Форумалда гIемер бицана миллиял суалазул масъалаялъул. Абуна Россиялда миллатчилъи лъугIизабиялъе гьарулел тадбиразда тIад улкаялъул бюджеталда санайилго 600 млн гъурущ бихьизабизе кколин. Гьеб кIвар бугеб суал букIин бичIчIизабизелъун форумалъул гIахьалчагIаз ракIалде щвезабуна миллатазда гьоркьоб разилъи чIезабиялда хурхараб буюрухъалда гъоркь Россиялъул президентлъун вахъун тIоцересел къоязго Владимир Путиницаги гъулбасараблъи.
Гьеб суалалда хурхараб концепция буго Россиялъул, I996 соналда къабул гьабун букIана гьеб. Амма гьелъулъ гIезегIан хис-бас гьабизе кколин, щайин абуни гьеб заманалдаса нахъе улкаялда цIи-цIиял масъалаби ракканин рикIкIунеб бугоан СафаргIалиев ХIажиметица. Гьев ккола Дагъистаналдасан Пачалихъияб Думаялде вищарав депутат. Исанасеб ва тIасияб соналде гьеб концепциялъе цо гъурущгицин биччан гьечIин тIаде жубана СафаргIалиевас. Гъоркьисала биччан букIун буго 80 млн гъурущ. Амма экономикаялда лъугьараб кризисалъ миллатазда гьоркьоб рикьи ккезабулеб, гьединго гIолилаз миллатчилъи загьир гьабиялде ун бугин ишилан абуна депутатас.
Гьениб гьединго бицунеб букIана жидерго информация цIикIкIун гIадамаз цIализе, яги гIадахъ босизе букIинелъун Россиялда миллиял суалазда хъатIизе лъугьунин цо-цо информация тIибитIизабулел алатал, гьединго батIи-батIиял къуватаз Шималияб Кавказалда гьеб суал цебе лъезе байбихьулин рищиязул заманалда. Советияб заманалда цогидал бакIазде гочинарун рукIун, гьанже тIадруссарал халкъазда гьоркьобеги рехулин гьел къуватаз, гьойда цебе ракьа гIадин, гьебго милияб суал. Гьелъ хIалуцинабулин гъоркьгоги беццилеб хIалалда гьечIеб ахIвал-хIал.
Гьебги цогидал хIужабиги хIисабалде росун баккана Россиялда миллияб суалазул рахъалъ министерлъийищ гIуцIилеб, яги гьеб рахъалъ хасав вакилищ телев абураб суал.
Министерлъи гIуцIани, бюджеталда хасаб гIарацги бихьизабун лъикI букIинароанищинхаян абуна гьеб форумалда СафаргIалиев ХIажиметица.
Россиялда социалогиял гьикъа-бакъиялин, цIех-рехалин абурал жалазул сан гьабунгутIиялъул бицана гьениб Горшков Михаилица. Гьев ккола Россиялъул гIелмабазул централъул социалогияб институталъул директор.
Горшков Михаил: «Пачалихъияб тIалъиялъ къабул гьарурал батIи-батIиял хIукмабаздасан бихьула сверухъ лъугьа-бахъунелъул щибгIаги гIелмияб анализали киб гурин, гIадатиял гIадамазул гIумругицин хIисабалде босулеб гьечIолъи. ТIоцебе, гьеб бараб буго Россиялъул тIалъиялде щибниги нухмалъи гьабиялъул хIалбихьигицин гьечIел чагIи рачIиналда. КIиабизе, хIакимзабаз сан гьабулеб гьечIо жидер гуреб, батIияб пикруялъул. Лъабабизе, гьез цIакъ хашго хIалтIизабулеб жидехъе щварал баянал, лъалеб, яги бокьулеб гьечIо гьел баянал цIи-цIиял, батIи-батIиял бакIалъа тIалаб гьаризе».
Бакъбаккулгун бакътIерхьул рахъалги Европагун Азияги цолъулеб бакIалда бугеб Дагъистаналда миллияб гIиллаялда хурхун киданиги ккечIин я рагъ, яги тунка-гIусиялин абуна гьениб республикаялъул нухмалъулес. Гьеле гьеб гIасрабаз цоцахъе кьун щвараб хIалбихьи бугин жидеца пачалихъияб политикаялъул кьочIокье босун. Гьеб политикаялъул аслиял принципаллъунги ругила Дагъистаналда гIумру гьабулел халкъазул рахьдал мацIал, адабиятгун маданият, хаслъи цIуни. Хадуб республикаялъул нухмалъулес рехсана гIурус мацIгун гIурус маданият цIуниги. Гьеб къваригIунила дагъистаниял цолъизариялъеги гьанир, республикаялда гIумру гьабулел гIурус миллаталъул чагIазул гIумру лъикIлъиялъеги.
КIвар бугел суалалзда тIасан форумалда кIалъана Россиялъул регионалияб цебетIеялъул министр хисулев Травников Максим, инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ Москваялъул бюроялъул нухмалъулев Брод Александр ва цогидал.