Ссылки для упрощенного доступа

Лъин кIанцIун цо сон. Суалал хутIулел руго


Дербенталда лъим кIанцIаралдаса лъагIел сверула исана 9 октябралъ. Гьеб лъел балагьалъул хIасилалда хун вукIана лъабго чи, чанги нус-нус чиясе заралги ккана. ТIубараб сон аниги, лъеца гIанкъизарурал рукъзабазул бетIергьабазул магIишат рукIалиде ккун гьечIо. Гьезул гIемерисезе хIукуматалъ гIарац кьуниги, гьеб пачалихъияб кумек щвечIезул къадарги дагьаб гьечIо.

Дербент шагьаралъул ва сверухъ ругел росабазул гIадамаз жидеда киданиги кIочон теларин абула. Гьеб сордоялъ жал лъел гьаракьалъ макьидаса рорчIанин ва гьелдаса хадуб чанги сордоялъ кьижизе кIвечIин жидедайилан бицуна гьез. Гьеб лъел балагьалъул хIасилалда лъабго чи хвана. Гьезул цояв вукIана моцIцин бачIев вас. АзаргогIан чиясе зарал ккана, гIемерал минабиги гьениб бугеб къайиги хвезабуна лъеца, шагьаралъул нухалги лъим кьабулел бакIалги, токалъул кваралги хвезарун рукIана. Гьел къояз тIолго Дагъистаналдасаго гIадамаз кумек гьабулеб букIана зарал ккарал гIадамазе.

ТIубарал къокъабиккун рачIун батIи-батIиял студентазгун гIолилазул жамгIиял идарабазул вакилзабаз, лъеца босун бачIараб кьищни-къулалдасаги, хIарщудасагун-хIарудаса рацIцIад гьаруна къватIал. Волонтералги батIи-батIиял рахIму-цIобалъул фондалъул вакилзабиги рачIун гьезги кумек гьабуле букIана гIадамазе. ХIукуматалъги балагьалде ккаразе гIарцулаб кумек гьабизе бугин лъазабуна. Зарал ккаразул сияхI гIуцIизе хасаб комиссияги гIуцIун щибаб рокъоре щун гьениб бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьулел рукIана гьел. Бащадаб лъагIалидасан гьеб сияхIалде цIарал росарал 700 гIан хъизаналъе гIарац кьуна пачалихъалъ. Амма разигьечIезул къадарги гIемер буго. Гьез абулеб буго щибниги заралцин ккечIезецин кьунин гIарац, жал гьоркьор хутIанин, яги гIаращ щвараз дагIба балеб буго гьеб гIураб къадаралда кьечIин жидеейилан.

Гьедин кинабго магIишатги минаги биххун хутIараб ШиххIасанов Кахриманица диваналде гIарза кьун букIана жиндие пачалихъалъ цIакъго дагьаб гIарац кьун бугин абун.

ШиххIасанов Кахриман: Гьанже диваналъ хIукму къотIун бугоха дир хъизаналъе гIарац кьезе, амма кида гьеб щвелебали лъаларо. Сваканад ун гьел диваназдасаги хIакимзабазул гьерсаздасаги гьезул ургъелгьечIолъиялдасаги. Цо сордо-къоялда жаниб гIумруялъ гьабураб кинабго магIишатги минаги гIанкъун кодобе босизе щвечIого хвезабун букIаниги пачалихъалдасан гIарац щвезе ккани дида гIемер къо бихьана, нерваби хун унги ккана. Цин Дербенталъул администрациялъ абуна жидеца дур рукъалъул суал тIубан бахъинегIан нужер хъизаналъе рукъ кквелин, гIарацги жидецаго кьелин. Гьебги кIиго моцIица гурони кьечIо, дицаги киса бахъун гьеб кьелеб, я дун я лъади хIалтIилел рукIинчIелъул. ГурхIарас кумек гьабун, гIагарлъиялъул доре рахъун гьедин ругоха. Гьеб кинабго базаралъе гIоло чакаралъул унти лъугьун буго дир.

ДагIба баялъе гIиллалъун ккана дир минаялъув дир хъизаналъул 4 чияс гIумру гьабун бугин абураб хъвай-хъвагIай букIинчIо. Гьелде нижги регIун рукIинчIо, хIатта дир рокъов гIумру гьавун вуго 9 чи. Дир вуго лъабго вас, гьезулги хъизамал руссине бакI къваригIинарищ. Чи рикIкIун кьураб I00 гъурщица щиб гьабилеб. Гьедине дие 400 азарго гъурущ кьезе бихьизабун букIана хасаб комиссиялъ. Гьелдаса рази гьечIого диваналде гIарза хъван букIана дица, гьеб диваналъул хIукмуялда рекъон дир хъизамалъул 6 чиясе гIарац кьезе ккола. Гьеб щваниги рази вуго дун."

Дербенталда лъим кIанцIиялъул хIасилалда бищунго зарал ккаразул цояб буго Вокзкальная къватI. Гьениб гIумру гьабун ругел гIадамазул сахаб канализация гьечIо. Гьезул гIемерисез жидерго азбаралъуб бухъараб гвандинибе буссинабун букIуна лъим. Гьединлъидал цIадал лъим чваххун инее бакIги гьечIого накалдаса тIаде бахараб лъим букIараб гьел гIадамазул рокъоб. Гьаб сагIат гьениб щиб ахIвал-хIал бугебали бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Ревана СагIидовалъ.

Ревана СагIидова: «Мадугьалзабаз киназго гIарацги данде гьабун нижецаго бахъана гьеб цIадал лъим чваххун ине хасаб бакI. Администрациялде нахъе хьвадун свакан руго ниж. Гьеб бахъизе кумекали киб гурин гьез гьабулеб, гьелъие гIоло къватI бухъизе кколелъул, гьел хIалтIаби гьаризе разилъи кьураб кагъат кьоларого чан гьез ниж рекерахъдизарурал. КигIан захIмат букIаниги нижер тIокIаб рес букIинчIо гьеб лъим чваххизе бакI гьабичIого. Щибаб нухалъ нижер къватIги азбарги лъел цIун букIуна. Гъоркьиса лъим кIанцIараб мехалдаги 40 сантиметралъулниги борхалъуде бахун лъим чIун букIана дир рокъоб. Гьаб минаялъуе яхъун гIемер заман бан букIинчIелъул жеги гьаниб гIумру гьабун ругин абураб хъвай-хъвагIай гьабун букIинчIо нижеца. Гьелъ комиссиялъ нижее лъеца гьабураб зарал бецIун гIарац кьезеги инкар гьабун букIана. Амма диванханаялде гIарза хъван хадуб гьелъ нижер хъизаналъе гIарац кьезе кколин абун хIукму къотIана, амма кида гьеб щвелебали лъаларо.

Лъим кIанцIиялъ гьабураб заралал бецIиялъе кинаб хIалтIи гьабураб, гьеб балагьалъ хвезарурал къватIал кида къачIазе ругел, цIадал лъим чваххизе хасал бакIал гьарун ругищ, цойги нухалъ гьединабго балагь рещтIинчIого букIиналъе щиб гьабулеб бугин абун гIезегIан суалал рукIана «Эркенлъи» радиоялъел Дербенталъул администрациялъул хIалтIухъабазе кьезе. Амма гьезул чанцIула ахIаниги телефоналъ жаваб кьезецин регIарав чи ватичIо.


XS
SM
MD
LG