Юристас дагIба балеб буго исана 29 апрелалда Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъ республикаялъул Конституциялъулъ гьабураб хиси-басиялда. Гьелъул магIна ккола гьанжесала республикаялъул нухмалъулев парламенталъ вищизе кколин абураб. Гьелда цадахъго гьес хъвалеб буго Халкъияб Мажлисалъул сайталда хъван букIанин гьеб къанун парламенталъ 18 апрелалдаго къабул гьабунин, 29 апрелалда гьелда гъоркь гъулбасанин заманаялъ Дагъистаналъе нухмалъи гьабулев Рамазан ГIабдулатIиповас. Амма журналистаз гьелде кIвар кьун хадуб парламенталъул сайталда гьеб къанун хисизеги гьабун цIидасан лъун бугоанин бицана ЭР-ялъе Расул Къадиевас.
Халкъияб Мажлисалъ къабул гьабилалде къануназул проектал жамгIияб палатаялде экспертизаялде ритIулеб гIадат буго. Амма балагьараб мехалда гьеб къануналъул проект жамгIияб палатаялдегицин битIичIого бачIун бугин гъулбас лъезе Рамазан ГIабдулатIиповасухъейин абулеб буго юрист Къадиевас.
Гьел киналго гIунгутIаби рихьизарун Дагъистаналъул ТIадегIанаб Диваналде хъвараб гIарзаялдаса хадуб Расул Къадиевас киналъего гIайибияллъун рихьизаризе лъугьана Пачалихъияб Думаялъул депутатал.
Россиялъул субъектазул нухмалъулел рищиялда бан къануналъулъ чIванкъотIи букIарабани, регионазул парламентаздаги гьединал гIунгутIаби рукIунароанила.
ПалхIасил, 7 маялда Россиялъул Рищиязул централияб комитеталъ кьураб баяналда рекъон, Дагъистаналдагун Ингушетиялда республикабазул нухмалъулел рищула гьезие бихьизабураб болжал лъугIараб мехалда, улкаялда киса-кибго чIезабураб рищиязул къоялъ гьаричIониги бегьула гьел рищиял. Гьедин Дагъистаналъулгун Ингушетиялъул нухмалъулел гьезул болжал лъугIигун рищизе кколила.
Дагъистаналде нухмалъи гьабизе Рамазан ГIабдулатIипов ЦIияб Соналдаса хадув Москваялдаса витIун вачIана. Гьединлъидал бичIчIулеб гьечIо гьесие бихьизабураб болжал кинаб букIарабалали. Гьесда цеве гьеб хъулухъалда вукIарав МухIамадсалам МухIамадовасул болжал лъугIулаан тIасияб соналъул 20 февралалда.
Гьеб лъазабиялъ прессаялда гIемер ахIи-хIур бахъинабуна. Гьединлъидал Рищиязул централияб комитеталъ тIаде жубай гьабуна жидеца Дагъистаналъул нухмалъулезда лъазабунин нухмалъулев вищулеб къо 8 сентябрь бугилан.
Гьелде щвезегIан республикаялда гьелъул бицунев чиго вукIинчIо. ТIадежоялъе 8 сентябрь гьатIанкъо кколин, гIодоркъояз рачIун хIалтIудегун нухмалъулев вищичIониги, хIалтIул къоялъ гьев вищизе Дагъистаналъул парламенталъе квалквал лъицадай гьабулеб бугебан суал лъолеб буго юрист Расул Къадиевас.
Расул Къадиев: «БитIараб бицани, дида лъаларо хас гьабун гьеб къо чIезабиялъе гIилла. Дозда бичIчIун батизе бегьула гьеб къанун гьадингосеб жо букIин. Гьединлъидал доз нилъерал ахIун Москваялдегун абун батила рищиял 8 сентябралда гьарейилан».
Пачалихъияб Думаялда парламентазул хIакъалъулъ бахъараб федералияб къанун тIоцебесеб цIалиялда къабул гьабун хадуб депутатазе гьарун рукIарал малъа-хъваял хIисабалде росичIолъиялъ кканин гьанже гьебщинаб гIала-гъважаян рикIкIунеб буго юрист Къадиев Расулица. Политикиял партиязда, Федерациялъул шураялда ва цогидалда хурхарал гIиси-бикъинал жалги хисизарун, аслияб суал рагIалде бахъинабун гьечIила.
Расул Къадиев: «Рищиязул централияб комитеталъ чIванкъотIун бичIчIизабизе ккола жидерго позиция. Гьедин гьелъ чIванкъотIун лъазабизе ккола кинаб къануналда рекъон Ингушетиялдагун Дагъистаналда гьел республикабазул нухмалъулел рищилелали».
Россиялъул субъекталъул нухмалъулев вищулеб къо къанунал рахъулеб идараялъ чIезабулин абун къануналда хъвараб бакIалда дагIба балеб буго Къадиевас.
Расул Къадиев: «Рищиязул къо чIезабула халкъалъ гьев чи вищулев вугони. Хадуб гьеб къануналда хъван буго гьадин: яги гьабула хIукму гьев нухмалъулев вищизе». Щиб гьеб кколеб?! Щиб чIандагIаги гьеб?! Кибниги хъван гьечIо рищиял кида тIоритIулелали, щиб къоялъ гьев чи хъулухъалде тIамулевали».
Расул Къадиевасда лъабго нух бихьулеб буго санагIалъи гьечIеб бакIалъа рорчIиялъе. ТIоцебесеб нух, парламенталъ нухмалъулев вищиялдаса инкар гьаби. КIиабилеб, феералияб къануналъулъ гIунгутIаби лъугIизари. Лъабабилеб нух, заманаялъ нухмалъи гьабулев Рамазан ГIабдулатIиповги вахъун, Россиялъул президентас гьединго заманаялъе цойги нухмалъулев витIизе Дагъистаналде. Гьедин къануналда рекъон 50 къоялда жанив Халкъияб Мажлисалда цебе Дагъистаналъул нухмалъиялде лъабго чиясул кандидатураги лъезе.
Расул Къадиевасе жиндиего бокьулеб буго тIоцебесеб нух.
Адвокат Къадиев Расулил хΙаракатчилъиялде ва жибго парламенталъ къабул гьабураб республикаялъул бетΙер вищиялъул къагΙидаялде «Миллат» газеталъул бетΙерав редактор БисавгΙалиев МахΙмадил бербалагьи буго дагьалъ цогидаб.