АхIмад АхIмадов: «Ун рукIана ниж ТIадегIанаб диванханаялдеги, щиб кинали лъазегIанцин чIечIого ццидалъ аIхдезе лъугьана диванчи, нижеца къотIараб хIукмуялда рази ратичIони рохьоре ине бегьилила нуж ярагъги босун, ритIухълъи чIезабизе. Гьедин абуна тIадегIанаб диванханаялъул диванчияс. Гьелдаса хадуб нижерго ихтияр цIуниялъул мурадалда хъвадаричIеб бакIги хутIичIо, амма лъицаниги гIинтIамичIо. Прокуроралги руго чIандаби хIалел, цIех рехалъулаб комитеталъги щибниги хIалтIи гьабулеб гьечIо. Гьа, бицеха тIокIабги щибха дица гьабилеб?».
Гьалдаса хадуб щиб гьабизе дуда ракIалда бугебан гьикъидал гьадин жаваб кьун буго гьес.
АхIмад АхIмадов: « Путинихъе щвезегIан ина, гьес тIаде къабул гьавизегIан Москваялда вукIина гIумру гьабун. Гьелъул жо ккечIони цIаги гъун дунго дицаго вухIила! ГьебмехалдагIаги божилел ратила гьел!».
ТIадехун бицен гьабулев Артур Исрапиловас Киров мухъалъул диванханаялде хъвараб гIаразаялда абулеб буго рехсараб хIужаялъул хIакъалъулъ макъала бахъиялдаялъун, «НВ» газеталъ жиндир къимат гIодобегIан гьабун бугилан.
«Настоящее время» газеталъул бетIерав редактор хисулев Рулан Гереевас абуна щибниги инсанасул къадру къиматалда хъитIулеб мухъ жидеца гьениб бахъичIилан, гьеб букIанин гIадатияб гьанжесел тIалабазда дандекколеб жанралъул макъала. Гьебни гьедин телаанин, бищунго гIажаиблъизарунин гьез гьеб киналъулго гьоркьоб заман ун хадуб бицине байбихьидал. Газеталдаса макъала къватIибе кьун букIанин апрель моцIалдаго, гьелдаса хадуб чанго моцI индал щайин гьез гьелда тIасан ахIи хIур балеб бугеб, гьеб бугин жинда бичIчIуларогоян абуна Русланица. Гьел сунда бугониги рази ратичIони щайин гьел рачIинахъего жидер газеталде рачIинчIел кинабго рагьун бицине:
Руслан Гереев: «Мисалалъе духъан батIа гьабун буго цояс щиб букIаниги, дуца хъван буго гьелъул хIакъалъулъ газеталде, духъа жо батIа гьабурасги хъвазе ккола газеталде щай гьес гьединаб иш гьабурабали, гьеб гIадатияб жо ккола, практикаялдги гIемер дандчIалеб. Гьес бицунеб гьечIони щай жинца гьеб иш гьабурабали, гьебмехалъ рагьун абизе нух буго гьес къануналда дандекколареб, бицине бокьичIеб иш гьабун букIин, щайгурелъул къануналдаги божулев чияс гьелдаса шибниги бахчизе рес гьечIелъул. ДагIба гьечIо, гьесие жив витIарав вугилан абизе бокьун батани гьабсагIатги рес буго газеталда гьелъул хIакъалъулъ хъвазе, нижеца инкар гьабулеб гьечIогури гьелдаса, халкъиял инфомациялъул алатазул хIакъалъулъ къануналъги гьебго тIалаб гьабула нижедаса. Редакция кидаго хIадур буго гьелъие квербакъи гьабизе, амма гьечIелъулха гьезул рахъалъ цониги нижехъе битIараб гьединаб хIужа».
Руслан Гереевас хадубги тIаде жубана гьабсагIат Дагъистаналда хутIун гьечIин абизе бегьулин гьедин инсанасул ихтияр цIунун эркенаб пикру къатIибе кьолеб басма. Жидер газеталъ гьеб масъала кидаго тIубазеги гьабулин, гьалдаса хадуб сункьаго хIикъичIого тIубазеги бугилан бицана гьес:
Руслан Гереев: «Нижер газеталъ кидаго рес кьола щибго мухьги тIалаб гьабичIого эркенаб пикру загьир гьабизе бокьарав чиясе. Бокьарав чиясул ихтияр буго рагьун жиндирго бугеб бербалагьиялъул нижер басмаялдасан бицине ,гьелъие гьединго ихтияр кьун буго республикаялъул конституциялъги ,гьединго халкъиял информациязул рахъалъ хIадур гьарурал киналго къануназги. Дунялалда киса кибего хIалтIизабула гьеб практика, къануналде дандекколареб жоги гьениб щибниги гьечIо. гьединлъидал ниж ракIчIун божарал руго нижецаго гьабулеб хIалтIуда, газеталъул нухмалъиги хIадур буго хадубккунги сункьаниги хинкъичIого церехун ине. Гьединго бахчун щиб гьабилеб, ниж церегосел клиентал ккола республикаялъул нухмалъиялъул, гьеб цIияб жо гуро, гьединлъидал гIажаиблъи гьабизе ккараб хIал букIинанан, ниж гьез диваналде кьун рукIичIелани».
Русланил ракIчун буго гьаб нухалдаги республикаялъул диванханаялъ жидер рахъ кквезе гьечIолъиялда. Гьаниб ракIалде щвезабизе ккола гьаб соналъул апрель моцIалда республикаялъул нухмалъулесда хъитIулеб макъала бахъунилан диванханялде кьун букIана «НВ» газета. «Кавказалъ чIел босулеб буго» абураб Черновик газеталъул йикIарай бетIерай редактор Надира ГIисаевалъ хъвараб макъала букIана гьеб. Доб мехалъги гьадабго МахIачхъалаялъул Киров Мухъалъул диваналъ анцIазарго гъурущ гIакIа къотIун букIана газеталъул бетIерав редактор Милрад Фатулаевасда. Гьединлъидал гьезда ракIалда буго жидерго ихтияр цIунун россиялъул тIадегIанал диваназде ине.