Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабулеб буго оперативияб информация щун букIанин жидехъе 30 сентябралда. Гьелда рекъон, Чонтаул росдал ЦIиял планал абураб бутIаялда бугеб минаялда жанир изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъа бахчун букIун буго. Гьебго къоялъул сардил мехалда росулъе щун руго рагъулал ва цоабилеб октябралда радал цудунго сверун ккун буго гьез мина.
Жанир ругезда ярагъги гIодоб лъун кверде рачIаян абулеб букIанин лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ. Амма изну гьечIого яргъидгIуцIараз гIинтIамун гьечIо низам цIунулезул гьариялда.
Радал сагIат анкьго тIубараб мехалда минаялда жаниса кьвагьдей байхъун буго. Данде низам цIунулезги кьвагьдон буго. Ккараб кьвагьа-гIанхъиялда изну гьечIого яргъид гIуцIаразул цояв чIвана. Автоматазул сихI къотIиндал низам цIунулез цIидасан гьарулеб букIана кверде рачIаян, амма диалогалъул жо ккечIо.
Къадеялда нахъе рагъулазул къокъаялъ минаялъе гьужум гьабуна – хасаб операциялъул аслияб бутIа байбихьана. Гьеб бутIаялда минаялда вахчун вукIарав цогидавги чIвана.
Минаялда жанивни вахчун микьгояв вукIанин бицана Эркенлъи радиоялъе дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул вакилалъ.
Жанисел ишазул министерлъиялъул вакил: «Операциялъул аслияб бутIа лъугьана. Минаялда жаниб чIухьги бана низам цIунулез. Гьениб кIиго жаназа батана. Жанивни, бугеб информациялда рекъон, микьго чи вукIана. Изну гьечIого яргидгIуцIаразул цIикIкIараб къадар тIурана».
Пресс-хъулухъалда гьединго абуна чIваразул цIарал лъазарулел ругилан. Гьединго Чонтаулалда аскIоб бугеб рохьил мухъалда чIухь балеб буго низам цIунулез – гьез рикIкIунеб буго гьенире тIуранин изну гьечIого яргъидгIуцIаразул анлъгояв. Гъизилюрт ва Хасавюрт мухъазда такъсирал гьарулел диверсиялъулабгун терроралъулаб къокъаялде гъорлъе унеллъун ратилин тIураралилан рикIкIунеб буго низам цIунулез.
Изну гьечIого яргъидгIуцIарал рахчун рукIарал минаялдаса цодагьалъ рикIкIад низам цIунулезе батун буго мархьи. Гьениб рахчун ратана «Калашниковасул» ункъо автомат, цо пистолет, тротиталъул къуват цIикIкIараб кьвагьул ункъо алат, камуфляжалъулаб ретIел ва гь.ц.
Низам цIунулезулги изну гьечIого яргъидгIуцIаразулги тунка-гIусиял цоабилеб октябралда ккана Сергохъала мухъалдаги.
Терроралда дандечIараб миллияб комитеталъул лъазабиязда рекъон, гьеб мухъалъул Бурдеки росулъ чIвана ХIасанбек Исламов. Комитеталъ рикIкIунеб буго Сергохъала мухъалда такъсирал гьарулеб терроралъулаб къокъаялде гъорлъе унев вукIанин гьев ва къокъаялъул цохIого цо чIагояв хутIаравлъун вукIанин.
Къокъалда гъорлъе Исламов вачIун вуго 2010 соналъул апрелалда. Гьев федералияб цIех-рехалда лъазавун вукIана низам цIунулез. Гьезул пикруялда рекъон, чанги терроралъулаб такъсиралда гIахьаллъана Исламов.
Къокъаялъул нухмалъулевлъун вукIана Турциялдаса МухIамад илан цIар бугев чи. Гьес жив шайих ГIабдусалам вугин абулеб букIана. ЧIвана гьев исана маялда тIобитIараб хасаб операциялда.
Терроралда данде чIараб миллияб комитеталъ лъазабуралда рекъон, 2010 соналда Исламов гъорлъе унеб къокъаялъ теракт гьабуна телефоннияб станциялда ва гьеб лъугьа-бахъин ккараб бакIалде хъамун рачIарал микьгоял чIвана.
2011 соналда гьеб къокъаялда гъорлъе унез чIвана Сергохъала мухъалъул жанисел ишазул идараялъул нухмалъулев.
Гьебго соналъул ахиралда Исламов гIахьаллъана низам цIунулезул кинологияб къокъаялъе гьабураб гъоркьчIелалда. Гьенив гьез чIвана цо полициялъулав. Гьеб лъугьа-бахъин ккаралдаса цодагьаб заман индал ОМОНалъул къокъаялде кьвагьдана изну гьечIого яргъид гIуцIараз. Низам цIунулезул лъабгояв хвана.
Исламов гъорлъе унев вукIарав къокъаялъ кьвагьиялгун кьвагьдеял гурелги цогидал такъсиралги гьарулел рукIанин лъазабулеб буго Терорралде дандечIараб миллияб комитеталда. Бизнесменазухъе флешкаби ритIун гьезухъа гIарац тIалаб гьабулеб букIун буго гьез, гьединго автомобилал рикъулел рукIун руго.
Исламов чIварав бакIалда рагъулазда батун буго автомат, граната ва гуллби.