Прокуратураялъул вакилас бицана нДагъистаналъул цIияб нухмалъиялъ ва гьединго нилъер республикаялъул цIияв прокурорас ришватчилъи тIагIинаби аслияб масъалалъун бищун бугилан. Гьеб тIубаялъе хIалтIиги гьабулеб бугила, ресалги ралагьулеб бугилан. Карахановас бицухъе гьаб соналъул байибихьудаса нахъе Дагъистаналъул къуватазул идарабаз ришватчилъиялда хурхараб 225 такъсир рагьун буго, гъоркисала гьебго заманалда жаниб 144 такъсир гурони тIатинабун букIун гьечIо.
Караханов Нурула: « Гъоркьисала коррупциялда хурхараб такъсир гьабурав 8 чи ворчIана тамихI гьабичIого. Исана жеги цониги гьечIо гьединаб хIужжа, гIезегIан цIикIкIана ришватчилъиялда хурхун гьарурал такъсирал рагьи. Нижеца гьедин абидал гIемерисез цIехола гьеб ришватчагIи гIемерлъиялъул хIасилищ яги гьезде данде къеркьолел идарабазул лъикIаб хIалтIул хIасилищилан. Дица нижго рецци рекъараб букIинаро, амма абизе кколе цересел саназда данде гьеб рахъалъ гьабулеб хIалтIи гIемерго цIикIкIанин ва лъикIлъанин. Гьелде кIвар президентасдаса бахъараб кьолеб бугелъул. Цере гьеб рахъалъ тамихIалде цIарал хIакимзаби чан рукIаралицин абизе захIмалъула. ГьабсагIаталда жаниб нилъер республикаялъул цIех-рехалъул идарабаз Дагъистаналъул чанго батIияб мухъазул бутIруз, хIакимзабаз, къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз ришватбосиялда сверун цIех-рех гьабулеб буго» .
Бищунго ахIи-хIур сверун бахъарал ришватчилъиялъул мисалал рачунаго Карахановас бищун цебе рехсана Каспийск шагьаралъул администрациялъу л бетIер ХIури ПирсагIидовалъул иш.
Караханов Нурула: «Гъоркь анкьица диванханаялде битIана Каспийскалъул администрациялъу л бетIералъул иш. Гьелъ жиндир хъулухъалдаса пайда босун, ресал хIалтIизарун гIадамал басриял минабахъа цIиязухъе рахъинариялъе гIуцIараб программа жиндиего бокьухъе хIалтIизабун буго. Гьелъ жиндиего бокьухъе рикьа-къотIулел рукIун руго гьел минаби. ГIагараб заманалда цойги гьединал сверун ахIи-хIур бахъинабурал коррупциялда хурхарал ишал диванханаялде кьезе руго».
Гьединго пресс-конференци ялда Карахановас бицана прокуратураялъул хIалтIухъаби гьоркьоре лъугьиналъ гъоркисала соналъ пачалихъалъул батIи-батIиял идарабазда 88 ришватчилъиялъул хIужжа нахъчIвазе кIванилан. Исана гьединаб 9 хIужжа ккун буго. Бищунго гIемер церехун рехсарал хIужжаби тIатун руго бюджет бикьулел, налогазда ва ракьуда хурхарал, пачалихъияб ва бакIалъулаб хъулухъалъул идарабазда.
Гьединго прокуратураялъул вакилас бицана хIукуматалъул хIажалъабазе абун къайи босиялъул рахъалда коррупциялъул хIужжаби бищунго гIемер дандчIвалилан.
Караханов Нурула: «Гъоркьисала 500 гIан чи тамихIалде цIана нижеца хIукуматалъул хIажалъабазе абун къайи босиялъулъ ришватчилъи тIибитIизабиялъу л гIайиб букIана гьезда. Прокуратураялъ, къанун хвезабичIого пачалихъиял ва муниципалиял идараби хIалтIиялъе гIемераб хIалтIи гьабулеб бугониги гьенирги такъсирал дагьлъулел гьечIо. Ахиралда букIараб халгьабиялъ бихьизабуна гьелчагIаз жидеего щолеб хайиралъул хIакъалъулъ баянал мекъи-мекъи кьолел рукIин. Гьединго хъулухъалда рукIаго гьезул жидерго бизнесги буго.
Нижеца гьабураб хIалтIул хIасилалда 2012 соналда 500ялдаса цIикIкIун чи тамихIалде цIан вуго. ХIукуматалъул хIажалъабазе абун къайи босиялъул рахъалда коррупциялъул хIужжаби бищунго гIемер дандчIвала. Нижеца интернеталда гьезул аукционазухъ халккола. Гъоркьисала монополиялде дандечIараб хъулухъалъул кумекалдалъун нижеда къануналде дандекколареб чанго тендер нахъчIвазе кIвана».
Ахиралдаги Нурула Карахановас абуна жидер хIалтIуе кIудияб квал-квал гьабулин тамихIалде цIараз жидерго къуваталъул идарабазда, хIукуматалъул тIадегIанал хъулухъазда ругел лъалел-хъвалезул кумек балагьизе лъугьиналъун. ГIемерисеб мехалда гьезие кумекги щолеб бугила. Гьединлъидал щивав чи ахIулев вугила жидеца жидее кумекалъеян.
Караханов Нурула: « Гъоркьисала коррупциялда хурхараб такъсир гьабурав 8 чи ворчIана тамихI гьабичIого. Исана жеги цониги гьечIо гьединаб хIужжа, гIезегIан цIикIкIана ришватчилъиялда хурхун гьарурал такъсирал рагьи. Нижеца гьедин абидал гIемерисез цIехола гьеб ришватчагIи гIемерлъиялъул хIасилищ яги гьезде данде къеркьолел идарабазул лъикIаб хIалтIул хIасилищилан. Дица нижго рецци рекъараб букIинаро, амма абизе кколе цересел саназда данде гьеб рахъалъ гьабулеб хIалтIи гIемерго цIикIкIанин ва лъикIлъанин. Гьелде кIвар президентасдаса бахъараб кьолеб бугелъул. Цере гьеб рахъалъ тамихIалде цIарал хIакимзаби чан рукIаралицин абизе захIмалъула. ГьабсагIаталда жаниб нилъер республикаялъул цIех-рехалъул идарабаз Дагъистаналъул чанго батIияб мухъазул бутIруз, хIакимзабаз, къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз ришватбосиялда сверун цIех-рех гьабулеб буго» .
Бищунго ахIи-хIур сверун бахъарал ришватчилъиялъул мисалал рачунаго Карахановас бищун цебе рехсана Каспийск шагьаралъул администрациялъу
Караханов Нурула: «Гъоркь анкьица диванханаялде битIана Каспийскалъул администрациялъу
Гьединго пресс-конференци
Гьединго прокуратураялъул вакилас бицана хIукуматалъул хIажалъабазе абун къайи босиялъул рахъалда коррупциялъул хIужжаби бищунго гIемер дандчIвалилан.
Караханов Нурула: «Гъоркьисала 500 гIан чи тамихIалде цIана нижеца хIукуматалъул хIажалъабазе абун къайи босиялъулъ ришватчилъи тIибитIизабиялъу