Ссылки для упрощенного доступа

Каспийскалъул мажгиталде полициялъул иргадулаб гьужум


Каспийск.Аслияб мажгит. Какдаса хадур полициялъулаз гьениса рачун ана гIадамал.
Каспийск.Аслияб мажгит. Какдаса хадур полициялъулаз гьениса рачун ана гIадамал.

Гьал къоязда Каспийск шагьаралъул мажгиталде как базе вачIарав чанго чи жидерго идараялде вачун вукIана полициялъул хIалтIухъабаз. Гьелъие гIиллалъун ккун буго мажгиталда кьвагьулеб алат лъеялъул хабар букIин.

Амма гьеб лъазаби гьересияб батанин хъвалеб буго рехсараб хIужаялда тIасан кьураб баяналда. Каспийскалъул полициялъ инкар гьабуна рехсараб хIужаялда тIасан Эркенлъи радиоялъе кинал ругониги комментариял кьезе. Гьелъул хIалтIухъабаз гIицIго абуна жидеца полициялде вачунин дагьабниги жиндехун щаклъи ккарав чи - батIалъи гьечIого гьев чи щив вукIаниги. Амма цогидаб баян кьезе гьел разилъичIо.

Рехсараб мажгиталъул имамасги инкар гьабуна Эркенлъи радиоялъулгун гара-чIвари гьабизе. Шагьаралъул бищунго кIудияв имамасул изну гьечIого жинда кIоларин рехсараб хIужаялда тIасан кинаб бугониги баян кьезеян чIана гьев. Полициялъул хIалтIухъабаз рачун рукIарал гIадамалгун кIалъазеги рекIее гIечIо гьесие - мажгиталде рачIунел гIадамал жалго тейин, гьезда хурхараб жо щибниги гьечIин гьенибан абулеб букIана имамас.

Кин бугониги, Эркенлъи радиоялъе баян кьезе разилъана Муса абурав гIолохъанчи. Полициял рачIараб сордоялъ как базе мажгиталде рачIаразда гьоркьов вукIана гьев. МаркIачIул как базе кинавниги 70 гIанасев чи вукIанин жидер гьениве вакIарунилан бицана гьес. Гьеб сордоялъ гьениве вачIине кколаанила Избербашалдаса Камил абурав цIаларав чиги.

Муса: «Дида бичIчIулеб букIинчIо щиб ккарабали. Как базе киналго данде ракIарун рукIана гьенир. Избербашалдаса Камилги вачIине кколев вукIана гьение вагIза гьабизе. Амма гьеб гьабичIо гьеб сордоялъ. Полициялъулазе къваригIун букIана ниж какги бачIого къватIире рачIине. Амма нижеца инкар гьабуна гьелдаса. Нижер цояс абуна гьанир хвезе къотIи батани нилъер, гьанир хвезеги ругилан. Гьелдаса хадур полициялде рачана ниж ва байбихьана цо-цоккун сурав босизе. БитIун бицани, рекIее гIечIо мажгиталдеги рачIун гьез гьабураб пиша. Дида бичIчIараб бакIалдаса гIебеде, гьеб букIана мажгиталде рачIунел чагIи - кивехун щив вугевали - лъазелъун ургъунго гьабураб хIалтIи».

Мусада цадахъ вукIарав гьесул гьалмагъ СагIидицаги абуна полициялъул хIалтIухъабаз гьеб къоялъ бихьизабунин тIасанккараб пиша гьабизе жидеда кIолеблъи. РакI-ракIалъ Аллагьасдаги божулев, иман бугев чи гьезда гьоркьов вукIаравани, гьеб хIалтIи гьез гьабизе букIинчIилан абуна гьес рази гьечIого.

Бицен гьабулеб мажгиталде рачIунел гIадамазул цIикIкIарасеб къадар салафитазул бугилан рикIкIуна шагьаралда. Мисалалъе, Каспийскалда гIумру гьабун вугев Гъуниб мухъалдаса Абакаров МухIамадица абуна Эркенлъи радиоялъе гьеб мажгиталде унел чагIи бацIцIадаб исламияб нухда ругел гIадамал кколарилан.

МухIамад Абакаров: «Мажгит бокьараб букIине бегьула. Мажгиталде вачIине щивниги гьукъун гьечIо, бусурманчи гьениве инеги ккола. Амма гьенире унел чагIи руго батIияб гIакъидаялъул гIадамал - мугжул тарал, къокъал тIажалги ретIун, михъалги кIкIван. Гьез миллат гьабуларо ракI- ракIалъ Аллагьги рекIелъ ккурал чагIазул, тIарикъаталъул нухда хьвадулел чагIи рикIкIунаро гьез, жалго гурони. Аллагьасде иманги лъечIел, исламияб бичIчIиги щвечIел чагIи руго гьеб мажгиталде унел чагIазул 80-90%. Гьелги, аслияб къагIидаялъ, гIолохъанаб гIел».

Каспийскалда мажгиталде рачIараздехун полициялъулаз гьединаб бербалагьи загьир гьабураб тIоцебесеб хIужа гуро гьеб. Мисалалъе, гьаб соналъул апрелалда полициялде рачун ун рукIана Каспий-Лада абураб автомобилал ричулеб тукадул азбаралда бугеб гьитIинабго мажгиталдаса чагIиги. Гьелъие гIиллалъун рехсолеб букIана гьеб мажгиталъул имамлъун вукIарав гIолохъанчи изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гьоркьове ин.
XS
SM
MD
LG