2 марталъ, маркIачIудаса нахъе кив вугевале лъазе кIолеб гьечIо МахIачхъалаялдаса Артем Алхасов. Щалали лъаларез автомобилалда жанив къазавун вачун унев вихьун вугила гьев гIадамазда. Гьебго сагIаталъ жидеца вас викъун ун вукIиналда хурхун гIарза хъванила Киров мухъалъул жанисел ишазул бутIаялда. Гьев автомобилалда жаниав хIал гьабун къазавулеб мехалъ чвантинисан бортараб телефоналдасан гIадамаз ахIун бачIанила ва щиб –кин ккарабали бицанила жидедайин лъазабулеб буго Артемил эмен ХIажикъурбан Алхасовас.
Живго ХIажикъурбан кколев вуго «Дагъистан» теле-радио компаниялъул агъул мацIалда кIалъалеб хъулухъалъул редактор.
МахIачхъалаялъул Киров мухъалъул полициялъул бутIаялда мухIкан гьавуна жидехъе гIарза бачIин, амма гьеб Советский мухъалъул бутIаялде кезе кколила гьезул къватI гьенибе гъорлъе уне букIиналъин баян гьабуна полициялъул хIалтIухъанас.
3 марталда, къадеялде жидерго чиясдасан лъанила Артем викъун ун гурев, низам цIунулез вачун ун вукIин. 4 марталъ, радалго жилер рокъоре чIухь базе низамцIунулелги рачIун рукIанин лъазабулеб буго гьесул вац Абубакарица.
БачIиндаго жидеда ккун букIанила гьев викъун ун вугин, амма гьев хIал гьабун низамцIунулез вачун ун вукIун вугила.
Абубакар Алхасов: « Жакъа радал Совет мухъалъул полициялъул бутIаялдаса чIухь базе низамцIунулел рачIун рукIана. Нижеда официалияб кагъат бихьана Артемида изну гьечIого яргъидгIуцIаразулгун бухьен букIиналда хурхун гIайиб гIунтIизабулеб бугин. Ункъо низамцIунулел рачIана, мадугьалзаби ахIейилан нижедаги абун, киса-кибего чIухь бана. Чанго соналъ цебе, 2012 соналъго чIварав чигун лъай-хъвай букIунин абун ккун вуго гьев. Кидаялиго щив вукIаниги лъалев вукIин гIолеб буго жакъа нилъер гьаниб чиясде гIайиб гIунтIизабизе».
Абубакарица бицана лъабго соналъ цеве къануналда рекъечIеб митингалда гIахьаллъи гьабуралъухъ цогидазда цадахъ ккун вачун ун вукIанин Артем Жанисел ишазул бутIаялде, амма тIокIам низамцIунулезул рахъалъ щибго гьесдехун кIалъай букIинчIила. ГьабсагIат жидеца адвокаталгун гара-чIвари гьабулеб бугила гьесул ихтиярал цIунизе. Киб бакIалда вугев Артем ва хIал-зулму гьабун бугищ гьесияли жидеда щибго лъалеб жо гьечIила, гIицIго низамцIунулез изну гьечIого яргъидгIуцIаразулгун бухьен букIиналда щаклъи букIиналъ ккун вукIин гуреб.
«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул полициялъул бутIагун, амма Алхасовасул щибго жидеда лъалеб жо гьечIин лъазабуна гьез.
Чи ккун вугонани, цIараб заманалда жаниб лъазабизе ккколин гьев ккун вукIиналъул, гурого, гьеб кколин къанун хвезаби, амма Дагъистаналда ккун рачун арал кир ругелали лъаларин кIиго-лъабго къоялъ, ва гьеб ругьунаб ишлъун лъугьун бугин лъазабулеб буго юрист, жамгIияв хIаракатчи Юсупов Идрисица.
Идрис Юсупов: « Къануналда рекъон, кколеб куцалъ чи кколев вугони гьезул рес букIунаро я ярагъ рехизе, я цогидаб жо гьабизе, гьединлъидал, гьез цин ккун, кир ругелали лъазе течIого, хадуб ярагъги кодоб батун, яги хIал гьабун мукIур гьавун хадуб лъазабула чи кив вугевали»
ТIолго Россиялда ритIухъгьариялъул хIукму диваналда къотIарал ишазул къадар кколеб буго гIицIго 2 процент. Дагъистаналда изну гьечIого яргъидгIуцIаразулгун бухьен букIиналда хурхун гIайиб гIунтIизабурал ритIухъгьарурал ишал кверда рикIкIун бажарулин баян гьабуна юристас.