Ссылки для упрощенного доступа

МВДялъ дактилоскопиялде ахIулел руго дагъистаниял


Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабулеб буго дагъистаниязул килщазул расеназул база гIуцIизе бугилан. Жидеего бокьун рачIун кьезе кколила гIадамаз гьел баянал, гьеб база гьезие кумекалъе гIуцIулеб бугила, лъай-гIакълуялдаса ун, риларал чагIи щалали чIезабизе, терракталда лъукъарал, чIварал лъазаризе рукIине гьабулеб иш бугин гьебилан абулеб буго низам цIунулез. Гьел баянал ракIари инсанасул ихтиярал хвезаби бугин, нилъер къуваталъул идарабаз гьеб баянал гIадамазе квешлъиялъеги хIалтIизабизе бегьулин абулеб буго цо-цо адвокатазги жамагIатчагIазги.

ГIагараб заманалда Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ байбихьизе буго республикаялда гIумруг ьабун ругелщинал гIадамазул килщазул расеналги ракIарун гьезул хасаб база гIуцIизе. Цебехун рехсараб министрелъиялъ лъазабулеб буго гIадамазе жидеего бокьун гьабизе кколила гьеб тадбир, гьел баянал низам цIунулезухъ ругони халкъалъе пайда гуреб жо букIине гьечIин лъазабулеб буго гьез. Масала, гьел килщазул расеназ кумек гьабизе буго риларал лъимадул эбел-эмен ралагьизе, лъай-гIакълу тIагIун хутIарал чагIи щалали чIезаризеги кумек гьабизе бугин гьелго баяназилан лъазабулеб буго къуваталъул идарабаз.

Террактазул къурбаналлъун ккарал гIадамал щалали чIезарире кумек гьабизе бугин гьел килщазул расеназиланги лъазабулеб буго гьез. Гьел баянал щулаго цIунун рукIинеги ругин, къуваталъул идарабазул хасал хIалтIухъабазухъе гурони щвезе гьечIин гьелилан лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ. Гьел баянал полициялде кьезе кколел руго гьитIинал лъималазгицин, 14 сониде рахинчIел лъималазда цадахъ ва ине кколел руго гьезул умумул, гьединго гIажизал чагIиги гьезул гIага-божаралгун цадахъ ине кколел руго гьел килщазул расенал кьезе. Цин гьел церехун рехсарал баяналги кьун, хадусала гьел базаялдаса нахъе росизе бокьани, гьев чиясеги щибниги квалквал гьабизе гьечIин лъазабулеб буго гьез.

Амма дагъистаналдаса жамагIатчагIи ва инсанасул ихтияралцIунулел дандечIчIун руго полициялъул гьеб киналго дагъистаниязул килщазул расеназул база гIуцIиялда. Гьеб ишалъ инсанасул ихтияралги, россиялъул конституцияги хвезабулеб бугин лъазабулеб буго гьез.

Дагъистаналдаса жамагIатчи ва инсанасул ихтиярал цIунулев Шамилов МухIамадил пикруялда рекъон гIадамазда тIадаб гьечIо гьел килщазул расенал полициялде кьезе. Низам цIунулездехъун божилъигьечIолъи загьир гьабулеб буго гьес, гьел баянал жидеего данде кколарев чиясде данде, гьесие квешезе хIалтIизаризе бегьулин лъазабулеб буго гьес.

МухIамад Шамилов: «Гьеб полициялъ килщазул расенал киназухъаго ракIаризе кколин абураб баян гьеб къануналде тIубан данде кколареб жо буго. Лъица ихтиярги кьун гьез гьел тадбирал тIоритIизехъин ругел. Гьеб буго гIорхъолъа араб, инсанасул ихтиярал хвезарулеб иш. Гьел килщазул расенал гуребги экстремистазулгун гIагарлъи бугила, хурхен батизе бегьулин абун низам цIунулез жидедаго лъикIин ккаралщинал чагIи хасал сияхIазде росун, гьезул ДНК чIезабизе материал босун, суратал рахъун нилъер низам цIунулез чанги чиясул рахIат хвезабуна. Гьебги буго инсанасул ихтиярал хвезари, щиблниг такъсир гьес гьабун гьечIони, гьел тадбирал гьесие жиндиего бокьани гурони тIоритIизе гьукъун буго. Амма нилъер гьаниб цохIо низам цIунулезул къанун гурони хIалтIулароха.

Гьедин цохIо ахирал саназда низам цIунулез 40 азаргогIан чи восун вуго гьел жидерго хасал сияхIазде. Гьединал хIалихьатал жал гьарун, жалго гIадамазда рихинарулел руго гьел къуваталъул идарабаз. Дагьав цевегIан цIияб Хушеталда чIварав гьезул бакIалъул полициялъулас исана соналда жанив гьеб хасаб сияхIалде восун вукIун вуго 700 чи. Гьелгиха киданиги кинаб букIаниги такъсир гьабичIел, гьабуразулгун хурхенгицин гьечIел чагIи. Гьеб иш гьабизе тIамун вуго гьев Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул тIалъиялъ, гьезие гьаниб гетто гIуцIизе къваригIун буго. Гьез гIуцIулел сияхIалги, гьарулел базабиги гьеб буго гIадамал инжит гьари,гьесул ихтиярал хвезари. Гьединлъидал дица абулеб буго киназдаго нуж гьел килщазул расенал кьезе унгейилан, щай гурелъул гьел баянал киб бакIалда щиб гьабизе низам цIунулез хIалтIизарилелали жеги лъаларилан».

Адвокат Исрафил Гададовасги «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда баян гьабуна киналго чагIи гьел килщазул расенал рахъизе ине кколин низам цIунулез аби гьеб къанун хвезаби бугилан.

Исрафил Гададов: «Россиялъул къануналда рекъон, чияс такъсир гьабун бугони, гьесда цIехезе кколаро бокьун бугищ гьесие килщазул расенал кьезе яги сурат бахъизе, яги цойги кинал рукIаниги гьесул баянал росизейилан. Гьес разилъиги кьечIого росизе бегьула гьел баянал. Цойгидал чагIаз жидеего бокьичIого гьел баянал кьезе кколаро, гьел кьезе тIами ва ахIиги гьел къанун хвезаби ккола. Нилъер гьаниб жидеего бокьун гьел баянал кьолел чагIи рукIунарин абизе кIола дида. Гьел кьезе унелги низам цIунулез тIадецуй гьабун ритIула гьенире».

Кида гьел килщазул расенал ракIаризе байбихьизе бугебали Дагъистаналъул къуваталъул идарабаз жеги баян гьабулеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG