Гьеб заманалда жаниб гьез тIубазе ккола гьес цебе лъураб анцIго шартI. ТIубачIони, ГIабдулатIиповас гьел нахъе ритIизе руго. Амма болжал щвелалдего гьес хъулухъалдаса вахъана ЦIунтIа мухъалъул нухмалъулев ХIусен Магьдиев. Гьесда дандечIей бихьизабун цIунтIадерица гIезегIан нухалги къан рукIана, митингалги гьаруна. Амма МухIамадгIали МухIамадовасулги гьесул вас МухIамадсаламилги заманалда Магьдиев хъулухъалдаса вахъизе бажарун букIинчIо. Гьедин муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулездаса разилъи гьечIолъи къойилго гIадин рагIизе бегьула Дагъистаналда. Масала, араб шамат къоялъ Гъизилюрталда тIобитIана гьеб мухъалъул нухмалъулесул ишал тIуразе тIадкъарав МахIачев ХIажида данде чIараб митинг. ГьанжелъагIан гьеб хъулухъалда вукIарав ХIажиев МухIамадги нахъе витIун, гьесул бакIалде МахIачев тIамиялъул магIна бичIчIулеб гьечIо гIадамазда.
АмирхIамза (митинг гIуцIарав): "Гьесул данде кколеб жо щибниги гьечIо нижее. Цониги бакIалда хIалтIун жиндирго бугеб ресги бажариги бихьизабунищ гьес? Казбек мухъалда гьесул вацасул руго гьанже проблемаби. Жив гьедин лъикIав политик ватани, гьесие гьабеха кумек".
Цо заманалда жидецаго рищун нухмалъиялде ккарал муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулездаса халкъалъ загьир гьабулеб разилъи гьечIолъиялъе мисаллъун бачине бегьула Дахадаев мухъалда бугеб ахIвал-хIалги. Исана I0 марталда гьезул гIадамазе къваригIун буго МахIачхъалаялда митинг тIобитIизе, цинги жидер мухъалъул нухмалъулев Жарула ГIумаров хъулухъаладса гIодов чIезавеян ГIабдулатIиповасда гьаризе.
Руслан Расулов, жамгIияв хIаракатчи: "Гьев нахъе рехеян гIадамаз гьарулеб букIана МухIамадгIали МухIамадов нухмалъиялда вукIаго. Амма жиндир административияб ресурсги пайдаялъе босун, гьес мурадалде щвезе риччачIо Дахадаев мухъалдаса гIадамал".
Байбихьуда гIадамазе гьеб митинг Дахадаев мухъалъул центр Уркарахалда гьабизе бокьун букIун буго. Амма гьевщинав чи вакIаризе бакI гьечIилан юстициялъул министерлъиялъ гьезие изну кьун гьечIо. Гьедин гIадамаз митинг МахIачхъалаялде бахъулеб буго. Исана февралалъул байбихьуда гьез ГIабдулатIиповасде гьабураб хитIабги буго.
Рагьараб дандечIей буго Казбек мухъалъул нухмалъулесдаги. Гьениса оппозициялъ абулеб буго ГIабдула МахIачевас жиндир тухум-кьибил гурони хъулухъазда толеб гьечIин, бюджет бикъулеб бугин... Амма гьесул вац Пазил МахIачевас "Миллат" газеталъе бицун букIана гьел ругин жал хъулухъаздаса нахъе рехарал гIадамаз багъаризабулеб питна. Гьединго бюджет бикъулеб батани, гьелъул цIех-рех хасал идарабаз кьелин.
Заманаялъ нухмалъи гьабизе Рамазан ГIабдулатIипов Москваялдаса Дагъистаналде витIун вачIаралдаса республикаялда гIемерлъана муниципалиял нухмалъулездаса гIадамазул разилъи гьечIолъи. Гьелъие гIила гьадин бихьулеб буго Маркъо ШагIбановасда.
Маркъо ШагIбанов, аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев: "Гьеб бараб буго цIи вачIарав нухмалъулес гьезул тIалабал тIуралин абураб божилъиялда. Митингал, хитIабал гьарун ГIабдулатIиповас нахъе гъелин такъсир гьабиялда, цIогьодиялда ва цогидаб гIала-гъважаялда гъорлъ рукIиналда щаклъи ккарал муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулел абун кколеб буго гIадамазда. Гьеле халкъ хIалакиналъе ругел гIиллаби. ЦIиял гIиллаби гьечIо".