Ссылки для упрощенного доступа

Поэзиялъул театр щиб, гьеб жакъа кколеб?


Dagestan / Poetry theatre in Makhachkala.
Dagestan / Poetry theatre in Makhachkala.

МахIачхъалаялда кватIичIого рагьизе буго поэзиялъул театр. Гьеб рагьи хурхинабулеб буго Россиялда исана сон литератураялъул сонлъун лъазабун букIиналда. Театр гIуцIиялъул аслияб мурад бугин литератураялде ва тIахьал цIалиялде жамгIияталъул кIвар цIикIкIинабийилан лъазабулеб буго Дагъистаналъул Культураялъул министерлъиялъ. Амма экспертазул пикруялда гьеб иргадулаб, хвалие гьабулеб иш кколеб буго.

Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб къватIалда поэзиялъул Театралъе къачIалеб, цебе Пушкинил цIаралда бугеб гIолилазул библиотекалъун букIараб минаялда гьарулел хIалтIаби рагIалде рахъунел ругин лъазабулеб буго Дагъистаналъул Культураялъул министерлъиялда. КIитIаялаяб минаялъул тIоцебесеб тIалаялда букIине бугин выставкаби тIоритIулеб зал, кIиабилеб тIалаялда букIине бугин сценайин баян гьабулеб министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ. Гьеб театр гIуцIиялъул аслияб масъала бугин жамгIияталда жаниб литератураялде кIвар цIикIкIинаби, тIахьал цIалиялде ва поэзиялде гIадамазул рокьи бижизабийин лъазабулеб буго министерлъиялда. ГIаммаб куцалъ поэъзиялъул Театр рагьи хурхинабулеб буго тIолго Россиялдаго лъазабун бугеб литератураялъул соналда. Поэзиялъул театр рагьулеб букIиналда бан гIемерисел гIадатиял гIадамаз баян гьабуна жидеца жибго мина къачIалеб букIин гурого кIварго кьечIин щиб гьениб бугебали.

Жиндир заманаялъ МахIачхъалаялда рагьун букIанин Операялъулгун балеталъул театр, амма театр рагьунин Дагъистаниязул балеталде рокьи бижичIин абулеб буго журналист ва МахIачхъала шагьаралъул тарихчIужу Светлана Анохиналъ. Шагьаралъул тарихияб гьумералъул цо сипат букIанила Пушкинил цIаралда бугеб библиотекаялъул мина, гьабсагIатин абуни, балконалгун баллюстрабабиги тIаде ран гьеб хисизабун ва суризабун бугила. Поэзиялъул театр рагьизе кканани гьеб рагьизе хIажат букIине кколин, лъималазул ах лъимал гьечIони рагьулареб гIадинин рикIкIунеб буго журналисталъ.

Светлана Анохина: « Конструктивизмалъул стилалда бараб гьеб мина букIана басрияб МахIачхъалаялъул цо кесек. ГьабсагIат, шагьар бакьулъ балеб гьеб бакI цо чиясда ракIалде караб куцалъ бан букIин квеш буго, щайин абуни, тIалъиялде гIадамал рачIунел унел рукIуна, шагьаралда гIумру гьабун ругел гIадамал хутIула, жамгIияталда данд базе ккола гьединаб жо. МухIканлъулеб гьечIо, щиб гьениб букIине бугебалиги. МахIачхъалаялда руго гIурал сценабиги выставкаби тIоритIулел залалги. Дир пикруялда, гьенире гIадатиял гIадамал инго щакаб буго. Щив гьениве хьвадизе вугев? ХIал гьарун рачарал цIалдохъабийищ? КинабгIаги жо нилъер гьаниб гьабулеб буго рихьдае, тIаде рачIарал хIакимчагIазда бугилан бихьизе, гьебго заманаялъ, литератураялде рокьи бижизаби мурад батани, щай гьениб лъималазе батIи-батIиял секцияби ругел бакI рагьичIеб. ГьабсагIат МахIачхъалаялда гьечIо я поэзиялъул, я драматургиялъул, я художествияб исскусствоялъул кружок. Дир хIисабалда, гьел гIуцIани унго унгоги рес буго гIолеб гIелалъул рокьи бижизе литератураялде».

Советияб заманаялъ Дзержинского къватIалда букIараб Пионеразул рукъалда жанир рукIанила чанго батIиял секциял, гьенире киналгIаги лъималги хьвадулел рукIанила, гьабсагIат лъимаде цебетIей щвезе, гьеб бачун ине бакI гьечIин шагьаралда жанибилан абулеб буго цогидай журналист ХIажиева Аннаца.

Дагъистаналъул тIалъиялъ литератураялъулилан лъазабураб соналда жанир жидеца гьаб хIалтIи гьабунилан абиялъе гурого, тIокIаб батIияб пайда литератураялъе гьеб театралдаса букIин щакаб бугин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевасги.

МухIамад БисавгIалиев: « Дир пикруялда рекъон, гьеб Поэзиялъул театр абураб жо баялъ кинабгIаги хIасил кьезе гьечIо, щайин абуни, поэзиялъул гIадатал гьечIо Дагъистаналда. Поэъзиялъул театр гIуцIизе кканани къваригIуна кучIдул цIалулел актерал, хъвалел поэтал ва гIенеккулел гIадамал. ГьабсагIат кучIдул цIализеги бокьун, кучIдул хъвазеги бокьун къватIир хутIарал чагIи гьечIо, дир хIисабалда. ЦIалулез гьадинги цIалула ва хъвала гьел. Гьеб буго хвалие гьабулеб жо, дир пикруялда».

Литератураялъул сон лъазабунин абун гIадамазул 12 моцIида жаниб бачIун гьелде рокьи бижизе бугин рикIкIин бугила мекъаб пикру, сон лъазабун гуреб, комплексалъул хIалалда тарбия ва лъай кьеялъул система цIубазабиялдалъун тIубазе кколила гьеб масъалайин тIаде жубана гьес.

Культураялъул министерлъиялъ лъазабухъе, Поэзиялъул Театр рагьи букIине буго июнь моцIалда жаниб. Гьеб тадбиралда гIахьаллъизе руго республика тун къватIиса гьалбалги.

XS
SM
MD
LG