Ссылки для упрощенного доступа

«Россиялъул гьоркьохъеб регионалда майилан босун абизе пресса гьечIо»


Россия-Дагъистан. Информалатазул тIоцебесеб форум. 24Июл2012
Россия-Дагъистан. Информалатазул тIоцебесеб форум. 24Июл2012

Дагъистаналъул информациялъул алатазул тIоцебесеб форум тIобитIулеб буго гьал къоязда МахIачхъалаялда. Форумалда гIахьаллъулел руго Россиялъул журналистазул цолъиялъул бутIрул, Дагъистаналъул тIадтарал, Шималияб Кавказалъул регионазул вакилзаби, журналистал ва гь.ц.

Форумалда рорхине руго информациялъул алатазе чанги кIвар бугел суалал. Мисалалъе, журналистал чIваялъул хIужабазда сверун гьарулел цIех-рехалъул суал борхине ракIалда буго.

Гьеб тадбиралъул ахир букIине буго 26 июлалда. Форумалда гIахьаллъулел 24 июлалда дандчIвана Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадсалам МухIамадовгун. Данделъиялда гьел хъинтIана информациялъул алатазда бугеб эркенаб пикруялда, журналистал чIваялъул суалги борхана.

Россиялъул журналистазул цолъиялъул нухмалъулев Всеволод Богдановас абуна журналистал чIварал ратулел гьечIин. Дагъистаналъул нухмалъулес гьесда абуна гIемерисел ратанин. «Щал гьел? Щай гьел хIужабазул хIакъалъулъ лъалареб», - ян Богдановас гьикъиндал, МухIамадовас жаваб кьуна: «Гьел чIвадарухъабазе хасал операциязда хвел щванин».

Форумалъул иргадулаб данделъи тIобитIана Миллияб библиотекаялда. Гьениреги рачIана республикаялъул нухмалъиялда ругел хIакимал. МухIамадсалам МухIамадовас данделъи рагьулаго абуна, Дагъистаналда сияхIалда лъураб информациялъул 500 алат бугин ва жиб-жиб лъагIелалъ сияхIалда босулин 30-40 цIияб алат.

Гьединго гьесул рагIабазда рекъон, хIукуматалъ киналаго алатазе кIвараб кумек гьабула грантаздасан, миллиял газетабазе бюджет цIикIинабула.

«Эркенлъи – гьеб буго жавабчилъи», - гьадин абун Россиялъул Журналистазул Цолъиялъул нухмалъулев Богданов жувана гьеб темаялда хурхун жиндирго пикру загьир гьабизе. Гьесул рагIабазда рекъон журналистика жакъа къоялда бизнесалда сверун буго.

Данделъиялда гIахьаллъараз бицунеб букIана гьединго Дагъистан Россиялъул информациялъул алатаз квешаб рахъалдасан гурони бихьизабулеб гьечIолъиялъулги. Пачалихъияб думаялъул депутат ХIажимет СафаргIалиевас абуна кинаб букIаниги такъсиралда гъорлъ дагъистанияв яги кавказалъулав ккани, гьесул миллатги рехсон кьолин журналистаз информация.

«Дагъистаналда нухал рахъулел руго, хIалтIул бакIал гIуцIулел руго, азарханабигун школаби ралел руго. Гьелъул щай бицунеб гьечIеб, цохIо тунка-гIусиязул гурони», - гьадин тIадеги жубана Пачалихъияб думаялъул цогидав депутат Рамазан Абдулатиповас.

«Диваналъулал репортеразул гильдиялъул» нухмалъулев Леонид Никитинскияс абуна кигIан квеш бихьулеб батаниги Дагъистаналдаса бачIунеб информация – гьеб букIун лъикIилан.

Леонид Никитинский: «Россиялъул гьоркьохъеб регионалда маийлан босун абизе пресса гьечIо. Гьел регионазда такъсиралги кколел ратила Дагъистаналда гIадин, амма букIине кколеб къагIидаялъ информациялъул алатал хIалтIунгутIиялъ гьел регионазда кколебщиналъул лъалеб гьечIо.

Гьеб рахъалдасан босани, Дагъистаналъе плюс лъезе ккола, щайгурелъул гьанисан информация бачIунебги буго, жавабги гьеб информациялъе щолеб буго. Дагъистаналда кIиабилеб нухалъ щолев вуго дун. Дида ккола Дагъистаналъул жамгIият чIагояб бугин россиялъул гIемерисел регионазул жамгIиятазда дандеккун.

Мисалалъе, Дагъистаналда ругел гIадал инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIалаби гьечIо гIемерисел регионазда, жамгIиял багъа-бачариял гьечIо, коммерциялъулал гурел гIуцIалаби гьечIо. Гьединлъидал дир хьул буго бугьтан лъеялда хурхараб къанун хIалтIизабунгутIиялъулъ Дагъистаналъ мисал бихьизабилин цогидал регионазе».

МухIамадсалам МухIамадовас абуна Леонид Никитинскиясда Россиялда хIалтIулел къанунал Дагъистаналдаги хIалтIулин. «Къанунал Россиялда бокьахъе хIалтIизарула, - ян жаваб кьуна Никитинскияс ва тIаде жубана.

Леонид Никитинский: «Эркенлъиялъул рахъалъан Дагъистаналъул журналистика цебетIураб букIинадал, республикаялъ бихьизабизе ккола бугьтаналъул къануналда бан букIине гьечIеблъи журналистикадул букIинесеб».

Форум халатбахъана гургинал столаздалъун. «Регионалиял информациялъул алатазул ахIвал-хIал», «Мухъалъул информациялъул алатазул масъалаби» - гьел темабазда хурхун Москваялдаса журналистаз мастер-класс кьуна дагъистаналъул журналистазе.
XS
SM
MD
LG