Масала, битIун моцIалъ цебе республикаялъул парламенталъ тIоцебесеб цIалиялда гьоркьоб лъун букIана гьанжеялдаса хадуб Дагъистаналда президент халкъалъ вищиялда хурхараб къануналъул проект. Гьеб мехалда коммунистазул депутат МухIамадов МухIамадица абун букIана нахъисеб сессиялда гьоркьоб лъелалде тIаде жалги журан камилъизабизе ккелин гьеб, гурони щвалде щун гьечIин проект.
Амма 28 июналда гьаб сессиялда лъиданиги ракIалдего ккечIо гьелда тIасан пикру загьир гьабизе. Гьедин чанго минуталда жаниб къабулги гьабуна.
Дагъистаналда муниципалиял рищиязда гIахьаллъулел партиязул хъвай-хъвагIай гьабилалде цебе гIадамазухъа гъулбасал ракIарула. Къануналда рекъон, гьанже гьел къваригIине гьечIин абуна рищиязул комиссиялъул председатель Дибиров МухIамадица. Гьедин таманаб заман ана депутатаз жидецаго къабул гьарулел проектазда тIасанкIалъай гьабуларого. ЧIамучIго унеб сессия бакьулъе щведал республикаялъул нухмалъулевгицин нахъе ана гьениса.
Депутатазда гьоркьоб чIаголъи лъугьана республикаялъул буголъиялъул бицине министр ГIалиев Сефер цеве вахъиндал. Кидаяли республикаялдаги гьеб тун къватIирехунги машгьурал магIишаталги комплексалги банкроталилан лъазеги гьарун ричулел ругин бицана гьес. Масала, гьабсагIаталда банкротлъиялде ккун бугила пачалихъалъул анкьго идараги акциячагIазул цо гIуцIиги. Гъоркьисала банкротлъун лъугьун буго пачалихъалъул 12 идара, 2010 соналда - 9. Гьелда тIасан министрасе суалал кьолел рукIана коммунистазулгун Справедливая Россиялъул депутатал Авезовасгун Давдиевас.
Министрас гIодовиччан жаваб кьуна тIалаб гьабун, гIарац тIад хвезабун бажарулареб мал-мулкалдаса инкар гьабизе кколин пачалихъалъ, жиндаса лъикI гьелъул тIалаб гьабизе бажарулел чагIазухъе кьезе кколин.
Патриоты России партиялъул цевехъан Хидиров Эдуард вахъана цеве, цинги цIакъ хIалуцун кIалъана, гьаб жо жо гурин, пачалихъалъул буголъиялде пасалъи рещтIинабулеб бугила нужеца санайилго гьелъул буголъиги бичун. Халкъалда лъазе кколила лъие ва сундуе гIоло нужеца миллияб бечелъи щущахъ балеб бугебали.
Хидиров Эдуард: «Дун щибниги тасдикъ гьабулев чи гуро. Амма руго суалал чIванкъотIун кибе, кигIаналде, щиб бичарабали хIукуматалъ жаваб кьезе кколел. Гьединго къанун цIунулел идарабазги халкквезе ккела гьелда хадуб».
Гьединги абун Хидиров мисалал рачине лъугьана. 20 километралъул манзилалда ГIахъуща мухъалдасан бачараб газил рогIоро 41 млн гъурщиде бичун бугила нужеца, хIукуматалъ. Дагъистаналъул къилбаялъул рахъалдасан бачараб гьединабго рогIороялъул 18 километра 13 млн гъурщиде бичун бугила. Лъица гьел рогIрал росаралалиги гьел ричиялъе гIиллалъун щиб ккарабалиги бицейила. Министр ГIалиев Сеферица гьел рогIрал цIакъ басралъун рукIанила, къачIазе пачалихъалъул гIарацги букIинчIого, жидеца гьел Газпромалъе ричанила. Жибго республикаялъул хIукумат Газпромалда цебе 116 млн гъурщица налъукь ккун рагIула.
Гьеб роцIцIараб гIадаб мехалда парламенталъул спикерас Хидировасда бичIчIизабуна унголъунги гьеб миллияб бечелъиялда ургъел ккун букIун батани, кIиго моцIниги букIанин дуе парламенталъул данделъабазда гьелъул бицине.
28 июналда тIобитIараб сессиялдалъун Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъ жиндирго хIалтIи гьоркьоб къотIизабуна цо моцIалъ.