Гьелда нахъа руго "Справедливая Россия" партиялъул вакилзаби. Гьедин лъазабуна 12 февралалда гьеб партиялъул нухмалъулев ХIажимурад ГIумаровас. Гьадинги гIемерлъун гьечIищин Дагъистаналда союзалги, рагъа-рачариялги, цогидал руккалабигиян ЭР-ялъ кьураб суалалъе ХIажимурад ГIумаровас жаваб кьуна ругин гьел гIемерлъун , амма букIине кколедухъ хIалтIи гьабулел цолъаби гьечIого ругин.
"Справедливая Россиялдаса" гьеб цIияб гIуцIиялъул бугеб батIалъи гьенире бокьарал чагIи рачIине бегьи бугин бицана ХI. ГIумаровас. Гьелги рукIине кколила аслияб куцалда Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалда ракIунтаралги, гьелдаса рорчIизе нухал ралагьулелги гIадамал.
Гьеб данделъиялде ракIарал жамгIиял хIаракатчагIаз аслияб куцалда гьоркьоб лъун букIана ахираб заманалда Дагъистаналъе нухмалъи гьабизе Москваялдаса Дагъистаналде витIарав Рамазан ГIабдулатIиповас гьарулел ругел хиса-басиязулги. Гьел рази гьечIоан гьездаса.
Залалъуса гьаракь: "Цо чанго нухалда диванчагIазухъе ккарал, туснахъазда рукIарал гIадамазе кьун руго хъулухъал".
Гьедин батани, нужер хIисабалда гьенир рукIине мустахIикъал гIадамал щалинха журналистаз гьикъидал, гьелъиеги чIванкъотIун жаваб кьечIо гьез. Амма абулеб бугоан, спикерлъун тарав Хизри ШихсагIидовги, социалияб цебетIеялъул министрлъун тарай Такибат МахIмудоваги гурони батIиял чагIийищила гьенир тезе ратичIел Рамазан ГIабдулатIиповасда. Гьедин "Справедливая Россиялъул" вакил Руслан Расуловас абуна МухIу ГIалиев гьеб хъулухъалда вугеб мехалда гьесул васа тIубалаанила гьеб суал. мухIмадсалам МухIамадов вачIиндал, гьесул инсуца тIубалаанила, гьанже - Рамазанил дурцас гьабулеб рагIулила гьеб хIалтIи.
Амма республикялда руго гьеб пикруялда тIадрекъоларел гIадамалги. Масала, живго Рамазан ГIабдулатIиповас абун букIана дагьалъ цебе тIобитIараб Халкъияб Мажлисалъул данделъиялда цIиял министрал лъиениги рокьи -рокьунгутIиялъухъ гуребги ралагьизе кколила, республикаялда бугеб политикаги хIисабалде босизе кколила.
Лъаялдагун бажариялда бан гIадамалги хъулухъазда тун, Дагъистан хьуцIилъа бахъизе хIалтIи гьабулеб батани, жинца Р. ГIабдулатIиповасул рахъ кколин лъазабуна ХIажимурад ГIумаровас.
ХIажимурад ГIумаров: "КъватIир рукIаниги рагIулелъул Дагъистаналъул къадру-къимат гIодобе ккун букIин. Гьединлъидал къваригIун буго гьеб борхизабизе. Жакъа Дагъистаналъул къадру цо чияс борхизабуларо, кигIан цIакъав, къуватав дов ватаниги. Нусго чиясухъаги бажаруларо.
Дагьабниги иман-яхI бугев чияс хIаракат бахъизе ккола гьаб хIалихьалъиги чороклъиги тIагIинабизе. Гьелъие гIоло гьабун букIана нижеца Москваялда доб съездги, гIуцIулеб буго патритазул къуватазул цолъиги. Гьединго гIадамаздаги бичIчIизе кколаха жидецаго гьабураб гурони жидееги жидер лъималазеги батулареблъи...
Лъазе ккола рищиязда гIахьаллъизе кколеллъиги. Валлагь жинда бараб жо щибниги гьечIилан рокъор чIанани, унголъунги гьесда бараб жо гьениб щибниги батуларо. Жакъа гIемерисезул руго жидее рокьулел футболалъул, хоккеялъул командаби, речIчIухъаби. Гьезул рахъккун къватIи-къватIиреги уна. Гьединго Дагъистаналъе гIологи рахъаха, гьелъул рахъги кквей. Метерисеб къоялъ батулеб жо буго гьеб. Гьаб гIумру буго къокъаб жо.
Дагъистаналъе гIоло лъикIаб хIалтIи гьабулев чиясе квербакъи гьабизе ккола щив гьев ватаниги - министр, мухъалъул нухмалъулев, президент гьев ватаниги. ХIалихьатабги чорокабги жо гьабулев чиясдаги бадибе абизе ккола. На-никIкI гIадин гIемерлъун, чорокалщинал жал гьарулел ругел миллаталъул чагIи жо абичIогоги тун, гьезул кIалдире балагьун чIани, ракъуца хвелаха...".
Бицен гьабулеб данделъиялда гьоркьор лъун рукIана цойгидал суалалги. ХIажимурад ГIумаровас рагIи кьуна гьезул хIакъалъулъ кватIичIого Рамазан ГIабдулатIиповасда бицине.