Дагъистаналда гΙемер дандчΙвала хъизаналъул (эбелалъулаб) капиталалъул сертификат босулеб бугилан лъазабиял. Амма къануналда рекъон гьеб хΙалтΙибизе ихтияр буго эбел-инсул. Россиялъул ХΙукуматалъул 256 абилеб Федералияб къануналда рекъон, хъизаналъул капитал кьолеб буго кΙиабилеб хъизаналъулъ ва гьелъул къадар щибаб соналъ цΙикΙкΙинабулеб буго. Гьединго къануналда хъван буго гьеб гΙарац хΙалтΙизабизе бегьулин лъабго батΙияб ишалъе. ТΙоцебесеб: гΙумру гьабулеб бакΙ лъикΙлъизабиялъе гΙоло, ай рукъ ялъуни рукъ базе ракь босизе. КΙиабилеб: лъималазе лъай кьеялъе хΙалтΙизабизе. Лъабабилеб: эбелалъул пенсия цΙикΙкΙинабиялъе гΙоло. Гьеб хΙалтΙизабизеги ихтияр буго гΙицΙго эбел-инсул.
Амма ахираб заманалда гΙемер дандчΙвала хъизамалъул капиталалъул сертификат босулин лъазабиял къватΙ-къватΙазда. Юрист Шагьрудинил МухΙамадил пикруялда рекъон, гьеб буго къанун хвезаби ва цо-цо чагΙаз гΙадамазул лъавукълъиялдаса пайдаги босун жидеего хайир гьабулеб буго.
Жинца хъизамалъул капитал бичарай Гъизилюрт мухъалдаса ГΙайшатица бицана, гьеб сертификаталъул багьа 390 гъуруш бугониги, гьелъухъ жиндие 250 гъуруш гурони щвечΙин. Сертификат бичизе жий тΙамунин гΙарац гьечΙолъиялъ, гьеб сертификаталъухъ кколеб къагΙидаялъ гΙарац босизе жиндир рес ва заман гьечΙин. Гьединго гьелъ абуна жидер росулъ ругин Ι00 азаргоялде сертификат бичарабги. Ай, жиндир багьаялдаса 4 нухалъ дагьаб гурони гΙарац щвечΙел.
Кин ва кинаб багьаялда босулеб бугеб сертификат лъазе гΙоло ЭР-ялъул мухбирас телефоналъ бухьен гьабуна сертификат босулезулгун. Лейла абун цΙар бугей ясалъ мухΙканго бицана киналъулго:
Лейла: Нижеца кьола 240 азарго гъуруш, кΙиго моцΙидасан кьезе тани нижеца 300 азарго кьола, тΙоцебесеб къоялъ 50 азаргоги кьун, лъабго моцΙидаса кьезе тани, 350 азарго кьола ва тΙоцебесеб къоялъги 50 азарго кьола гьеб гΙарцудаса. Документаздаса рукΙине ккола эбел-инсул кΙиязулго паспортал, лъималазул документал, ригьин гьабиялъул документ ва гьединго нотариусалда тасдикъ гьабураб гΙарац къарзалъе кьеялъул къотΙи-къай гьабураб документ.
Нижеца дургун къотΙи гьабула дуца нижехъе кьураб 250 азарго гъуруш гΙарац нижеца кΙиго яги лъабго моцΙидаса нахъе кьолеб бугилан. Сертификаталъухъ кьолеб бугилан хъвазе бегьуларо къотΙи-къаялда, щайгурелъул сертификат бичизе бегьуларо. Дур сертификат нижеца хΙалтΙизабизе ккани ва гьелда рекъон гΙарац босизе ккани дуца хъвазе ккола нижер цΙаралда божилъи тасдикъ гьабулеб кагъат. Мисалалъе, сертификат жиндир цΙаралда бугей эбелалъ хъвазе ккола жинца гьеб хΙатΙизабизе божилъи гьабулеб бугин нижер цоязул цΙаралда».
Юрист Шагьрудинил МухΙамадица бицана хъизамалъулаб сертификаталда рекъон гΙарац хΙалтΙизабизе кинабгΙаги захΙмалъи гьечΙин.
Шагьрудинил МухΙамад: «ГΙадамазда кколеб буго гъоб гΙарац боси цΙакъ захΙматаб жо бугин. ГьечΙо щибниги захΙматаб жо. Мисалалъе, хъвалеб буго гΙарза пуланаб мухъалъул пуланав Пенсиялъул отделалъул нухмалъулесухъе. Хъвазе ккола гьавураб къо, документал. Кинабго доба хъван буго мухΙканго, гьелда рекъон гΙарзаги хъван кьезе ккола. Гьезул гΙарзаялда рекъон гΙарац битΙизе ккола Пенсиялъул фондалъ, битΙунгутΙизе ихтияр гьечΙо дозул».
ХΙалтΙизабизеги гьеб бегьула гΙицΙго рукъ босизе гуреб, ракь ялъуни рукъ базе хΙажатал материалал росизегиян бицана Шагьрудинил МухΙамадица.
Шагьрудинил МухΙамад: «Шагьаралда яги районалъул централда ругел ракьал росизе хΙалтΙизабуни гΙоларо гьеб гΙарац. Ялъуни учузго босун нахъе гΙарац хутΙулеб бугони, хутΙараб гΙарац хΙалтΙизабизе бегьула махх, гамачΙ яги хъарщи босизе. ЗахΙмат бихьун босараб гΙарац гΙадамазухъан бахъун унеб буго. Гьереси бицинаро, цо-цояз Аллагьасдасаги хΙинкъичΙого абулеб буго жидеца гьелъие гΙоло лъимер гьабун букΙанин. Чанги гΙезегΙан ригь арал гΙадамазги гьарулел руго лъимал гьеб гΙарцуе гΙоло».
Шагьрудинил МухΙамадил рагΙабазда рекъон, гьел хъизамалъул капитал босулел ва гьенисан гΙарац бахъулел гΙадамал руго жидеда хадуб гΙезегΙан къуватги бугел, къануналдасаги хΙинкъуларел, тамихΙалде цΙангутΙиялдаги ракΙ чΙарал гΙадамал.