Миллатазда гьоркьор бухьенал щула гьариялъул мурадалда Дагъистаналъе гьаб соналда биччазе рагIула 48 миллион гъурущ. Гьединаб баян кьолеб буго Миллиял суалазул, къватIисел бухьеназул ва информациялъул министерлъиялъ. Гьеб гIарцул 37 миллион гъурущ биччазе буго федералияб программа цебетIеялъул мурадалда кьураб субсидиялда рекъон, хутIараб 10 миллион биччазе рагIула республикаялъул бюджеталдаса.
Гьеб гIарац харж гьабизе рагIула «Россиялда Кавказ» абураб кIудияб форум тIобитIизеги, миллиял суалазул хIакъалъулъ мониторингалъулал цIех-рехал гьарулеб центр гIуцIизеги, дагъистаналъул радио цебетIеялъеги ва Дагъистаналда хъазахъазулин абулеб центр гIуцIизеги, гьединго Гъизляр шагьаралдагун Тарумовка мухъалда кадетазул школа рагьизеги.
Амма Дагъистан гIадаб кIудияб гьечIеб републикаялъе гьеб гIарац цIакъго гIемер гьечIиш миллиял суалазул хIалтIи рагIалде бахъиналъе ва абизего гьедигIан нахъеккун бугищ миллиял гьоркьорлъаби рукIалиде рачIиналъул иш? Гьеб суал кьуна нижеца Миллияб политикаялъул, информациялъул ва къватIисел бухьеназул министр хисулев Ильясов Зикрулагьие.
КIудиябги гьитIинабги гIарцуца борцунеб къагIидаялъ букIонарин миллатазда гьоркьор бухьенал щула гьариялъул хIалтIиян абуна гьес «Эркенлъиялъе» ва гьеб гIарац харж гьабизе бугеб куцалъул гьадинаб баянги кьуна.
Ильясов Зикрула: «Миллатазда гьоркьоб рокьухълъи цIикIкIуна цоцазул гIолел гIоларел рахъал цIикIкIун рукIиналъ гуреб, экономикиял ва социалиял шартIал тIуран гьечIолъиялъ цикIкIун цебе рехула гьеб. Гьел шартIал церетIезаризе гIарац цIикIкIун букIунилан гIадамазул гьелдехун бугеб бербалагьиги хисула. Мисалалъе гьанир ругел гIурусазул гIумру лъикIлъизабизе ва гьанире рачIунезул ящав лъикIлъизабизе хIадур гьабураб хасаб программа буго.
Гьеб программаялъе биччан буго I00 миллион гъурущ. Гьелда рекъон Тарумовка, Гъизляр мухъазда раз руго школал, асли-ахал ва гьел гурел цогидалги социалиял идараби, гьединал шартIал хIадуризе биччараб гIарац гIемер бугиланги кинха абилеб?».
Нижеца Ильясов Зикрулагьида гьединго гьикъана гьел хъазахъазул централ абураб жо хIадуризехъин бугин дагъистанлда, гьелъул кIудияб хIажалъи бугищ жакъа республикаялъе, гьел хIадурани цогидал миллатазул вакилзабазул тIасанкIалъаял щвани гьезие кьезе кинаб жаваб нужер бугебилан.
Гьединал централ хIадуреян улкаялъул нухмалъулес кьураб тIадкъай бугин киналго регионазе, гьел хIадуризе кколел ругин Дагъистаналдаги, гьеб гуребги гьел нижеца гIуцIичIони, гьанир хъазахъазги абизе буго гурищ нижеда, дора цогидал регионазада ругездаса нижер къураб жо щибин бугеб ниж гьедин нахъе цузе ккани.
Жакъа кинаб бугеб Дагъистаналда миллиял бухьеназул рахъалъ статистикаялъ кьурал баяназул хIисаб, гьел рагъдайиш ругел яги гIаксалда цогидал миллталъул вакилзабаздехун дагъистаниязул гIадатияб, гъорлъ рокьукълъи гьечIеб бербалагьийищин бугебилан гьикъидал «Эркенлъиялъе» баян кьолаго Дагъистаналхул гIелмияб централъул социолигиялъул бутIаялъе нухмалъи гьабулев ГIабдулагъатов Заидица абуна рукIа-рахъиназул суалазда жаниб хинаб бербалагьи бугин киназулго цоцазде, амма гIемерал соназ хIалуцараблъун хутIулеб бугин ракьул суал. Гьелъие мисалалъе гьес рачана Караман абураб ракьул бутIа сабаблъун маслихIаталде рачIинчIого, чанго соналъ дагIбаялда ругел тумалги лъарагIалги.
ГIабдулагъатов Заид: «Караманалда гIумру гьабулел лъарагIазул суал буго захIматаб хIалалда. Амма гьеб гьенир гIумру гьабун магIарулал яги цогидал рукIиналда гуро бараб бугеб. Бараб буго гьенир ракьул суалал гIезегIан соназ кин тIуралел рукIарал абураб суалалда. Кин тIуралел рукIарал?».
Миллатазда гьоркьор ругел бухьенал лъикIлъизариялъул мурадалда биччараб гIарац цебеги букIанин, амма гьеб хIажатав чиясе щун букIарабни чанги мискин цевего живго бетIергьанаб мина-мулкги щун вукIинаанин, амма гьеб цо хасаб къапилаялъул кисинибе анилан бицана ГIабудалгъатовас хадубги. Гьабнухалъ биччараб гIарцул къисматги гьединабго ккеладаян щакал пикрабазда вуго социолог.