Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистангун Гъалгъаязул республика – рейтингалъул ахада


Россиялъул субъектазул сияхI хIадурун буго политикиялгун экономикиял коммуникациязул агентлъиялъги «Экономикаялъул тIадегIанаб школа» абураб цIех-рехазул университеталъги. Аслияб куцалда гьениб бихьизабун буго политикиябгун нухмалъи гьабиялъул рахъалъги, социалияб рахъалъулъги кинаб бакI субъектаз кколеб бугебали.

Гьедин гьеб сияхIалъул бетIералда руго Белгород мухъги, Татарстан Республикаги, Москва шагьаргун Москва мухъги.

Шималияб Кавказалъул республикабазул цохIо Чачан Республика буго гьениб цебесеб кьерда. Дагъистангун Гъалгъаязул республикаби ахада руго. Гьезда цадахъго гIадин руго Вологдагун Пермалъул мухъалги, Марий Эл Республикаги.

Мисалалъе босани, социалияб блокалъул рахъалъ Дагъистан буго 82 бакIалда, финансазулгун экономикаялъул рахъалъ – 75 бакIалда.

Гьеб ахIвал-хIал гьадин бичIчIулеб бугоан «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевасда.

МухIамад БисавгIалиев: «Социалиябгун экономикияб рахъалъ Дагъистаналъул рейтинг бищун ахада букIиналда гIажаиблъи гьабизе ккараб жо щибниги гьечIо. Щайин абуни Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун вукIагоги, хадув республикаялде нухмалъи гьабизе вачIингунги Рамазан ГIабдулатIиповас бицунеб букIана гьелъул – бюджеталдалъун хьезабиялъул рахъалъ жакъа Дагъистан буго ахирисеб кьерда. РухIалъухъ (цо чиясул хIисаб гьабун) балагьун Дагъистаналъе I8 азарго гъурущ кьолеб батани, Чачан Республикаялъе гьеб кьолеб буго 52 азарго гъурщил къадаралда. Гьеб буго нилъеда лъалел лъугьа-бахъиназда хурхун гьезие биччалеб гIарац. 200I соналда Путинги улкаялъул бетIерлъиялде вачIун, байбихьана рагъуца биххизабураб Чачан Республика цIи гьабизе кутакаб гIарац биччазе. Рамзан Къадиров нухмалъиялде вачIиндалги цIунун хутIана гIарац биччаялъул гьеб къагIида. Гьединлъидалин социалияб рахъалъ нилъедасаги гъалгъаяздасаги цере ругел чачанал.

Политикаялъулгун нухмалъиялъул рахъалъ Дагъистан нахъе щай ккарабали дида бичIчIуларо. Щайин абуни цебесеб моцIалъ гьабураб рейтингалда (жинца гьабулеб нухмалъиялъул рахъалъ) Рамазан ГIабдулатIипов улкаялдаго I6 бакIалда вукIана.

ГIаммаб къагIидаялъул абуни, рейтингалги цIех-рехалги ракIалде ккарас кковухъе гьарулел жал руго, дун божуларо гьезда. Щивасда бихьулеб буго жиндиего бихьизе бокьараб жо».

Амма гьеб рейтинг кинал баяналги данде кIутIун гьабурабали лъазе кколин абулеб буго Зайнаб ГIалимирзаевалъ. Гьей ккола МахIачхъалаялъул администрациялда информациялъул бутIаялъул хIалтIухъан.

Зайнаб ГIалимирзаева: «Дида лъаларо гьадигIан къокъаб заманалда жаниб нилъ гьеб сияхIалъул ахиралде ккезарурал лъугьа-бахъинал кинал рукIаралали. ГIицIго гьаб 20I4 соналъул бюджеталъул букIана 2 млрд гъурщил дефицит. ТIадеялъул кинан гьеб суал тIубазабилебали Халкъияб Мажлисалъулгун дандбалеб бугоха. Гурони гьаб бюджеталда рекъон, гIемерисел гIадамазе харжал кьезегицин рес букIинчIо. Лъалеб букIахъе, лъагIалида жаниб кIиго нухалда хисана шагьаралъул нухмалъи. ГIемерисел хIалтIаби гьаруна нахъа гIарац кьезелъун. Пляж къачIана, цIияб техника босана. ЖКХялъул техника батичIо шагьар бацIцIад гьабизе. Гьединал мисалал гIемер рачине бегьула. Гьале цIияб хъил тIолеб завод рагьизе буго МахIачхъалаялда, гьелъул абуни кIудияб пайда букIине буго, чияхъа гьеб босизе ккезе гьечIо нилъеца. Чанго азарго тонна хъилалъул щвезе буго нилъее, нухалги жалги къачIазе гьелъул кIудияб квегIенлъи буго. Ралел руго цогидал заводалги. Кьищни-къул бацIцIад гьабулеб завод рагьизе ракIалда буго гьазда. Гьединал мисалалги рукIаго, щибги хIисабалде босун гьез гьедин абулеб бугебали лъалароха. Дида кколароха кIиго соналъ цебе, яги гьаб лъагIалил байбихьуда букIараб ахIвал-хIалалдаса нилъ нахъе ккун ругилан».

Амма гьелдаго цадахъ, руго гIезегIан дагъистаниял гьеб рейтингалда кьурал хIасилал ритIухъал ругин, гьабсагIаталда республикаялъул нухмалъиялъул хIалтIуца пайда кьолеб гьечIин рикIкIунелги.

XS
SM
MD
LG