Машрикъалдаги.

Совет Союзалда гъорлъ рукIарал республикабазда гъорлъан, Евроцолъиялда жанир ругел Балтиялъул улкаби рикIкIинчIого, прессаялъул эркенлъиялъул рахъалъан тIоцебесеб бакIалда буго нижер мадугьал Грузия (!) - 64 бакI. Хадур унел руго Армения – 74 бакI, Молдова – 76, Киргизстан – 85, Украина (!) – 129. 148 бакIалда бугеб ва цебесеб соналде данде ккун ункъго пункталъ тIаде араб Россиялда хадуб унеб буго Таджикистан – 150 бакI, Беларусь – 157, Казахстан – 160, азербайджан – 163, Узбекистан – 166, Туркменистан – 178 бакI.

Докладалъул атораз кIвар буссинабулеб буго Россиялъул телеканалаз пропаганда халат бахъинабулеб букIиналде. ЦIияб «патриотияб ва неоконсервативияб риторикаялда» хурхун суал кьолел, журналистикаялъул къадру цIунизе хIаракат бахъулел гIадамазе ва гьединго хIукуматалъул гурел гIуцIабазе хIухь цIазе бакI толеб гьечIин ва гьел нахъ тIамичIого къватIисел улкабазул агенталлъун лъазарулел ругин, абулеб буго докладалда.

ТIубанго программаялъухъ гIенекке нижер аудиофайлалда. Программаялда жидерго пикраби загьир гьарулел руго медианалитик Игорь Яковенкоца ва Шималияб Кавказалъул цо-цо информалатазул вакильзабаз.

XS
SM
MD
LG