Адвокаталъул пикруялда рекъон, Джакаев гьенив жанив кквезе къваригIун буго Хасавюрт шагьаралъул полициялъул нухмалъулесе.
ГьанжегIагар эркен гьавизе кколев вукIарав Джакаев ГIабдурахIман жеги къватIиве виччазе бегьуларилан хIукму къотIун буго Хасавюрт шагьаралъул диваналъ. Адвокат МухIамадова Сапиятица жиндирго гIарзаялда гьарулеб буго гьеб хIукму мекъаблъун рикIкIеян. Щайгурелъул хадубккунги Джакаев жанив кквеялъе чIванкъотIараб гIилла бачунеб гьечIин диваналъин абулеб буго адвокаталъ. ЦIех-рехчияс гьелъие гIиллалъун рехсолеб буго исана 22 маялда байбихьараб цIех-рехалъул ишалъулгун лъикIалан лъай-хъвай гьабизегIан чIезе кколила гьев туснахъалъув. Амма гьелъулгун лъай-хъвай некIого кканин ГIабдурахIманил, цIех-рехги лъугIанин абуна адвокаталъ Эркенлъи радиоялъе.
Джакаевасе жанив вукIине заман халатбахъиналъе хIукму къотIулеб диваналда адвокат МухIамадова Сапият гIахьаллъичIо.
МухIамадова Сапият: «Гьелъул хIакъалъулъ дида лъазабизе кколаан щуго къоялъ цебеккунго. Гьев жанив кколеб болжал жеги халалъизабизе къваригIун хъвараб кагъат цIех-рехчиясги диваналде битIизе кколаан жанив вукIине гьесие бихьизабураб заман ахиралде щвелалде - анкьго къоялъ цебеккунго. Бихьуларищ гьез гьабун тараб куц! Дов жанив кколеб заман 19 абилеб къоялъ лъугIулеб букIана».
Сапиятица бицухъе, гьеб диваналда Джакаевасул адвокат хIисабалда цойги чи вукIун вуго. Гъоркьгоги адвокатги бугеб бакIалда мунги адвокатлъун вачIиналъе гIилла щибин гьикъидал, дос жаваб кьун буго жив разилъичIевани, диванчи Хамавовас жинда тIасан квешаб гIарза хъвазехъин букIанин. Диваналъул протоколалда хъван буго Джакаевас жинцаго инкар гьабунин адвокат МухIамадова Сапиятил кумекалдаса.
Полициялъ адвокаталъе рагIи кьун букIун буго 19 июлалда Джакаев эркен гьавизе. Амма гьедин гьабунгутIиялъе квалквал полициялъул нухмалъулев ГIалибеговас гьабунин рикIкIунеб буго гьелъ. Щайгурелъул Джакаев къватIиве виччани, тамихI полициялъул хIалтIухъабазе гьабизе рес бугила. Гьелъул магIна кколеб буго полициялде вачиналда цебе таманча Джакаевасухъе полициялъул хIалтIухъабаз рехун букIин.
МухIамадова Сапият: «Джакаевасухъе рехараб ярагъ цойги ишалъулъги рехсолеб батана. Гьеб хас гьабун полициялъ гьесухъе рехун букIиналъе нугIлъи гьабула таманча полициялъул хIалтIухъанасул букIин, тIад номерги бугеб Токаревасул таманча буго гьеб. Гьезда ккун букIун батилароха гъорлъе яккун дица гьеб лъазабизе букIинги, таманча цогидаб ишалъулъ рехсолеб букIин тIатинеблъиги».
Прокуратураялъги гIинтIамулеб гьечIин гьеб хIужаялъухъин абулеб буго адвокаталъ.Гьанже Джакаевасухъе ярагъ полициялъулаз рехун букIинги тIатун, гьезие тамихI гьабизе рес букIиналъ, лъиениги бокьулеб гьечIила гьев эркен гьави жидедаго тIаде босизе. ЦIех-рехчияс прокуратураялде, прокуратураялъ диваналде тIамулеб бугила. Масала, прокуратураялъ абулеб бугила жидее щайин гьеб, къватIире риччарал чагIазул халги гьабун, хадуб жидее гIадлу гьабизеги рес бугила тIадехун ругез.
МухIамадова Сапият: «Диваналъ хIукмуги гьабун виччайила къватIивеян чIолел руго гьел. Амма диванчагIаз абула жидецайищин гьеб гьабизе кколеб. Гьеле, гьедин гIад-хочI гьабулеб буго гьез гIадамасул гIумру!».
ПалхIасил, 19 июлалда Хасавюрт мухъалъул диваналъ къотIараб хIукмуялда рекъон, Джакаев ГIабдурахIман жанив вукIине ккола 3 августалде щвезегIанги.