Ссылки для упрощенного доступа

Лъие Шималияб Кавказалда къваригIун бугеб рагъ?


Шималияб Кавказалда низам цIунулезе терроралда данде къеркьезе захIмалъулеб букIиналъ, гьанже гьеб иш улкаялъул армиялда тIадкъалеб бугин лъазабуна терроралда данде чIезелъун гIуцIараб миллияб комитеталъги федералияб оперативияб штабалъги.

Армия хIалтIизе рагIула полициялъулги хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъулги къокъабазда цадахъ. Гьедин 9 октябралдаго байбихьана рогьалилъ МахIачхъалаялъул рагIал чIван гьаваялдасан кьаби щвезабизе. Рохьоса гIебеде ругел изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гьарулел гьужумал ругин гьелин баян гьабуна низам цIунулез.

Террористалгун къеркьезе гьанже Дагъистаналдеги гьелъул мадугьалихъ ругел цогидал республикабаздеги армия рехулеб букIиналда бан кинабгIаги пикру загьир гьабулеб гьечIо Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ. Амма ракI рагьараб гара-чIвариялда гьелъул хIалтIухъабаз абула террористалгун къеркьезе гIунги-тIокIги къуват бугин жидерилан.

Гьединлъидал Россиялъе Шималияб Кавказалда рагъ байбихьизе къваригIун букIиналъул пикру буго гIадамазда гьоркьоб билълъун унеб. Гьелда тIасан дагIба-рагIи унеб буго фейсбукалдасан цоцазде хъвадарулел дагъистаниязда гьоркьобги.

Фейсбукалдаса хъвай-хъвагIаял: «Гуро! Гьанир рагъул хIаял гьаризе гьел лъугьинаро. Москваялда гIунги тIокI руго Дагъистан щибалиги лъалел, гьеб рагъуца кире нилъ киналго рачунелалиги лъалел цIодорал гIадамал. Гьел руго гIицIго жалго кутакал къеркьохъабилъун рихьизаризе рагъулал хъулухъчагIаз гьарулел ххвелал, гьединал ххвелал жеги гIемер мехалъ гьаризеги руго гьез. Гьел гьедин я рекъел гуреб, я рагъ гуреб ахIвал-хIалалда разилъун чIун руго гIемерисел. ГIарац, гIарац, цойги нухалъ гIарац абураб магIна ккола гьелъул».

Фейсбукалдаса хъвай-хъвагIаял: «Терроралда данде къеркьолел абунги рукIуна. Амма гьелъ тIадеги дандечIезарулел руго гIадамал. Гьедин цIикIкIунел руго бесдалал, 10-15 соналдасан рецIел босизе буго гьез жал бесдаллъиялъе хIалтIи гьабурал чагIаздаса. ЦIакъ пашманаб хIужа ккола гьеб. Рекъелгун рагIи дандеккей лъугьиналъе рихьулел киналгIаги ресалги гьечIо. ЛъугIел гьечIел мажлисалги, комиссиялги, хIисаб кьеялги, данделъабиги… къойилго камулел гIадамалги…».

Умумузул заманалда гIадин росабазул жамагIатазги, интеллигенциялъги, тIолабго халкъалъги цадахъ рахъун гьеб рагъ-кьалалдаги республикаялде армия рехиялдаги дандечIей загьир гьабулеб букIарабани, Дагъистаналде аскариязул цониги чи ваккулароанин рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи, кIаралазул вакил АхIмаднабиев МухIамадица.

АхIмаднабиев МухIамад: «Нилъ нилъерго ракьалда гIумру гьабулел чагIилъидал кколел. Гьединлъидал нижее гьел аскариял къваригIун гьечIилан киналго жамагIатаз, халкъалъ ва нилъер хIукуматалъ абулеб бугонани, лъилниги ихтияр гьечIо гьанире аскарал рачине. Халкъазда гьоркьосеб ихтияралда рекъон, кьолболал халкъазул территориязул демилитаризация йин абула гьелда. Нилъее лъикIлъиялъе гьабулеб жо щибниги гьечIо гьаниб.

Доба Болъихъ рагъулаб шагьар баялдаса байбихьун, кинабго гьабулеб буго нилъ рагъизе тIамизелъун. Гьеб мехалда улка цIуниялъул министр С. Ивановас абун букIана Болъихъги гьелда сверухъги вагьабиял ругин гIемерлъун, гьезда къуват гурони бичIчIуларин, гьединлъидал рачунел ругин гьенире аскариялги…

Жакъа радалги рукIана гьанир кьвагьдолел, нолъ тIубараб сагIат бана дица рокъобе нух щоларого, хасаб операциялъе гIоло нухги къан букIун. Нилъ жидее къваригIун гьечIолъи бихьизабулеб буго гьез. Каспий ралъадги гьениб бугеб нартги жидеего хутIизе къваригIун буго гьезие. Жириновскияс абичIищ жидее Кавказ кавказалъулалги гьечIого къваригIун бугилан. Гьеб политика гьез гIумруялде бахъинабулебги буго.

ГьабсагIаталда Дагъистаналда гьечIо хIалтIулеб цониги жамагIат. Киналго руго жидерго хасал мурадазе гIоло хIалтIулел. Нилъер жамагIатал кьижун руго, гьел рорчIизаризе гIамалги гьабулеб гьечIо лъицаниги. Интеллигенция абуни гьезего гьечIо. Щиб букIаниги хIалтIи гьабилалде цебе цо анцIго интеллигентгицин данде вакIаризе кIолеб гьечIо нилъеда. Гьединаб ахIвал-хIалалда доз бокьа-бокьараб жо гьабиларищ?».

Цо чиясе хъулухъ къваригIунилан МахIачхъалаялъул аслияб майданалде вахъине хIадур вукIунин чанго азаргониги чи, амма республикаялде бачIунеб гьединаб балагьалда дандечIей гьабун къватIиве вахъине цохIо гIадамасда ракIалде кколеб гьечIин тIадежубана хадубги АхIмаднабиев МухIамадица.

Гьес цебехун бицен гьабураб рагъулаб шагьар Болъихъ бана Россиялъ чанго соналъ цебе, жидер ракьазда аскариял къваригIун гьечIилан ахIдолеб балъхъадерил халкъги тун. Экстремистазул рахъалдасан улкаялъе хIинкъи бугин Болъихъилан Россиялъул бюджеталдасан 14 млрд гъурущги харж гьабун бараб гьеб рагъулаб шагьарги тун гъоркьисала гьениса Адыгея республикаялде рахъун ана аскариял.
XS
SM
MD
LG