Временный росулъа гIадамаз ЭР-ялъе бицухъе, МухIамадзагьидги Султанги руго ислам-диналъул гIелмуялъе цIалун, чанго соналъ цере гIараб улкабаздаса тIадруссарал чагIи. Мажгиталда яги росулъ гьабулеб динияб ишалда хурхараб хIалтIуе кутакалда кумек букIунин жидее гьезулин бицана гIадамаз. ТIокIаб квешаб гIамал-хасият яги гIадамазе гьезул букIараб заралги жидеда лъаларила.
Гьелда тIасан ЭР-ялъе гьадин бицунеб буго Временный росулъа Идрис абурав чияс.
Идрис: «Хъвай-хъвагIай гьабизе араб бакIалъа рачун ун, кир ругелали лъаларин абулеб бугоха гьел кIигоял. ГIалимзаби ккола гьел. Цоясул рокъоб чIухь балаго унитаз бекун бугин рагIанаха. ЛъабтIалаяб минаялъуб бугеб унитазалъуб щиб жо букIине кколеб бахчун? 13 къокъа бачIана дир бакIалдеги чIухь базе. Гьезул хIалтIудасан дида бичIчIана цо хасаб тIадкъайги кьун гъолъул командир витIулев вукIин. Гьеб тIубанин ракIалде ккарабго, гъос байбихьула ине. Гурони, ралагьулел, ургъулел ратилаха батIи-батIиял жал. ГIисинпихъ (малина) буго дир 4 кв. метралда чIараб. Гьениб жаниб щиб бугебали бихьизе чIораз борлъана, мерхьана гьеб бакI гьез. Я, вац, анкьида жаниб лъабго нухалда лъалъалеб жо бугин дица гьебин вуго дун чIухь балесда. «Ну и что» ян вуго абулев. Цо-цо бакIалин абуни рачун экскаватораз рухъун… Щиб жо балагьулеб бугебали бичIчIуларо. Ярагъищ, вахчарав чийищ…».
ЧIухь балаго рокъоб бугеб къайи-цIаги цIарагIги гъурулеб бугин бицана Идрисица.
Идрис: «Хъирщулеб буго, хъирщулеб буго. Нагагь цо жидерго щаклъи бугел гIолохъабазулгун бухьен бугин ккарал чагIазул гъобаги цIакъго тIаде кIвар кьун хал гьабулеб буго. Телевизор бекулеб буго, унитаз бекулеб буго. Зарал гьабулеб буго. ГIисинал гIолохъабаз абулеб буго чвантинире патронал рехун, квешав чийин абураб цIар чIвазабилин дудагиян хIинкъизарулел ругила. Дунали 59 сон барав чи вуго, дие щибха эз гьабилеб».
ЭР: «Росу тIубанго сверун ккун, къватIиве чигойищ виччалев гьечIев?»
Идрис: «Гьаб нухалда гьабураб хIукму тIубанго бичIчIичIо дида. Руччабиги лъималги гьанирги тун, бихьинал Генуре айин абулеб букIана гьез. Гьединаб жойищин букIунебан, дун рагьтIаса кивего инчIо».
ЭР: «Щай нуж гьенире ине кколин абураб доз?»
Идрис: «Жидеда лъаларин абула нилъераз (аскарияз), гIурусаз жидеда лъазе толарила. ГIемерисеб жоялъе гьедин жаваб кьола.
Гьес бицунев кIигоясда – МухIамадзагьидидагун Султанида - тIадеги жеги кIигоязул къисматги лъалеб гьечIо. МуртазагIали ва ХIажи ккола гьел. Гьел кколин 60-лъе саналги рахарал тIарикъаталдаги ругел, дол церехун рехсарал МухIамадзагьидилгун Султанил динияб пикруялда нахъги рилълъунарел чагIиян бицана Временный росулъа гIадамаз.
ЭР-ялдасан жиндирго цIар бицине разилъичIев чияс абуна росулъ бугеб-гьечIеб жо къватIибе кьезе тарав цо чанго чи вугин кколеб бугин жидеда, гьезги жидеего къабулал гурел чагIазул цIарал рехсолел ругин низам цIунулезе.
Низам цIунулезухъа щварал баяназда рекъон, гьез гьеб мухъалда, гендерида гIагарлъухъ ралагьулел руго жидер щаклъи ккарал гIадамал. Гьелъие гIоло гъоркьанкьидаго къана ункъазарго километралъул манзилалда бараб гендерил тоннельги. 25 сентябралда тIубачIо низам цIунулез гьеб рагьизе кьун букIараб рагIиги. Гьелъул кутакалда санагIалъи гьечIо гьенисан мугIрузул ичIго мухъалде хьвадулеб транспорталъеги.