Ссылки для упрощенного доступа

Банкротлъиялдаса пайдаги букIине бегьула... лъиеялиго


Каспийскалъул цIергьабулеб заводалъ жибго банкротлъун рикIкIейилан лъазаби, гьеб къазехъин бугин абулеб жо кколарилан абулеб буго экспертаз. Ургъунго, заводалъул багьаги гIодобе ккезабун, гьелъул налъабиги тIаса инарун цо хасал чагIазе гьелъул приватизация гьабизе къваригIун батилин абулеб буго гьез. Заводалъул хIалтIухъабазул рагIабазда рекъон гьезул хIалтIуе щибниги квалквал гьечIо гьаб сагIат, букIарабго хIалалъ хIалтIулеб буго гьеб.

Гьал къоязда Каспийскалъул цIер гьабулеб заводалъ лъазабулеб буго завод банкротлъун рикIкIейилан абун жидеца арбитражалъулаб диваналде гIарза хъвазехъин бугилан. Россиялъул къануналда рекъон, диваналъ хасаб хIукму къотIичIого, щущан ине букIаниги, цониги идара банкротлъун рикIкIине бегьуларо. Заводалъул гьеб лъазабиялъ гIемер рахIатхвей бижизабун буго гIадамазда гьоркьоб. Экспертаз абулеб буго гьеб тIубан къазехъин батуларин, заводалъ кредиторазе кьезе кколеб налъи дагьлъизабизе букIине, ургъунго гьабулеб иш батулин гьебилан.

Каспийскалъул цIергьабулеб завод рагьана Дагъистаналда 20I3 соналъул октябралда. Гьеб базе байбихьаралдаса чанго нухалъ чIезе тунги букIана, гьелъул бетIергьабиги чанцIулго хисана. Тоцере гьеб завод базихъин бук1иналъул харбал МухIу ГIалиев нухмалъуда вугев мехалдаго раккун рукIана.

Амма 2010 соналъ гурони гьенир х1алт1аби байбихьичIо. Дагъистаналдаса олигарх Сулейман Керимовасул завод бугин гьебилан абулеб букIана, амма мухIканаб къагIидалъ щив гьелъул бетIергьанали лъалеб гьечIо. Киса-кибего, гьеб завод инвестиционнияб, гIадамал бетIергьанаб гIуцIи бугин абурал гурел, батIиял баянал кьолел гьечIо. 2014 соналъул декабралда заводаллъул сайталъ кьурал баяназда рекъон юридикияб къагIидаялъ заводалъулгун хурхен бугел, ай афиилированныелъун рихьизарун руго Кипралда хъвай-хъвагIай гьабураб кIиго фирма.

Гьеб завод балелъул аслияб инвесторлъун букIана «Внешэкономбанк» хутIараб гIарац кьуна цойги бечедал чагIаз. Банкалъ гьеб анлъго млрдги Дагъистаналъул хIукуматалъ кьурал гарантиязда гъоркь биччан букIана. Экспертаз абулеб буго киназдаго лъалила Сулейман Керимовасулги «Внешэкономбанкалъулги» цIакъ лъикIал гьоркьолъаби рукIин, гьедин гуребани, Дагъистан гIадаб хIинкъицIикIкIараб регионалде гьеб банкалъ киданиги гьебщинаб гIарац биччалароанилан.

Ахирал саназда чанцIулго хисараб Дагъистаналъул нухмалъиязул щибалъги гьеб цIер гьабулеб завод жидер бажариялдалъун банилан лъазабулеб букIана. Гьаниб абизе ккола республикаялъул тIалъиялъ гьелъулъ гIахьаллъи гьабичIин абизе бегьуларин, щай гурелъул киналго заводалъул коммуникациял Дагъистаналъул бюджеталдаса биччараб гIарцуде рачун рукIана. Гьеб гурониги завод базе ракьги чIобого кьуна гьезие республикаялъул бетIерлъиялъ.

Ахираб 20 соналда жаниб Дагъистаналда гьеб цIорол заводгIан кIудияб ва къуватаб промышленносталъул объект бачIилан абизе бегьула. Сордо къоялда жаниб заводалъ къватIибе биччалеб буго 600 тонна цIорол. Заводалда гьабула промышленнияб къагIидаялъ хIалтIизабулеб цIер ва исана гьенир риччазе лъугьана автомобилалъул цIурдулги.

400 чи хIалтIулеб гьеб завод банкротлъунги лъазабун къазехъин бугин абурал баянал бит1арал гьечIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьений хIалтIулей Юсупова Севилица.

Севиль Юсупова: «Нижеда нухмалъиялъ гьеб завод банкролъун лъазабиялъул щибго жо абичIо жеги. Гьаб сагIат рукIаралго хIалаллъ хIалтIулел руго ниж, цIербиччаялъеги щибниги къварилъи гьечIо. Харбал рукIана нижее харжал дагь гьарун рагIулила, завод чаналиго заманалъ хIалтIулеб рагIуларилан абун.

Гьелги гьерсал руго, харжалги церегогIадин заманалдаги, бук1ине кколеб къадаралдаги щвана нижее. Заводалъул нухмалъиялъ лъаабулеб буго цохIониги нуж хIинкъизе ккараб жо гьечIила щибниги, гьеб банкротлъун лъазаби планалда рекъон гьабулеб жо бугилан».

Экономист Маир Пашаевас рикIкIунеб буго цо хасав чиясе гьеб заводалъул бетIергьалъун вахъине къваригIун батизе бегьулила, гьединлъидал завод бичун босулелъул гьелъул багьа гIодобегIан ккезе букIине банкротлъун лъазабун батизе бегьулила гьебилан. Завод къаялъул гьаб сагIат хIинкъи гьечIилан абулеб буго экспертасги.

Маир Пашаев: «Приватизация гьабилалда цебе кидаго лъазабула гIуцIи банкроталде ккун бугин абун. Приватизация лъица гьабизехъин бугебали жеги мухIканго лъалеб гьечIо. Гьеб завод баялъе кредит кьун букIараб «Внешэкономбанкалъе», цойгидал инвесторазухъа гьезул заводалъул бутIа босизе къваригIун батизеги бегьула.

БетIералдаго бищун кIудияб инвесторлъун букIараб гьеб банкалъул заводалъул бищун гIемерал акциял рукIана, гьанже тIубан гьезухъе щвезе бегьула завод. Банкалъ гурони цоги хасав чияс инвесторасул акциял росулел рукIараланиги, бецIизе бугеб кредитги дагьлъизе букIине, банкалъул цойги налъабиги диваналъ рецIине кколарин лъазабизе букIине, кьун диваналдегун официалияб къагIидаялъ лъазабулаан гьеб завод банкроталде ун бугилан».

Гьединго Пашаевас лъазабуна банкролъун лъазабунин абун гьеб заводалъул киналго налъаби нахъе унарила, амма къануналда рекъон гьел дагьлъулилан. Каспийскалъул заводалъ «Внешэкономбанкалъе» кредит бецIулеб гьечIолъиялда бан, гьелъул бакIалда рецIалихъ тIубан гьеб завод бахъизехъин батизеги бегьулила гьеб банкалъилан. Гьедин кредиталъе кьун букIараб гIарцуде тIубан заводалда тIад кверщел гьабизе щвезехъин бугила гьезухъейилан.

XS
SM
MD
LG