Ссылки для упрощенного доступа

ЦIияв вице-премьер ва даимал хьулал


Лег Липатов, ДР-алъул цIияв вице-премьер
Лег Липатов, ДР-алъул цIияв вице-премьер

Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмалъулев хисулевлъун Нафта-Москва гIуцIиялъул генералияв директор Олег Липатов тIамиялда тIасан батIи-батIиял пикраби загьир гьарулел руго Дагъистаналдаса эксператаз. ГIемерисел божун руго цIияв хIакимасул кумекалдалъун республикаялде гIемерал инвестициял рачIине рукIиналда ва гьелъ халкъалъул ракIа-рахъинги лъикIлъилилан абураб пикруялда. Амма цо-цо жамгIиял хIаракатчагIаз загьир гьабулеб буго тIубанго батIияб пикру.

Миллиардер Сулейман Керимовасул божарав чи хIисабалда гьев хъулухъалде тIамун хадуб республикаялде тIадеги инвестициязул бачIин гIемерлъилилан рикIкIунезул цояв ккола Дагъистаналъул Политикаялъулгун Экономикаялъул институталъул нухмалъулев, политолог Дибиров ГIабдулнасирги. «Регнум» агентлъиялъе кьураб баяналда гьес абулеб буго Дагъистаналъул хIукуматалде вачIанин цIияв чи, гьунар бугев гIуцIарухъан хIисабалда гьесда лъикI лъалин Дагъистанги гьениб бугеб ахIвал-хIалги, гьединго цебегоялдаса нахъе гьес нухмалъи гьабулеб бугин республикаялда хIадур гьарулел ругел инвестициялъулал проектазеги. Экспертасул пикруялда рекъон, гьеб хъулухъалъ къуват кьезе буго Керимовасул Дагъистаналда бугеб позициялъе, амма щибниги бегьулареб жо жинда гьениб бихьуларилан тIаде жубалеб буго Дибировас.

Дагъистаналда цереккун хIадур гьарун рукIарал инвестициялъулал проектал гIумруялде рахъинчIолъи киназдаго лъалин, гьезул цебетIеялъе квербакъизе бугин Керимовасул чи хIукуматалъул нухмалъиялда гьоркьов вугониян рикIкIунеб буго Хадулаев Шамилицаги. Афгъанистаналъул ветераназул Дагъистаналда бугеб шураялъул нухмалъулев ккола гьев.

Дагъистаналдаса олигархазул жидедаго жаниб бугеб конкуренциялъги республикаялъул цеебтIеялъе квербакъилилан абураб пикру буго гьесул.

Шамиль Хадулаев, Афгъанистаналъул рагъул ветераназул цолъиялъул бетIер
Шамиль Хадулаев, Афгъанистаналъул рагъул ветераназул цолъиялъул бетIер
Хадулаев Шамиль: «Дица рикIкIуна гьанир ругел хIакимзабазулгун кинал ругониги гьоркьорлъаби рукIине гьечIин гьесул. Гьелдалъун лъихъаниги бажаризе гьечIо гьесде тIадецуй гьабун. Гьедин гьесие квал-квал букIине гьечIо гьаниб бугеб хIакъикъияб ахIвал-хIалалда тIасан бугеб баян Керимовасеги, хIажалъани живго президентасеги кьезе. Жалго олигархазда гьоркьоб конкуренция унеб бугилан дица абиялъул магIна букIана Керимовас батаниги, Зиявудин МухIамадовас батаниги республикаялъе гьарулел лъикIал ишазул мисалал гIезегIан рукIин. Батаниги гьеб конкуренция гьеб буго лъикIаб, пайдаяб рахъалдасан унеб. Керимовасул чи Дагъистаналъул хIукуматалде тIамиялъул суалалде тIад вуссунагоги нахъойги абила дун божарав вуго гIемерисез гьеб лъикIаб хабар гIадин къабул гьабунин абураб пикруялда».

Амма жамгIияв хIаракатчи Сулейман Уладиев рази гьечIо хас гьабун я Дагъистаналъе, я гьелъул халкъалъе гьеб хъулухъалъ пайда кьелилан абураб жоялда. Дагъистаналъул нухмалъуде МухIамад Салам МухIамадов тIамиялъе бищунго квербакъарав чи кколин Сулейман Керимов. Гьел цоцада данде ругел чагIи гурин, цохIо чагIи кколин. Дагъистаналъул нухмалъулесул рищиял тIаде щвелалде цебеккун гьабулеб хIадурлъи гIадаб жо бихьулин жинда гьезул, кIванани МухIамад Салам МухIамадов гьенивго хутIизавизе, кIвечIони жидерго командаялъул чиясе гьениб гъоркьбакI хIадурлъулел ругин гьел.

