Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадов МухIамад Саламица абулеб бугоан республикаялда лъугьун бугеб захIматаб ахIвал-хIал роцIцIинабиялъе кIудияб квербакъи гьабулеб бугин машгьурал диниял церехъабазгун шайихзабаз гьарулел вагIзабазилан. Гьединлъидал машгьурав гIалим, МухIидин-аль-Карадаги Дагъистаналде вачIиналъул кIудияб квербакъи букIине бугин гьеб лъикIлъиялъеян.
БакIккун букIаго абила МухIидин-аль-Карадаги вачIине рагIулин рузманкъоялъ МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталда вагIза гьабизейилан абидал, Дагъистан бахун къватIивги машгьурав ЧIикIаса КIудияс жив чIаго вугеб мехалъ дагьалищин гьарурал вагIзаби, гьелдалъун лъугIизейищин лъугIарал рохьоре унел гIолилазул къадарги, жиб жиб къойил гIадин кколел чIвай хъвеялгиян абун гIемерисезул цо бер-ракIго щвечIо гьеб хабаралде.
WordYou.Ru абураб интернет сайталда хъвалеб бугоан кIудияб мажгиталда вагIза гьабун хадусел къояз Дагъистаналъул миллияб библиотекаялда тIобитIараб данделъиялда официалияб куцалъ, рухIияб идараялъул вакилзабиги, хас гьарун гьенире ахIарал журналисталги гурони рукIинчIин, мисалалъе гьенир рукIинчIин шейх МухIидин-Аль-Карадаги Дагъистаналде ахIиялъе квербакъарав Агьлу-сунна-валь-ДжамагIат абураб гIуцIиялъул хIаракатчи ГIабас Къебедов.
Гьединго гьеб баяналда гIайиб чIвалеб букIана шейх Карадагица гIараб мацIалда гьабураб кIалъай тIаса-масаго гIурус мацIалде буссинабулев чиясдеги, гIалимчиясул рагIабазул хIакъикъияб магIна халкъалъухъе щвезе биччалеб букIинчIин гьесилан хъвалеб буго гьениб.
Экстремистазул гъарачилъиялде халкъ гьукъулеб тайпаялъул хIукму къабул гьабунин гьеб данделъиялдаян абураб баян мекъаб бугилан хъвалеб буго гьебго WordYou.Ru сайталда. Гьеб баянлъизабизелъун живго Карадагил рагIаби рачунел руго гьез гьенир. Кинал рукIаниги хIукмаби къотIизе дун гьаниве вачIун вукIинчIин, гьаб букIанин гIицIго кIалъаял гьаризелъун гIуцIараб дандчIвай.
Гьебго такрар гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Шималияб Кавказалда ислам лъазабиялъул рахъалъ централъул эксперт Руслан Гереевасги. Жакъа кигIанго бокьаниги гIалимзаби нилъергоги рукIаго кинаб хIажалъияйин бугеб рикIкIен гIемераб гIарацги хвезабун дунялалдасаго гIалимзаби Дагъистаналде ахIизеян гьикъулеб буго Гереевас. Жинца узухъда адаб гьабулин гьел диниял церехъабазул, амма Дагъистаналда ругел кIвар бугел суалал дандразе гьел рачIин гьанир ругел гIалимзаби жойидего хIачIолъилъун бихьулеб буго Русланида:
Гереев Руслан: «Щибаб нухалъ иргадулав динияв цевехъан ялъуни гIалимчи вачIиндал информалатз тIибитIизабула хабар гьадинаб хIукму къотIун бугин додинаб хIкумуялде рачIун ругилан абун. Гьезда щай бичIчIулареб исламалда жаниб гьукъун букIин мун гьенив гIумру гьабун гьечIони пуланаб бакIалда хурхун дуца хIукму къотIизе бегьулареблъи. Гьеб бакIалда ругел гIадаталги, жанисан лъугьун бугб ахIвал-хIалги, цогидалги кIвар бугел суалал рагIа-ракьанде щун лъалел ратани гурони гьес кинабгIаги хIукму къотIизе бегьуларилан малъулеб буго гури исламалъ?»
Пресс конференициялда гьабураб кIалъаялда Дагъистаналъул КIудияб мажгиталъул имам СагIадуев МухIамадрасулица абуна кигIанго рекIекълъизе кканиги абизе кколеб бугин жакъа Дагъистаналда гIалимзабазгун имамзабаз гьарулел кIалъаяз кIудияб асар гьабулеб гьечIин халкъалъе. Гьединлъидал жакъа кIудияб баркала бугин гьенире швезегIан рачIарал гьал хIурматиял гьалбадерие абун.
Амма теологиялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан МухIидинов Шамилица тIубанго рахъкколеб гьечIоан гьеб пикруялъул:
МухIидинов Шамил: «Гьелъул магIна кколаро жакъа Дагъистаналъул гIалимзабаз гьабулеб хIалтIи гIадада кколеб бугин, гIадамаз гьелъул миллат гьабулеб гьечIилан. Гуреб батани бихьизабе Дагъистаналдаса гIадин цогидал регионаздаса цIикIкIун щал арал хIежалде, нилъер гьаниб гIадин ислам гIелму лъазабиялъул рахъ цебетIун гьечIо цогидал мухъазда. Гьелъ бихьизабулеб буго гьабулеб хIалтIул кIудияб хIасил кьолеб букIин. Цогидаб рахъ босани МухIамад Расул-хIажияс гьедин абиялъе гIиллаги буго. Цо-цо гIолилал битIараб исламалъул нухалде руссинаризе захIмалъулеб буго, щай гурелъул гьел къосинарулеб цо хасаб къуват бугелъул».
Шейх МухIидин-Аль-Карадагица мисалалъе рохьилазул хIаракатчилъи рикIкIунеб гьечIо изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъалъун, гьел киналго кколин бусурбаби, гIицIго гьезда мекъи бичIчIулеб бугин шаригIаталъул хIукмаби. Куръаналъ ва аварагасул суннаталъ малъулелда рекъон киналго бусурбаби гьес ахIулел руго цолъиялде.