ТIоцебесеб бакI рейтингалда ккуна Ямало-Ненцазул автономияб мухъалъул губернатор Дмитрий Кобылкиница. Шималияб Кавказалъул лъабго республикаялъул нухмалъулелги руго сияхIалда. Чечнялъул нухмалъулев Рамзан Къадиров 8-леб бакIалда вуго, ГIабдулатIипов 19-лелда вуго, Карачаево-Черкесиялъул нухмалъулев Рашид Темрезов 22-леб бакIалда вуго.
«Инвестор» сайталъе кьураб баяналда политолог Василий Мархининица абулеб буго гьеб рехсараб рейтингалъ регионазда бугеб уяб ахIвал-хIал бихьизабулеб гьечIин. «Гьеб рейтингалда бищун кIвар кьун буго «гIадамазул пикру» абураб пункталъе. Регионазда бугеб политикиябгун экономикияб ахIвал-хIалалъул хал-шал гъваридго гьабун гьечIо рейтингалъул автораз», - илан рикIкIунеб буго политологас.
Мархининица абухъе, Дагъистаналъул ва Чечнялъул нухмалъулел эффективиял губернаторазул сияхIалде ккана гьездехун гIадамазул лъикIаб бербалагьи букIиналъе гIоло. «ХIисаб гьабе, Россиялъул цогидал регионазде дандеккун, я Дагъистаналда, я Чечнялда цебетIураб республика бугин абизе кIоларо. Гьеб рейтингалда хIисабалде росун гьечIо индустриализация, экономикияб динамика ва гь.ц. Гьелдалъун рейтингалда божи дагьаб буго», - ян абуна Мархининица.
Эксперт рейтингазда божулев гьечIониги, гьезие кIудияб кIвар ГIабдулатIиповас кьолеб бугин абизе бегьила. Гьев президентлъун Дагъистаналде вачIарав мехалда цебе лъиданиги рагIичIеб «Народное мнение» фондалъ лъазабуна дагъистаниязул 90% рази букIин ГIабдулатIипов нухмалъулевлъун теялдаса. ГIабдулатIипов президентлъун тIамун нусго къо индал гьесул хIалтIудаса дагъистаниязул 91% рази букIинги тIатинабуна гьебго фондалъ.
ГIабдулатIиповас жинцагоги мех-мехалдасан статистикаялъул бицуна. Мисалалъе, цодагьалъ цебе гьес абуна хIукумателдехун бугеб халкъалъул бербалагьи лъикIлъанин ва цебе гIадамазул божилъи цIакъго дагьаб букIун батани, гьанже дагъистаниязул 70% божулел ругин хIакимазда. Амма ГIабдулатIиповас мухIкан гьабичIо гьел баянал гьес киса росаралали.
Амма статистикаги батIи-батIияб букIуна ва республикаялда бугеб социалиябгун-экономикияб ахIвал-хIалалда лъикIаблъунилан абизе бегьуларо. Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго «РИА Рейтинг» агентствоялъ гIуцIараб рейтингалъ. Чечня хутIизегIан Россиялъул регионазда гIумруялъул даража 2013 соналда кинаб букIарабали хал гьабуна гьеб агентствоялъ. 82 регионазда гьоркьосан Дагъистаналъе 73 бакI щвана.
ГIадамазе щолеб хайир, рукъ-магIищаталъул ахIвал-хIал, социалияб инфраструктура, демография, сахлъи цIуни, лъай кьей, экономикияб цебетIей, гьоркьохъеб ва гьитIинаб бизнесалъул цебетIей – гьал рехсаралщинал пунктазул халги гьабун кьуна регионазе къимат «РИА Рейтинг» агентствоялъ.
Цогидаб рейтингги мисалъе бачина. «Безопасное отечество» абураб жамгIияб гIуцIиялъ пачалихъалъул хIажалъабазе къваригIараб къай-цIаялъул системаялда бугеб ришватчилъиялъул рейтинг гIуцIана. Пачалихъалъул хIажалъабазе къваригIараб къай-цIаялъул системаялъул 2013 соналда анализги гьабуна жамгIияб гуцIиялъ. Гьеб рейтингалда Дагъистаналъ ккуна кIиабилеб бакI. ТIоцебесеб бакIалда Чечня буго.
Политолог Энвер Кисриевасул пикруялда рекъон ГIабдулатIипов бищун лъикIал губернаторазул рейтингалде ккеялдаса гIажаиблъизе кколаро. Путиница ГIабдулатIипов президентлъун таралдаса хадуб хиса-басиял рукIинин хьул баккана гIадамазул илан абуна Кисриевас «Эркенлъи» радияолъе.
Энвер Кисриев: «Жеги-жеги хьул хутIун буго. ГIадамал балагьун руго кинал хиса-басиял ГIабдулатIиповас гьаризе ругелали. ГIабдулатIипов Дагъистаналъул нухмалъулевлъун тIамизе вугилан цебе лъиданиги ракIалде ккелароан. Республикаялъул цере рукIарал нухмалъулезда релълъинчIев политик вуго гьев. Политикаялде вачIана цIияв чи. Балагьила, щиб гьес гьабилеб, щиб хисизабилеб гьаб соналда. 20I3 сонни букIана хьулазул сонлъун».
Политологас гьединго тIаде жубана, ГIабдулатIиповасе чара гьечIого жиндирго команда къваригIун бугин. Гьев божизе бегьулел чагIазул къокъа гьесда аскIоб бугин жинда абизе кIоларилан тIаде жубана экспертас.