Цо-цо нухалъ жинда кколин дунялалъул информациялъул алатазе Шималияб Кавказалда лъугьа-бахъунелъул бицун чΙалгΙун бугин. Чехиялъул информациялъул алатаз цебе щибаб къойилгогΙадин бицунеб букΙунаан гьениб лъугьа-бахъунелъул. Жакъайин абуни гьеб нагагьаб жо кколин, абулеб буго гьелъ нижер программаялъе Прохазковалъ. Гьелъул пикруялда, Шималияб Кавказ ккола бищунго кΙудияб кΙвар кьезе кколеб регион, гьениб инсанасул ихтиярал хвезариялъул даража бищунго борхараб букΙиналъ.
Петра Прохазкова: «Дида бихьухъе, Дагъистаналда ахΙвал-хΙал цΙакъ квешаб буго. Гьанжени гьелъул хΙакъалъулъ бицин чехазул инфоралатазги тун бугила ккола дида. Цебе щибаб къойилгогΙадин гьенир кколел кьвагьиязул, гΙадамал чΙваялъул бицунеб букΙунаан. Гьенир чΙечΙого такраралъулел рукΙуна цоцазда релъарал хΙужжаби. Гьал къояздаги ккана чанго тΙадекΙанцΙиги, кьвагьи.
Дагъистан, узухъда, гьеб чачанлъи гуро. Чачаназул республика ккола цо миллаталъул республика. Дагъистаналде дандеккун гьениб рагъ ккеялъул багьанаги букΙана кигΙанги батΙияб. Дагъистаналда унеб конфликталъул багьанаби кьер-кьерал руго, гьедин абизе бегьулеб батани. Гьениб конфликт унеб гьечΙо, масала, гΙицΙго экстремистаздаги хΙукуматалдаги гьоркьоб.
Гьенир гΙемерал миллатал руго. ГΙемер руго жидер асар кΙудиял къукъаби. Гьелде тΙадеги Дагъистаналда захΙматго буго рахъазда гьоркьоб диалог гΙуцΙизе. Щайгурелъул гьечΙо гьенир гьалин абизе бегьулел лидерал. Гьезул киназулгогун кΙалъа-басал гьаризе кΙолеб жо гуро.
ЦΙакъ гΙемераб ярагъ буго гΙадамазухъ. Цингиги, Мокваялъги абизегΙанго хΙаракат бахъулеб гьечΙогури гьенибе парахалъи тΙадбуссинабиялъе. Гьелъие Кремлалъ хΙакъикъаталдаги хΙаракат бахъулеб букΙарабани, гьелъ регионалда экономика цебетезабиялъе хΙакъикъиял шартΙал чΙезаризе рукΙана.
ЦΙакъ кΙудияб хΙалтΙигьечΙолъиялъул даража буго республикаялда. ГΙолилазда гъорлъ хΙалтΙигьечΙел гΙемерал рукΙин ракΙалде босун абизе бегьула, гьелъ кΙудияб квербакъи гьабулеб бугин «рохъилазейин». Дида ккола, гьезул кьерал цΙезариялъул киналгΙаги проблемаби гьечΙин. Руго гьенир батΙи-батΙиял диниял гΙаркьелалги. Гьезги жидерго къагΙидаялда гΙамал гьабулеб буго гΙадамазе асар гьабизе. РакΙалде кколеб буго Москваялъ абулеб бугин жидецаго жалго тагΙинаризе теян, гьезие гьедигΙан бокьун батани, гьелъул нижее ургъел гьечΙин».
Прохазковалъул пикруялда, Москваялде балагьун чΙун ругони, ахΙвал-хΙал республикаялда хисуларо. Москваялда нухмалъиялда ругел хъулухъчагΙазул жидерго руго регионалда хурхун. Дагъистаналъеги регионалъул цогидал республикабазеги бищунго къваригΙараб нух ккола сахаб гражданияб жамгΙият гΙуцΙи. Амма гьеб гΙуцΙиялъеги хасго Дагъистаналда руго бищунго кΙудиял проблемаби. Гьезда гъорлъан цояб хурхараб буго гΙемер миллатал рукΙиналда, ян такрар гьабулеб буго журналисталъ.
