Локшинаца риккунеб буго низам цΙунулезул хасал операциязул къадар ва хъачΙлъи цΙиккарабгΙан, циΙккунеб бугин ярагъгун официалияб нухмалъиялде дандечΙаразул рахъ кколел чагΙазул къадарги. Маялъул бакьулъ МахΙачхъалаялъул Юбилейная къватΙалда сверун ккун букΙараб рукъалда жанир рукΙарал гΙадамазул гΙага-божараз къватΙ къай ва Киров мухъалъул полициялъул бутΙаялда цебе низам цΙунулезулгун ккараб дагΙбаги кколила рохьилазул рахъ кколезул къадар цΙиккунеб букΙиналъул ишараян, абуна гьелъ нижер программаялъе комментариял гьарулаго. Гьелъулго пикруялда, низам цΙунулел идарабазул хΙалтΙухъабаз экстремистазмалде данде гьабулеб къеркьеялда хΙалтΙизарулел къагΙидабаз кумек гьабулеб буго рохьилазул пропагандаялъеги. Хасго къуватиял структурабазул хΙалтΙухъабазул къануналде данде кколареб хьвада-чΙвади чΙечΙого загьирлъуле букΙиналда бан. Гьединал хΙужжаби гьез нахъ тΙамичΙого хΙалтΙизарулел руго, пачалихъ рихинабиялъул мурадазда.
Локшинаца абулеб буго, улкаялъул нухмалъиялъул гьанже тΙадеги кΙудияб гъира букΙине кколила Шималияб Кавказалъул республикабазде парахалъи нахъ буссинабиялъул, хасго Сочиялъул олимпиял хΙаязда проблемаби гьечΙого хутΙиялъул къварагΙел ьукΙиналъги. Гьелда бараб бугин улкаялъул къадру-къиматгиян, риккунеб буго гьелъ.
Татьяна Локшина: «Гьанжени, регионалда парахалъи чΙезабиялъе къварагΙел тΙадеги цΙиккунеб буго, хасго Сочиялъул олимпиадаялъул болжал гΙагарлъуле букΙиналда банги. Дагъистаналдасан гьедигΙан добегΙан гьечΙо Сочи. Гьебги гурищ Шималияб Кавказ кколеб! Кремлалда цебе буго масъала гьениб Олимпиял хΙаязул гΙахьалчагΙазеги гьалбазеги хΙинкъигьечΙолъи чΙезабиялъул. Гьелде балагьунгΙаги нухмалъиялъ хΙаракат бахъизе ккола регионалде ракълилаб гΙумру нахъ буссинабизе. Гьеб букΙине ккола нухмалъиялъул приоритет жакъа. Сочи жакъа кколаро гΙицΙго экономикиябгун социалияб суал. Гьеб кколаро гΙицΙго инфраструктура рукΙалиде бачиналъул суал. Гьеб букΙине ккола инсанасул ихтиярал хвезариялъул проблема рагΙалде бахъинабиги. Дица бицен гьабулеб буго тΙоцебего къуватиял сруктурабазул къануназде данде кколареб хьвада-чΙвадиялъул, инсанасул ихтиярал хвезариялъул гΙамалалъул."
Дагъистаналъул проблемабазде нахъеги кΙвар буссинабулаго, Локшинаца абулеб буго, низам цΙунулез инкар гьабизе кколила гΙицΙго динияб бербалагьи ракΙалдеги босун, гΙадамал гΙайибияллъун лъазариялъул практикаялдасан. Нухмалъиялда халкъ божизе ккани, гьез жидецаго ккурал гΙадамазе, гьезул гΙага-божаразе гΙаибиял рукΙиналъе далилал рачине ккола. ТамихΙги гьединазе хасал операцияби унеб мехалда рукъзабахъ чΙван гуреб, диваналдаги цере чΙезарун гьабизе кколилан, абуна Локшиналъ.
Мах1ачхъала -- Иргадулаб теракт, 2012 соналъул май
Татьяна Локшина: "Дагъистаналда ва Шималияб Кавказалъул регионалъул цогидал республикабазда бищунго баянаб проблема хурхараб буго хасал операцияби тΙоритΙулеб мехалда гΙадамал рикъулел рукΙиналда. ГΙадамал тΙагΙинарулел руго кире ккаралали лъачΙого. ГΙадамазе гΙазаб кьолеб буго, чΙвалел руго, кинабгΙаги диванцин гьабичΙого. Гьеб киналъго, битΙахъего батичΙониги, кумек гьабулеб буго официалияб хΙукуматалде дандечΙаразе. Гьелъ ахирисезухъе гΙадамал жидедаго божизариялъе къваригΙунел аргументал кьолел руго. Гьелъ жамгΙияталда жаниб разигьечΙолъи цΙицΙиккинабулеб буго. Инсанасул ихтиярал хвезарулел хΙужжабаз, гΙатΙидал ресал рагьулел руго радикалиял гΙуцΙабазул пропагандаялъе. Гьеб киналъго багьанаби гΙемерлъизарулел руго официалияб нухмалъиялде, жалго низам цΙунулел структурабазул хΙалтΙухъабазде рокьуклъи бижинаябилъул. Шималияб Кавказалда, гьелдаго гъорлъ Дагъистаналдаги, парахалъи нахъ буссинабизе хΙакъикъаталдаги къваригΙун батани, Россиялъул нухмалъиялъ гьединаб хΙакъикъат гΙадахъ босизе ккола.»Локшинаца абулеб буго, улкаялъул нухмалъиялъул гьанже тΙадеги кΙудияб гъира букΙине кколила Шималияб Кавказалъул республикабазде парахалъи нахъ буссинабиялъул, хасго Сочиялъул олимпиял хΙаязда проблемаби гьечΙого хутΙиялъул къварагΙел ьукΙиналъги. Гьелда бараб бугин улкаялъул къадру-къиматгиян, риккунеб буго гьелъ.