Ссылки для упрощенного доступа

Идрисов: чан росу мухъалда бугебалицин лъаларо бетlерасда


Н. Идрисов, жамгIияв хIаракатчи
Н. Идрисов, жамгIияв хIаракатчи

Казбек мухъалъул оппозициялъ хитIаб гьабулеб буго заманаялъ Дагъистаналъе нухмалъи гьабизе Москваялдасан витIун вачIарав Рамазан ГIабдулатIиповасде.

Гьез гьарулеб буго болжал ахиралде щвелалдего жидер мухъалъул нухмалъулев ГIабдула МахIачев хъулухъалдаса гIодов чIезавеян. Гьеб хитIабалда гъоркь гъулбас лъун буго "ВатIан", "Казбек" абулел жамгIиял гIуцIабазул нухмалъулез. Гьезул цояв ккола Идрисов Нургьамудин.
ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда гьеб хитIаб гьабиялъе аслияб гIиллалъун кканин кIалъай гьабизе МахIачев жидехъе кодове щунгутIи.

Идрисов Нургьамудин: "Дун гьесда хадув Эмиратаздейищ инев? дир ихтияр гьечIо гьесда хадув лъугьине. Дун ахIе бокьараб бакIалде, гьеб мехалда дица гьесие жаваб кьезе буго. Нижеца гьесда цере суалалги лъезе руго. 20 яги 26 къоялъ нижер жамгIияб багъа-бачариялъул данделъи букIине буго райцентралда.

ВачIа. Халкъалда цебе жаваб кье нижеца цере лъолел ругел суалазе. Квалквал гьечIо кинаб букIаниги. Гьудуллъи гьабуни тIадеги лъикI букIинин рикIкIуна дица. Щай дун гьесда данде чIезе кколев, гьес пайдаяб иш гьабулеб бугони. Гьелъул гIаксалда, кумек гьабила. Жакъа дида пайда бихьулеб гьечIоха, зарал гурони. ГIабдула МахIачев - гьев жакъа нижер мухъалда вугев турист ккола. Нижер дова гьавурав чи вугониги, цо сордо-къо доба барав чи гуро гьев. Гьев вуго Хасавюрталда гIурав, хадув МахIачхъалаялда гIумру гьабизе лъугьарав чи. Анлъго сон буго гьес нижер мухъалъе нухмалъи гьабизе лъугьун, амма цо сордо нижер мухъалда барав чи гуро гьев. радал сагIат 10-ялда довеги вачIуна, сагIат ункъоялда нахъеги уна. Гьесда нижер мухъалда чан росу бугебали лъалебгицин батуларо. ГьедигIанги нижер гIумруялдасаги яшавалдасаги ватIа тIурав чи вуго гьев. Дица гьеб бокьараб бакIалда абизеги абула".

Оппозициялъ ГIабдула МахIачевасде гIайиб гьабулеб буго гьес гIемерисеб мехалда хъулухъазде жиндирго росуцоял росулел ругилан, маданияталъул идарабаи къалел ругилан. Бищунго рахIатхвезабулеб бугила бюджеталъул гIарац бикъа-хъамулеб букIин. Гьебги кинабгIаги бугьтан гурила, цIех-рехалъул идарабаздаги лъалеб жо бугила.

Нургьамудин Идрисов: "50 млн гъурщиде бахун пасат гьабун буго бюджет. "Нецелевое", "несанкционированное"... абун хъван буго ревизиялъул документазда. Дунгун гаргазе кканани, дица цебе лъезе буго кIиябго ревизиялъул акталги".

Гьедин батани, Казбек мухъалда гIечIев, нужеца, оппозициялъ, рикIкIухъе, бакIалъул масъалаби лъаларев чи щайинха нухмалъулевлъун вищаравин гьикъидал, Нургьамудиница гьадин жаваб кьуна.

Нургьамудин Идрисов: "Депутатаз вищана гьев, "Единая Россиялъул" сияхIазда рекъон. Жибго программаги букIана гьесул лъикIаб. "ГодекIан" газеталда бахъун букIана гьеб - "ТIегьалеб Швейцариялде" сверизабизе бокьун букIана гьесие Казбек мухъ".

Рамазан ГIабдулатIиповасухъе хъвараб хитIабалъул хIасил ккелебищалиги лъалеб гьечIо оппозицияда.

Нургьамудин Идрисов: "Гьединабго хитIаб дица МухIамадсалам МухIамадовасухъеги гьабун букIана. Гьесухъе гьеб щварабищ щвечIебищали дида лъаларо. Жаваб щвечIо. Гьалъул къисматги кинаб ккелебали лъаларо. Дица абулеб буго тIоцебесеб иргаялда кIвар кьезе кколеб жоялъул - радал 10-ялда вачIун, бакъанида ун, моцIрол ахиралда харжал кьолеб мехалда гурони довеги ваккичIого рехун тун букIана гьес нижер мухъ. Араб соналда гIаммаб куцалда 20-25 къоялъ гурони вукIун ватиларо гьев хIалтIуда. Гьеб киназдаго лъала. Нуж бусурбаби ратани, гьеб тасдикъ гьабеян абила дица дозда. КIиабизе, нижер мухъалда гIумру гьабулеб буго 44 азарго чияс, 16 росуги буго. Росдал магIишаталъ хьихьарал чагIи руго ниж.

Гьаб анлъго соналда жаниб я Казбек мухъалъул администрациялъул нухмалъулев Саипов, яги росдал магIишаталъул бутIаялъул нухмалъулев, ялъуни восилин живго МахIачев - гьезул цонигиял цере рахъинчIо росдал магIишат цебетIеялъе квербакъулеб программаги кодоб ккун. Гуни, Гертма, Хубар ккола картошка лъикI бижулел бакIал. Гьезин абуни Ираналдаса картошка босула бичун... Росабазул магIишатал руго администрациялъ гуреб, жалго гIадамазул жигарчилъиялдалъун церетIолел ругел жал. Нижер дора ресал руго хурухъанлъигун гIи-боцIухъанлъи цебетIезабизе".

Идрисовас бицухъе, Казбек мухъалъул оппозициялда ракIалда буго гьаб гIагараб заманалда жаниб гьеб мухъалъул нухмалъиялде чи хIадуризе. ГьабсагIаталда гьединав чиясда цIар чIван гьечIо.

Казбек мухъалъул нухмалъулев ГIабдула МахIачев ккола цеве Москваялда Дагъистаналъул вакиллъун вукIарав, гьанже Гъизилюрт мухъалъул нухмалъулевлъун вугев ХIажи МахIачевасул вац.

ГьабсагIаталда ГIабдула МахIачевасдаго гIадаб дандечIей букIана гьесде щвезегIан гьеб хъулухъалда вукIарав ГIамир Азаевасда дандеги. БагIараб майданалда чIун пикетал гьаризе Москваялде щвезегIанги ун рукIана гьезул оппозициялъул вакилзаби.

Цебехун Нургьамудин Идрисовас бицаралъе жаваб щвезелъун ЭР-ялъ хIалбихьана ГIабдула МахIачевасухъе ахIизе. Амма тIатIала чанцIулго ахIаниги жаваб кьечIо гьес.
XS
SM
MD
LG