Петра Прохазкова: «Дида ккола бищунго захΙматаб масъала бугин пайда бугеб оппозиция гΙуцΙиялъул, хасго Дагъистаналда. Щайгурелъул гΙемермиллатал рукΙин гьеб туристазда берцин бихьула. Амма жибго пачалихъалъе захΙматаб масъала буго гьединаб республикаялда букΙине кколеб къагΙидаялда жиндирго политика билъанхъизабизе.
КъварагΙараб мехалда гьеб жалго гьел халкъазде данде хΙалтΙизабизе ресги букΙуна. Дагъистаналда гΙемермиллатал рукΙин гьеб кΙудияб проблема бугилан ккола дида. Нужер миллатазда бажарулеб гьечΙо букΙине кколеб къагΙидаялда цолъун жидерго гΙаммаб рагΙи абизе. Дица бицен гьабулеб буго оппозициялъул.
Республикаялда оппозиция гьечΙони, цадахъ лъугьун хΙалтΙи гьабизе бажарулеб интеллигенция гьечΙони, эркенал информациялъул алатал гьечΙони, гьеб ккола демократиял хиса-басиял гьариялъе киналгΙаги ресал гьечΙилан абураб.
Гьеб кинабго гьечΙони жибго халкъалъулги хьулалцин раккуларо хΙакъикъаталдаги эркенаб улкаялда гΙумру гьабизе, гьезда лъаларо кин гьеб букΙунебалицин.
У, гΙадамал разиял рукΙунаро, амма гьезда лъаларо жидерго гΙумру кин хисизабизе бегьулебали. Дида ккола гьеб ахΙвал-хΙал гΙемераб заманалъ халат бахъине бугилан. Дида ккола бищунго лъикΙаб дару бугин, гΙолилаз къватΙире ине гΙамал гьабун, лъикΙаб лъай босун, Европаялъулазул гΙумруялде балагьун, цинги тΙадруссун жидерго доба лъикΙаб рахъалде гΙумру хисисзабизе хΙаракат бахъиян. Гьениргоги чΙун, лъугьа-бахъунелъухъ балагьун чΙун ругони, гьелъ хΙасил кьоларо."
Кин бихьулеб бугеб дагъистаналъул проблемаби жибго республикаялда жаниса? «Дагъистаниял» абураб газеталъул бетΙерияв редактор ГъазимахΙамадов ГΙалисултаница абулеб буго гΙемер миллатал рукΙиналъ кинабгΙаги квал-квал гьабуларила Дагъистаналда низам чΙезабиялъул ишалда. Гьеб проблема балагьизе кколила цогидаб рахъалдайила.
ГъазимахΙамадов ГΙалисултΙан: "ГΙемер милатал рукΙиналдалъун бихьулеб квал-квал гьечΙо гражданияб жамгΙият гΙуцΙиялъе, дир пикруялда. Квал-квал гьабулеб буго нухмалъи жидехъ бугел гΙадамаз жидерго мурадазда хъулухъазул ресал хΙалтΙизарулел рукΙиналъ. Квал-квал гьабулеб буго РФ-ялъул нухмалъулез дагъситаналъул тΙадтараздасан чΙван къотΙараб куцалда къанунал тΙуразари тΙалаб гьабулеб гьечΙолъиялъ. Квал-квал гьабулеб буго низам цΙунулел идарабаз жидецаго къанунал цΙунулел гьечΙолъиялъ, жидецаго хвезарулел рукΙиналъ. Квал-квал гьабулеб буго жинда нахъ кинабгΙаги такъсир гьечΙев чиясдацин, нагагьлъун пуланав хΙикимасе данде кколев гьечΙони, тΙад такъсирияб иш гьабизе рес букΙиналъ. Гьединасда тΙад гьересияб диван гьабизе рес букΙиналъ. Нагагьлъун гьезул системаялда ракΙ бацΙадав, намус-яхΙ бугев чи хΙалтΙулев вугони гьез гьединав нахъе яризавула ва гьеб бакΙалда жидерго чи лъола."