Уладиев Сулайман, жамгIияв хIаракатчи
Уладиев Сулайман, жамгIияв хIаракатчи
Уладиев Сулейман: «Лъаялъул, бечелъиялъул, гIадамаздехун бугеб бербалагьиялъул, яхI-намусалъул – сундулго рахъалдасан босаниги гьел руго цохIого чагIи. Керимов батIалъи гьечIо, гьес нухмалъуда тарав МухIамад Салам батIалъи гьечIо цогидал хIакимзаби батIалъи гьечIо гьезул буго цохIо мурад - жакъа цо миллион щвани метериса гьелъул бакIалда анцIго букIинаби, цо миллиард доллар батани метер 10 миллиард щвезе тIалаб гьаби. Гьеб буго гьезул мазгьаб, гьезул гIакълу, гьезул хIакъикъат. Гьелъ цинги жидеего щвараб хъулухъги кодоре щварал хIукуматалъул идарабиги жидерго бечелъи цIикIкIинабиялъе гIололъун хIалтIизарула гьез, жидеца нужее гIарац щолеб бакIал рагьизе ругин, хIалтIаби кьезе ругин маргьаби нилъееги рицун. Узухъда хIалтIизарулел руго гьез нилъ, амма жидеего гIарац щвезелъун».

ЖамгIияв хIаракатчи ГIисал МухIамад Набиевасда щибниги сурараб жо бихьулеб гьечIо гьеб хъулухъалде Керимовасул чи тIамиялъулъ. Дагъистаналъе хIажат бугин гIарац, гIемерал масъалаби тIуразе ккани гIарац гьечIого бажаризе гьечIин. Гьалдаса цебе абуни Керимовас бихьизабунин халкъалъе кумек гьабизе бокьани жиндица гьеб сундухъниги балагьичIого гьабулеблъи. Гьелъие мисалалъе гьес рехсана санайил рахIмуялъулаб кумек хIисабалда щибаб районалдаса щибаб росулъа, шагьаралдаса нус- нус чи хIежалде витIараб куцги, тIолабго Дагъистан рохараб иш кканин гьесул хIаракаталдалъун, гьес къайимлъи гьабизе байбихьаралдаса МахIачхъалаялъул «Анжи» клубги цIияб борхалъуде бахин. Гьединлъидал гьалдаса хадубги Дагъистаналде гIарац биччазе батаниги Керимовас гьеб харж гьабулеб куцалда хадуб халкквезе чиги къваригIуна гурищин гьесие, гьедин тIамулев чи вугилан кколин жиндаги Олег Липатов гьеб хъулухъалде:

Набиев ГIисалМухIамад: «Гьес жиндирго команда гIуцIулеб батани биччанте гIуцIизе, гьеб команда нилъее дандеккола. Дагъистаналъул жиндирго гIарац гьечIо, гьеб гIарац щвезе, гьеб хIалтIизабизе мурадалда лъолев вуго гьев хъулухъалда. Щай гьеб бегьулареб? Дагъистаналда гьанжелъагIан щибниги гьабун лъугьинчIо, щиб гьабун лъугьинеб гIиязда гьоркьоб бацIал гIадаб ахIвал-хIал гьаниб букIаго. Гьаниб батIияб буго иш. Гъосда хадубин абуни буго потенциал, гъосда хадур руго чагIи, гъосда хадуб буго гIарац. Гьеб битIун хIалтIизабизе, бикъичIого, хъамичIого букIине гIололъун хал кквезе тIамулев чи ккола гьев дида бичIчIухъе».

Бугониги, жамгIияв хIаракатчияс хадубги абуна цIияв чи хIукуматалъул нухмалъиялде яги цогидаб жавабияб хъулухъалде тIамидал нилъ цо божигун ралагьун рукIунин лъикIал хиса-басиязухъ, амма зодоса вахIю рештIаниги Дагъистаналда гьалдаса хадуб ахIвал-хIал роцIцIинилан абураб жоялда живго божуларин. Кингоги божилъи лъугIаниги хьул хутIолин, хьул бугинха кинабго лъикI букIинилан.
XS
SM
MD
LG