Россиялъул президент Владимир Путиница къокъаб заманалда жаниб гIумруялде бахинабуна террористаз пачалихъалъе гьабураб зарал гьезул гIагарлъиялъ бецIизе тIадаблъун гьабулеб къанун. Хехго гьеб ана парламенталдасаги. Къануналда хъван буго, теракталъул хIасилалда ккараб моралияб ва материалияб зарал бецIизе бугин пачалихъалъе ва цоги къварилъи ккаразе тIоцебесеб иргаялда такъсирчагIазул, хадуб гьезул гIагарлъиялъул буголъи бахъиялдалъун. Жидерго буголъи цIунизе бокьарал такъсирчагIазул гIагарлъиялъ жинир заманалда рихьизаризе ккола буголъи къануналда рекъон данде гьабураб букIин тасдикъ гьабулел документал. РихьизаричIони кинабго пачалихъалъ нахъе бахъизе буго.
Террористическияблъун рикIкIараб идараялда хIалтIулев, гьениб лъай щварав ялъуни гьезулгун кинаб бугониги гьоркьоблъи бугев чиясулги жавабчилъи цIикIкIинабулеб буго къануналъ. Гьелъухъ 5-I0 соналъ туснахъалъул тамихI къотIизе буго. Гьединго жавабчилъи цIикIкIинабун буго терроралде ахIиялъухъ. Гьелъухъ тамихI букIине буго 3 сон туснахъалъул.
Экспертазда ва жамгIиял хIаракатчагIазда, журналистазда ва блогеразда аслияб проблемалъун бихьулеб буго такъсирчагIазул гIагарлъи тамихIалде цIалеб къанун хIалтIизаби. ГIемерисезул пикруялда рекъон, такъсирчагIазул гIагарлъиялда жаниса гIемерал гIайиб гьечIел чагIи тамихIалдеги цIан дандечIей жеги хIалуцинабизе буго гьелъ.
Дагъистаналъул гIелмияб централъул хIалтIухъан, гIалимчи Шихалиев Шамилил пикруялда рекъон, такъсиралде унел чагIазе ургъел букIунаро гIагарлъиялъул, гьел жавабчилъиялде цIазе руго абураб пикруялъ гьел чIезаруларо, такъсирчагIазул гIемерисеб мехалъ гIагарлъиялъулгун бухьен букIанаро. Гьелъул гIаксалда, рехсараб къануналда рекъон тамихIалде цIазе бегьула гIайиб гьечIел чагIи. ХIасил къваридаб букIине буго унго-унго гьеб къанун хIалтIизабизе байбихьарабго. Дагъистаналда гьадингоги халкъ рази гьечIо тIалъиялдаса, гьанже гIайиб гьечIел гIадамазул буголъи бахъизе байбихьани изну гьечIого яргъид гIуцIаразул рахъ кколел гIемерлъизе руго. ГIалимчияс гьединго ракIалде щвезабуна изну гьечIого яргъид гIуцIаразул жаназаби хун хадур болъонил цIокоялда жанир жемизе кколин абураб пикру букIанин, амма гьелъие жаваб кьолеб бугин гьез жал хун хадуб черхалда щиб гьабуниги кIвар гьечIин. Гьединго, жал хун хадуб гIагарлъи кинаб жавабчилъиялде цIаниги гьезие ургъел гьечIин, къануналъ тIадеги ахIвал-хIал хIалуцизаби гурони букIине гьечIин тIадеги жубана.
АхIвал-хIал хIалуциналде рачине руго гьеб къануналъ абун пикру загьир гьабулеб буго блогосфераялдаги. Василав Василов абурав блогерас радиоялъе гьадинаб баян кьуна.
Василав Василов: «Рохьоре унелщинал лъимал гьел гIемерисел эбел-инсухъ гIенеккуларел руго. Гьезда разиял эбел-эменги дида рихьичIо. Къануналда гъоркьеги ккун гIайиб гьечIел гIемерал чагIи тамихIалде цIазехъин руго. Дир хIисабалда хIукуматалъ жавабчилъи жиндасаго тIасан реххулеб буго. Такъсиралъул хIасилалда зарал ккарал гIадамазе гIарац жидецаго бецIичIого гьел такъсирчагIазул гIагарлъиялде реххизехъин бокьун буго. Гьеб къануналъул зарал цIикIкIараб букIине буго хайиралдаса».
Гьев вукIана блогер Василав Василов.
Цо-цояз рикIкIунеб буго такъсирчагIазул гIагарлъи гуреб, ришватчагIазул гIагарлъиги тамихIалде цIазе кколин. Гьелъ жеги цIикIкIун зарал гьабулеб бугин пачалихъалъе.
Камулел гьечIо гьеб къанун битIараб бугилан рикIкIунелги. Хъизаналъе ва лъималазе социалияб кумек гьабулеб централъул хIалтIухъан Дадаева Фатимал пикруялда рекъон, гьеб къануналъ гIемерисел эбел-эмен кантIизаризе руго ва гьез цIикIкIун кIвар кьезе буго лъималазе. ГIемерисеб мехалъ яргъид гIуцIаразул кьеразулъе ккола тарбия щвечIел, эбел-инсудаса рикIкIад ругел лъимал. Рагъулаб заманалде гIагарараб ахIвал-хIал бугеб мехалъ гьединал тадбирал гьаричIого рес гьечIо абун хъвалеб буго гьелъ жиндирго блогалда.
Цойги гьеб къануналъулъ кIвар бугеб хIужалъун экспертаз рикIкIунеб буго изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъаялъулъ гIахьаллъиялъухъ тамихI кьваризаби. Гьеб тIибитIулеб буго къватIисел пачалихъазда ругел тунка-гIусиязулъ гIахьаллъарал чагIаздаги. Мисалалъе, информалатазул баяназда рекъон, Шамалда хIукуматалъул аскаралда данде вагъулев вуго 600 го гIанасев Россиялъул гражданин. Гьезул гIемерисел руго Шималияб Кавказалдаса. ВатIаналде тIадруссун хадур гьеб къануналда рекъон тамихIалде цIазе рес буго гьел рагъухъаби.
Гьединго, къануналда рекъон гIуцIизе буго федералиял, регионалиял ва муниципалиял тIалъиялъулал идарабазда терроризмалда данде хIалтIи гьабиялда хадуб хъаравуллъи гьабулеб хасаб федералияб идара.