Машгьурав журналист, дагъистаналъул ЖамгΙияб палатаялъул гΙахьалчи Алик ГΙабдулхΙамидовас Прохазковалъул пикру къабул гьабичΙо байбихьудасанго. Жиндирго аргументал гьес загьир гьаруна гΙуралъ эмоционалияб къагΙидаялда. «Дагъистаналъул гΙемермиллатлъиялъ сундониги квал-квал гьабуларо, гΙагсалда республика гьединаб букΙиналъ ресал щун руго жиде-жидер культураби хутΙизаризе, лъикΙал гΙадатал цунизе». - ян риккунеб буго ГΙабдулхΙамидовас. Гьединлъидал Прохазковалъ бицунелда жив чΙван къотун разияв гьечΙилан абулеб буго гьес.
ГΙабдулхΙамидов Алик: "Узухъда, гьелда дун разилъуларо. Щайгурелъул Дагъистан кидаго чΙухΙараб букΙана гΙемер миллатазул республика букΙиналда бан. ГΙемер мацΙал, гΙемер гΙадатал, гΙемер культураби рукΙиналдаса.
Цебе чΙезабе батΙи-батΙиял тΙугьдул рижунеб майдан. Чехиялдасан коллегаялъул пикруялда, щиб, гьеб майдан гΙицΙго марьям-тегьалъищ яги гΙицΙго розаялъищ цΙун букΙине кколеб! БатΙи-батΙиял тΙугьдул ругони, букΙинарищха берцинаб калорит.
Дидани, гΙагсалда ккола, гΙицΙго Дагъистан гьединаб гΙемермиллатазул, гΙемер мацΙазул букΙиналъ рес щванин жиде-жидер культура, гΙадатал цΙунизе. Бищунго аслияб жо, нилъер рукΙинчΙо миллатазда гьоркьор рагъал, конфессияздагьоркьосел рагъал. Гьединлъидал дица абила, гьеб гΙемермиллатлъиялда буго нилъер цолъи, нилъер къуват. Гьеб нилъер бечелъиги ккола.
Демократиялъе квал-квал гьабулеб жо гьеб кколаро. Балагьани, Дагъистаналдани жибго Росиялдасаги, Европаялдасаги цебе тΙагΙана лагълъи. Цингиги, жамгΙияталъ хΙукму гьабулеб къагΙида демократия батани, гьеб, гьелде доб заманалда демократиян абулеб букΙун батичΙониги, нилъер гьаниб гьеб букΙана гΙемерго цебе, гьанже абухъего, Европаялъул цивилизациялъулалин, абулеб пачалихъазде дандеккун."
Ι990 соназда Дагъистаналда рукΙана миллатазул багъа-башариял, мисалалъе, лъарагΙазул «Тенглик», магΙарулазул – имам Шамалиль цΙаралда «Халкъияб фронт», лезгиязул -"Садвал" ва гь.ц. Доб заманалда гьезда гьоркьор рукΙана рагΙи рекъонгутΙиял. Хасго гьелъие гΙиллалъун рукΙунаан ракьазул ва пачалихъиял хъулухъазул суалал. Жакъаги лъарагΙаз загьир гьабулеб буго гьединалго проблемаби рорхун жидерго разигьечΙолъи. ГΙабдулхΙамидовас абулеб буго, цо пуланаб даражаялде бахараб мехалда гьединаб дагъситаналда халкъазда гьоркьоб хΙалуцин гΙодобе кколила, шайгурелъул халкъазда бичΙчΙунила гьединал дандечΙеязул яги рагъазул перспектива гьечΙолъи бихьунила. Гьелъие цингиги бугила цΙакъ кΙвар кΙудияб цогидаб гΙиллагиян абулеб буго журналистас.
