МахIачхъалаялъул прокуратураялъухъаги босун гьанже гьеб ишалда сверун цIех-рех гьабулеб буго республикаялъулаб прокуратураялъ. Тахшагьаралъул прокруратураялъ гьелда тIасан хIадур гьабураб материал МахIачхъалаялъул Ленин мухъалъул диванханаялъ нахъчIван буго.
МахIачхъалаялъул МухIамад ХIаживасул цIар лъураб къотIноб гIурусазул хабалазда аскIоб эхетараб гьанжесеб заманалъул шартIазда рарал чанго тIалаялъул минаби ккола гьел.
МахIачхъалаялъул прокуратураялъ абулеб буго гьеб кIиябго мина бан бугин ралел бакIазул хIакъалъулъ ругел низамалги хвезе гьарунилан, ва гьел нахъе риххизаризе кколилан гьанжеян абулеб буго гьез. ХIакъикъаталдайин абунин гьеб суалалда сверухъ ахIи-хIур унеб бугелдаса исана кIиябго сон бугилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе тахшагьаралъул прокурор ГIалибегов Ибрагьимица. Чанго нухалда нахъчIван гьанже Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялъул халгьабиялде босун бугин гьеб иш. ХIажиевасул къотIноб эхетарал гIемертIалаялъулаб минабазухъ гьарулел хIалатIаби рагIалде рахъун руго, гьедин букIаго гьел риххизаризе бегьулищан гьикъана нижеца Ибрагьимида гьелъие жаваб Республикаялъул ТIадегIанаб Диванханаялдаса тIалаб гьабизе кколилан къокъаб жаваб кьуна гьес. Гьел мекъаб куцалда ран рукIиналъе рачине гIиллаби гIемерал ругилан абуна прокурорас, гьезул аслияздаса цоялъе гьадинаб баянги кьуна.
ГIалибегов Ибрагьим: «Бищунго кIудияб ккола гьел минаби ралел бакIаздаги хабалаздаги гьоркьоб тезе кколеб манзил тун гьечIолъи. ЦохIо гьеб гIиллаги гIола жакъа гьеб мина биххизабизе изнулъун».
Гьел хутIаралги гьелъие ругел гIиллаби загьир гьаризе жиндир заман гьечIилан мукIурлъана гьев, гьеб гуребги гьанжего гьанже бугин гьелъул маетриал ТIадегIанаб диванханаялъухъе кьун, гьез тIад хIалтIи байбихьичIого гьениб тIаде жубазе кIудияб цIияб жоги хутIун гьечIин.
Жакъа МахIачахъалаялда ралел щинал гIемер тIалаял минабазда гьоркьор килщида рикIкIине бегьулин ралел бакIазул хIакъалъул къануналъул киналго низамалги тIуразе гьарун рарал. ХутIаралщиназда гIайиб гуреб чIвазе жого гьечIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Абакаров Абакарица. «Дагъистаналъул застройщикал» абураб гIуцIиялъул нухмалъулев ккола гьев. Амма гьел минаби ралел чагIазда чIвазе гIайиб гьечIилан абулеб буго Абакарица, гьел рукIанин жидерго хIалтIи гьабулел, гьез минаби разе байбихьараб мехалх нухмалъиялда букIараб республикаялъул тIалъиялъ щибниги кIварги кьечIого танин гьеб хIужа. Жакъа рилълъинеги рилълъун республикаялда тIалъиги хисун гьез цере цогидал масъалаби лъунилан ран лъугIарал минаби риххизари гьеб бугин чи инжит гьавиялда бащалъулеб такъсир. Жиндирго пикру гьес гьадин загьир гьабуна нижер програмаялъе.
Абакаров Абакар: «Жакъа гьел киналаго хIужабазде мугъчIвайги гьабун хIукму къотIизе бигьа буго гьезие. Амма нужго балагье жакъа тахшагьаралъул бакьулъа бахъарал киса кирего ругел минабахъ ралел бакIалъул къанун хвезабурал хIужаби чан ругелали. КигIан бокьаниги руго. БатIи-батIиял рукIине бегьула гIиллаби гьединаб куцалъ бараб мина биххизабиялъе изну кьолел. Амма гьеб мина эхетун бугелъул, гьенире гIадамал рахъине хIадурлъулел руго. Гьа, кибе балагьунха букIараб шагьаралъул прокуратура гьеб мина безе байбихьарабго? Гьанжейищ гьезда гьелъул гIунгутIи бихьараб, мина бан эхетидал. Гуро, прокуратураялъ берал къанщун рукIан гьеб киналдего жиндир заманаялъ, гьебги чIобого гуро. ТамихIалде цIале ратаницин гьел цIазе ккола, хадур гьеб барал чагIиги, амма гьанже мина бан лъугIидал гьеб биххизабизе бегьуларо.
МахIачхъала шагьаралъул генералияб планалда рекъон хIисабалде босун букIун буго гьениб 450 азарго чиясе гIумру гьабиялъе хIажатал шартIал гIуцIизе. Амма жакъа къоялъ Дагъистаналъул тахшагьаралда гIумру гьан рагIула гьелда кIигогIан цIикIкIун нухалъ чи. Гьелда рекъон цIикIкIунел руго МахIачхъалаялда низам гьечIого рарал минабиги. Тахшагьаралъул лъабго мухъалъул диванханаяле кьурал, гьединал риххизаризе кколел минабазул сияхI бахъун буго интернеталда. ГIаммаб къагIидаялъ гьеб сияхIалда буго 50 -ниги батIияб мина. Амма гьеб чIванкъотIараб сияхI кколарилан абуна нижеда тахшагьаралъул информациялъул ва пресс-хъулухъалъул бутIаялда. Щибаб къоялъ гIадин гьел диванханабазде бачIунеб буго 10-20 цIияб гIарза.