«Полициялъул постал дагь гьаризе ккеялде ниж кантIизарунин абизе бегьула жидерго иш лъикI лъаларел полициялъул цо-цо хIалтIухъаби сабаблъун гIадатиял гIадамазда квалквалал дандчIвалел рукIиналъул гIарзал гIемерлъи. Гьединлъидал, ракIалда буго гьединал бакIал цебетIураб техникаялдалъун хьезаризе ва гьезул кумекалдалъун гъалмагъирчагIи тIатинабулеб хIал букIинабизе», - ян лъазабунин Ченчикицайин хъвалеб буго «Интерфаксалъул» баяналда.
Гьебго заманалда Жанисел ишазул министерлъиялъул Шималияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетIераб идараялдасан щварал баяназда рекъон, ракIалда рагIула цогидал регионаздаса ритIарал полициялъул хIалтIухъаби гьединал постазда чIезариялдаса инкар гьабизеги. Гьедин гьабиялъе гIиллаги рагIула цогидал бакIаздаса ритIун рачIаразда бакIалда бугеб ахIвал-хIал ва гIадамазул гIамал-хасият лъангутIи.
«Гьединазул бакIалда лъикIаб букIинин ккола къотIи-къаялда рекъон бакIалъулал хIалтIухъабиго тезе», - ян лъазабуна Ченчикица.
Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда бицухъе, гьабсагIаталда гьеб киналъулго хабар букIин гурого, чIванкъотIун гьабураб хIукму рагIуларо. Гьединлъидал, гьелда баян кинаб бугониги баян кьезеги кIоларин абуна рехсараб министерлъиялъул пресс-хъулухъалда.
Амма гьеб масъала тIубазаби лъикIаблъун бихьулеб буго нижергун гара-чIвари ккарал цо-цо гIадатиял гIадамазда.
Масала, МахIачхъалаялдаса бизнесчи МухIамадов ГIисалмухIамадица бицухъе, некIого заман щун рагIула хIажат бугелъурги гьечIелъурги лъун ругел полициялъул постаздаса инкар гьабизе ва гьел жакъасеб къоялъе жаваб кьолеб техникаялдалъун хьезаризе.
МухIамадов ГIисалмухIамад: «Постазул гIемерлъиялъул бицун пайдаго гьечIин абизе бегьула. Гьел цIикIкIун рукIиналдаса ракIунтарав гурони чиги гьечIо. Гали бахъа-бахъаралъур ратула гьел. Мисалалъе, Россиялде щведал, цониги шагьар бугелъур цо-кIиго гурони пост батуларо. Дагъистаналдайин абуни гьел цIакъго гIемер руго. МахIачхъалаялдаса магIарухъе унаго батула Ι0-ниги пост. Пост гьечIелъурги чIун ратула полициялъул хIалтIухъаби. МахIачхъалаялдаса Буйнакскиялде буго 30 километр. Гьенибгицин буго 2-3 пост. Гьеб гуребги, постазда руго къватIиса рачIаралги. Нилъергоязухъа бажаруларогойищ бугеб гьаниб гIадлу-низам гьабизеяли лъаларо.
КъватIисел пачалихъазда нухаздаса гIебеде полиция бихьизего бихьуларо. Кинабго суал тIубала техникаялъул кумекалдалъун. ГIадлу хвезабураб хIужа ккани, камераялде бахъула ва рокъобе кагъат бачIуна гьадигIанасеб гIакIа кьезе кколинги абун. БитIахъе бицани, гьаниб бугеб хIал чIалгIун буго ва заман щун буго гIадлу гьабизе».
Амма МахIачхъалаялдаса бизнесчи МухIамадов ГIисалмухIамадица бицухъе, квеш ккараб жо бугила гьевго Ченчикил хIукмуялда рекъон, Чачаналда чIей гьабун рукIарал низам цIунулезул саламатаб къадар Дагъистаналде рехулеб букIинги.
Сергей Ченчик: «ХIакъикъаталдаги Чачаналдаса Дагъистаналде реххизе руго низам цIунулезул тIадеги 800 хIалтIухъан. Чачаналда бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьун гьединаб хIалтIи гьабунгутIиялъе щибго гIилла гьечIо. Щайгурелъул, гьабсагIаталда бищун хIалуцараб ахIвал-хIал бугелъулха Дагъистаналда»
Гьелда бан жиндирго пикру загьир гьабулелъул гьадинаб баян кьуна журналист ХIасанов Темирханица.
ХIасанов Темирхан: «МухIканал баяназда рекъон, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб управлениялъул хIалтIухъабаз май моцIалдаса нахъе хъулухъ гьабулеб буго Дагъистаналда. Гьеб управлениялъул сайталда бугеб баяналда рекъон, сентябрь моцI тIаде щвезегIан нилъер гьанире реххизе рагIула тIадеги 800 хIалтIухъан ва гьез хъулухъ гьабизе буго хал-шал гьаби тIоритIулеб полициялъул постазда. ЛъикIищ гьеб бугеб, яги квешиш бугебали абизе кIоларо. Амма Дагъистаналда расги лъикIаб гуреб хIал букIин хIакъаб буго. Гьеб хIал чуч гьабизе кIвезе бугищ командировкаялъ ритIун рачIараздайин абуни, гьеб нилъеда бихьизабила заманаялъ».
ХIакъикъаталдаги, цебеги, ай март моцIалда гIезегIан хабар букIана Дагъистаналде низам цIунулезул тIадеги къуват рехун букIиналъул. ХIатта абулеб букIана 20 азаргогIанасев чи вачIун рагIулиланги. Дагъистаналде тIадеги гьединаб къуват реххиялда бан баян кьолаго, Республикаялъул хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул советалъул секретарь БагIачилов МухIамадица лъазабун букIана гьеб бугила гIицIго ротация гьаби, ай цо бакIалдаса цогидаб бакIалда къуват рехи ва МугIрузулаб улкаялда къуваталъулал идарабазул хIалтIухъабазул къадар цIикIкIинабиялъул гIаламатлъун гьеб кколарила.