Ссылки для упрощенного доступа

ЦIияб сон: цоязе байрам, цогидазе…


Moldova - Illustration, Christmas tree, new year
Moldova - Illustration, Christmas tree, new year

ЦIияб соналъул байрам тIаде щолеб букIиналда бан, интернеталда битIахъе кор боркьарал бахIсал унел руго. Цояз рикIкIунеб буго гьеб байрам кколарин ва хасго бусурбабаз кIодоги гьабизе бегьуларин. Цогидазин абуни рехсолеб буго нилъ светияб пачалихъалда ругин ва светияллъун рикIкIунел байрамал кIодо гьарунилан щибго хвезе жоги гьечIин.

Дагъистаналъул ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул шураялъул данделъиялда кIалъалаго республикаялъул бетIер МухIамадов МухIамадсаламица лъазабуна тIолабго улкаялдаго гIадин Дагъистаналдаги цIияб сон кIодо гьабизе бугин. «Нилъ руго светияб пачалихъалда гьоркьор. Гьединлъидал, гьеб суалалда тIасан бахIсал гьаризеги кколаро. Гьеб байрам кIодо гьабиги диналде дандечIейлъун бихьизе кколаро», - ян абуна Дагъистаналъул бетIерас. Гьебги гьединалго цогидалги байрамал кIодо гьаризе бегьуларин абулездаги хIакъаб рагIи абизе кколин лъазабуна МухIамадов МухIамадсаламица.

Гьеб масъалаялда бан пикру цIехедал, Дагъистаналъул Динияб идараялъул пресс-хъулухъалъул вакил ГIумаров МухIамадрасулица абуна жинца гьеб байрам кIодо гьабуларила ва амма лъицаниги гьабугейилан абураб лъазаби Дагъистаналъул идараялъги абуларила. Бокьарас гьабилила гьеб кIодо, бокьичIес гьабичIогоги телила.

ГIалимчи ва МахIачхъалаялъул ГIахъущиясул къотIноб бугеб мажгиталъул имам ГIабдулагь-хIажица бицухъе, гьеб байрамалъул кьочIокье раккани щивав чиясда лъазе рагIула гьелъул бачIин цIадуе лагълъи гьабулездасан букIин. Гьединлъидал, бусурбабаз гьеб кIодо гьабулеб бугони, гьелъул магIнаги кколила гьезда релълъенлъи гьабизе хIаракат бахъилъун.

Мажгиталъул имам ГIабдулагь-хIажи: «Исламалда жаниб бугеб байрам гьеб гуро. ГъветIалда сверун свериялдалъун роххизе ккараб жо гьеб гуро. Гьелъул аслуги рагIула цIадуе лагълъи гьабулезул заманалдасан бачIараб. Гьеб къавмалда релълъенлъи гьабилъун ккола гьеб байрам кIодо гьабиги. Гьедин бачIараб хIадисги буго. Гьединазде гъорлъе ккечIого рукIинелъун кIодо гьабичIого тараб лъикIаб буго».

Гьеб масъалаялда бан интернеталдасан бахIсал гьарулезул цо къокъаялъ бачунеб далил буго берцинго кванил тепсиги гIуцIун, берци-берцинал чирахъалги ракун лъимал рохизаригIаги квешищ бугебилан. Масала, гьедин рикIкIунеб буго МахIачхъалаялдаса мугIалим МухIамадова ПатIиматица:

МухIамадова ПатIимат: «ЦIияб сон кIодо гьабизе бегьуларин абулезда дун разилъуларо. Щайгурелъул, цIияб сон бачIиналде ругьунлъунги руго, лъималги рукIуна рохун, жидеего сайгъатал щвезе рукIинги лъан. Дидаго бихьулеб буго дирго лъималазул букIунеб рохел, гьезие гIоло лъун буго накIкIигъветIги. Дида ккола гьеб батIаго байрам хIисабалда кIодо гьабизе бегьунгутIи гьечIин».

Амма гIалим ГIабдулагь-хIажил пикруялда рекъон, гьукъараб жоялдалъун лъимал рохизаризе бегьулеб рагIуларо ва лъимал рази гьаризейиланги абун гьеб байрам кIодо гьабиги гIантаб ишлъун кколеб рагIула.

ГIабдулагь-хIажи: «Нилъеца кодобе нус кьун, кIвекьмахх кьун рохизаруларогури лъимал. Исламалъ бищун кIудияб байрамлъун рикIкIунеб кIиябго гIидалъул къо буго. Гьеб кIиябго къоялъ щиб гьабуниги кириги буго, пайдаги буго. Гьеб заманалда жаниб гьареха лъимал роххизе».




ЦIияб сон кIодо гьаби ва гьабунгутIиялда бан пикру загьир гьабулаго, «Дагъистаналъул ГIолилал» газеталъул редактор ГIабашилов ГIабашица бицана жакъа нилъ светияб улкаялда гIумру гьабун ругеблъиги хIисабалде босун, улкаялъго кIодо гьабулеб байрамалдаса нахъе кIанцIун чIей жинда берцин бихьуларила.
ГIабашилов ГIабаш: «Бусурбабазе хIажатаб, гьез кIодо гьабулеб байрам цIияб сон гуреблъи киназдаго лъала. Амма жакъа гьелде данде хвалчен бахъизе жеги заман щун гьечIо. Щибаб жоялъе букIуна жинди-жиндир заман. Заман щварабго гьелдаса инкар гьабизеги бегьула. ГьабсагIаталда бугеб хIал хIисабалде босани, гьеб байрам байрам хIисабалда къабул гьабулелги, гьелдаса рохел загьир гьабулелги Дагъистаналда гIезегIан руго. Дицагоги, батIаго гьеб бегьулареб ишлъун рикIкIунаро».
Амма цIияб соналъул байрам байрамлъун рикIкIунеб гьечIо Шамил районалъул ХIебдаса Гъапуров Муъминица. Гьедин, цоязе бокьулеб, цогидаз рикIкIунареб байрамалда тIасан батIи-батIиял руго нижеца гара-чIвари гьабуразул пикраби.
XS
SM
MD
LG