ГΙабдулхΙамидов Алик: "Жакъа нилъер халкъал цоцалъ лъикΙго журан руго миллатаздагьоркьосел ригьиназдалъун. Гьанже нилъеца гьал лъарагΙал, гьал даргиял, гьал лезгиял, гьал цоял магΙарулал абун рикь-рикьун ине байбихьани, гьеб ккола гΙемерисел кΙигомиллаталъул хъизаназул рукъусан гΙорхъаби цΙазе кколин абураб жо."
"Миллат" абураб лъиданиги бачΙеб авар газетаялъул бетΙерияв редактор БисавгΙалиев МахΙамадица гьедин чΙван къотΙун абулеб гьечΙо - Дагъистаналда гΙемер халкъал рукΙиналъ, гΙадамазул гΙумру, ахΙвал-хΙал рукΙалиде бачине квал-квал гьабулеб гьечΙин. Гьес республикаялъул халкъ гΙемермиллатазде гуреб, кΙибикьулеб буго. ГΙицΙго гьединаб хΙакъикъаталъ квал-квал гьабулеб бугила республикаялда гражданияб жамгΙият гΙуцΙизеян риккунеб буго гьес.
БисавгΙалиев МахΙамад: "ГΙемер миллатал рукΙиналъ Дагъистаналда гражданияб жамгΙият гΙуцΙизе квал-квал бугин абураб пикруялъул тΙубанго рахъ кквезе дида кΙоларо. Амма хΙакъикъаталъул бутΙа гьелъулъ бугоян, гΙурусаз абухъего, хΙисабалде босизе кколеб рахъ гьеб буго унго-унгоги. ГΙемер миллатал рукΙиналъ миллатазул политикиял суалал гьанир загьирлъула. Цогидаб рахъалдасан балагьани, гΙемер миллатал рукΙиналъ гьаниб кин квал-квал гьабулеб! ТΙахьазда, газетазда, гьадин харбида гурони, гΙемер миллатал гьечΙо гьанир. Гьаниб цо миллат ккола пачалихъиял хъулухъчагΙи - пачалихъалъул бюджет бикъулел чагΙи. ХутΙарал руго бикъизе щвечΙел, ихтияралги гьечΙел, къануналъул къурбаналлъунги кколел, бюрокартиялъул къурбаналлъунги кколел гьаримал, ихтиярал гьечΙел гΙадамал. Гьел ккола кΙиабилеб миллат.
Дагъистаналда гражданияб жамгΙият гΙуцΙизе рес кьолеб гΙаламатал дида рихьулел гьечΙо. Щайгурелъул ахираб 20-30 соналда жаниб гΙицΙго Москваялъ дотациябиги кьун бугеб дагъситаналъул нухмалъи Кремлалъул кΙалдибеги балагьун. Нухмалъиялъ кьолел кепказухъги балагьун халкъги буго. Гражданияб жамгΙият гΙуцΙизе ккани республикаялда букΙине ккола жиндирго индустрия, Жиндирго даран-базар. Киназего баянаб жиндирго экономика. Тιалъиялъ гьабулелда хадуб хал гьабиялъе ресалги халкъги. Гьединал гΙаламатал гьечΙеб мехалда гражданияб жамгΙият гΙуцΙизе захΙматго букΙуна. Хιакъикъаталдаги, дир пикруялда, гΙемер миллатал рукΙиналъул квал-квал гьечΙо, щайгурелъул дагъистаниязул тарихалдасанго бачΙараб пикру ккола, нилъ, дагъситаниял гΙаммаб миллат бугилан абураб . Дагъистаниязда биччуна, жидер цебетΙейги, жидер гΙумру-яшавги, жидеца гьабулеб ишги цебехун билъанхъулареблъи миллиял квартиразде, цоял магΙарулалин, цогидал лъарагΙалин, доре-гьанире иналъ. ТΙубанго гьелъул пикруялъул рахъ кквезе дида кΙоларо, амма цо дагьаб асар гьелъул бугилан ккола дида.»
Дур пикруялда, щай Россиялда гΙицΙго Шималияб Кавказалда загьирлъулеб бугеб гьединаб хΙалуцΙараб ахΙвал-хΙалин абураб суалалъе жаваб кьолаго Прохазковалъ абулеб буго, кьвагьдолеб бакΙалда гуллаби риккине бегьулеб жо гурин. БатΙалъи гьечΙила гулбул, танкаби, ракетаби, цогидаб. "Рагъ унеб мехалда , жавабчилъи гьечΙого хΙалтΙизаризе бегьула сурсаталги гΙарацги. Россиялда генералал гΙемер руго. Гьедин букΙана 90 соназдаги. Гьединго бугилан ккола гьанжеги. Цогидаб рахъалдасан, жибго регионалда коррупциялъул даражаги буго цΙакъ борхараб. Доба гΙарац кьун босизе бегьула тохтурасул дипломалдасан байбихьун хъулухъалде щвезегΙан. Москваялдаги руго гьединаб кΙудияб гΙарац гьабизе рес кьолеб бакΙ букΙиналъул интерес бугел къокъаби. Гьедин дора ургъулел руго батΙи-батΙиял проектал, гьелъие биччалеб буго кΙудияб гΙарац, хадуб гьелъул кΙудияб бутΙа адрес лъачΙого тагΙунебги буго. Ва гьелъул жаваб кьолева чиги ватулев гьечΙо, битΙун абуни, валагьулев гьечΙо. Гьеб кинабго ккола гΙиллалъун республикабазда кьвагьяил, чΙвай-хъваял, гΙадамал рикъи ва цогидал вахΙшиял ишал загьирлъиялъе багьаналъун." ян абулеб буго Прохазковалъ.
Гьелъул гьел пикрабизда щибниги цΙияб жо жидеда бихьуларин абулеб буго нилъер журналистаз.
БисавгΙалиев МахΙамад: «Гьа, гьеб щибниги балъголъи гуро. Гьелъул хΙакъалъулъ щибаб къоялда дигъистаналъул лиданиги рачΙел, эркенал СМИялъ хъвалеб буго. Гьелъул хΙакъалъулъ нижеца хъвалеб буго, гьелъул хΙакъалъулъ «Черновикалъ» хъвалеб буго, гьелъул хΙакъалъулъ хъвалеб буго «Новое делоялъ», «Натоящее времяялъ». Гьелъул хΙакъалъулъ щибаб богорукъалда бицунеб буго, гьелъул хΙакъалъул гьанире рачΙчΙунел федералиял СМИязул журналистаз хъвалеб буго. Гьеб балъголъи гуро. Балъголъи гуро гьаниб тротилалдалъунги, танчидалъунги, автоматалдалъунги финансазулгун политикиял къуватаз жидерго масъалаби тΙуразарулел рукΙин. Гьеб буго киназдаго лъелеб, якъинаб жо. "
ГΙабдулхΙамидов Алик: "Гьеб сулалда бан чехиялдасан нилъер кколлегаялъ америка нилъее рагьулеб гьечΙо. Гьелъ абичΙониги, нижедагоги щибаб къойилгогΙадин бихьула тухумлъиги, къанунал тΙуразараунгутΙиги, цогидал гΙунгутΙиялги. Дир пикурялда, аслияб жо ккола къануналъул гΙорхъабазде нахъ руссин. Гьелде руссинаризе ккола киналго, гΙадатияв фермерасдасан, школалъул хΙалтΙухъанасадасан байбихьун президентасде щвезегΙан. ЖамгΙияталда ритΙухълъиялъул принцип нахъ буссинабун хадуб, къануналда цере киналго ращадал рукΙиналде рачΙун хадуб, нилъер гьанибги букΙинаха низам. Гьелегури Израилалъ гьелъул бихьизабулеб буго премьерасда хурхараб мисал яги Франциялъ, президент жавабчилъиялде цΙалеб мисал."
Гьеб мурадалде щвеялъул суал цΙакъ захΙматаб бугила. Къанунал хΙалтΙулеб батΙалъи гьабичΙого щивасе жавабчилъи цогояб букΙунеб жамгΙияталде нух жибго халкъалъ бахъизе кколила. Ва халкъалъ гьелде нух бахъизе букΙиналдаги жив божулила абулеб буго гьес.