Гулечовазул хъизаналда буго кIиго сакъатаб лъимер. Гьесул 20 сон барав Рустам ва 10 сон барай Марзина гьарурал мехалдасаго нахъе ДЦПялъ унтун руго. Гьезие дару гьабизе унила жидер кинабго гIарац гьединлъидал мина босизе ресги рекъечIин, чияр ккураб рокъор гIумру гьабун ругила жалилан абуна Рамазан Гулечовас. Жив I0 соналъ батIи-батIиял идарабаздеги, пачалихъалъул нухмалъиялдеги, рахIму-цIобазул фондаздеги хъвадаранила кумек гьарун, амма мина босизе кумек щвечIин кисаннигиян бицана Рамазаница «Эркенлъи» радиоялъе.
Рамазан Гулечов: «Жакъаги Дагъистаналъул президентасул ишал тIуралев Рамазан ГIабдулатIиповасухъе рачIун рукIана ниж, амма щвечIо гьесухъе нух. Гьабилеб жо лъаларо дида тIокIаб, рес къотIиялъ рачун гьал лъималгун вахъун вукIана дун жакъа гьаниве. ГIумруялъ дица мугъзада ваччулев вуго гьав вас, чIужуялъ кодой ккун ячуна яс. Гьел цонигиял берцинго рилълъунаро. Васасул бохдул хIалтIизего хIалтIуларо. Ясалда яхъунгIаги чIезе кIолеб буго гьанже. ИсаналъагIан гьебги бажарулароан, хъерщелей йикIунаан гьей. Лъабго моцIица цебе Астраналда бугеб гьадинал унатарал лъимал сах гьарулеб централде ун рукIана ниж гьалги рачун. Гьениб гьабураб даруялдаса хадуб Марзина яхъун чIана, хьвагIелаго йикIаниги йилълъине лъугьана. Васасулги гIезегIан мадар буго.
I0 къоялъухъ 150 азарго гъурущ уна гьениб. Гьедин щвараб щинаб шагьи лъималазе дару гьабиялъе хвезабула, гьелъ жеги нижго бетIергьанаб рукъ босизеги рес гIечIо нижер. Гьединлъидал гьаб сагIаталда ниж Дербенталъул рагIалда бугеб ккураб цо гьитIинабго рокъор гIумру гьарун руго, гьенисаги къватIире рахъайин абулеб буго бетIергьанас.
Гьев живго вахъинехъин вуго гьениве. Цойги бакI кквезеги цIакъ захIмалъулеб буго нижей, гIарцул рахъ гурониги рукъзазул бетIергьабазе унтарал лъимал ругин абидал нижехъе рукъ кьезе бокьулеб гьечIо. Гьединлъидал цо-цо мехалда цIакъго ракI къварилъун лъугьуна дун, гьаб аслияб майдан бакьулъ дунго дицаго вухIанигIаги рагIилародай хIакимзабазда дир ахIийин кколеб буго дида. Пачалихъалъ мина кьезе кколезул сияхIалда 4 абилев вуго дун, цере гIумру гьабун рукIарал Гъизляралда I7 соналъ гьеб иргаялда чIун руго ниж»
Гулечовасул рагIабазда рекъон Гъизляралъул бетIер Вячеслав Паламарчукида аскIове ун вуго гьев чанцIулго жиндие жанив чIезе бакI щвеялъе кумек гьабейин гьарун, амма гьесул рахъалдасан хъачIлъи гурого бихьичIин жидедайин абулеб буго гьес.
Рамазан Гулечов: «Ниж цере Гъизляралда гIумру гьарун рукIана. Гьениб рукъ щвезеги хьул букIана, амма I7 соналъ кьечIо нижее гьеб. Кумек гьарун Вячеслав Паламарчукиде аскIове индал гьесги цин гIинго тIамичIо. Гьедин рукъалъул суал тIубалеб гьечIин абун гIарзалъ дове-гьаниве дун хъвадаризе лъугьараб мехалда хIинкъаби кьун, хъачIго кIалъан шагьаралъул бетIерас ва администрациялъул хIалтIухъабаз рахIат течIо дие. Гьединлъидал гьениса Дербенталде рахъине ккана ниж. Кумекали щиб гурин гьес гьабулеб, ниж гIумру гьарун букIараб общежитиялда рукъ кьейин дир хъизаналъейилан гьарараб мехалда гьебги кьечIо гьес. Мадугьалзабазул I00-гIан чияс гъулбас гьабураб гьениб нижее бакI кьейилан хъвараб кагъатги тIагIинабуна Гъизляралъул администрациялда. Гьелдаго релълъун цере –цере дица гьенире хъварал кагъталги кир ругелали лъаларо. Ахирги гьаб моцIида жаниб дир рукъ-бакIалъул суал тIубачIони дун рачун гьал лъималгун чIван дугъгун МахIачхъалаялъул аслияб майданалде вахъине вуго».
ЧанцIул ахIаниги Гъизляралъул администрациялде кIалъазе щвечIолъиялъ «Эркенлъи» радиоялда Рамазан Гулечовас рорхулел суалазда хурхун гьезул пикру лъазабун бажаричIо. Гьединго Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъухъа баяналги щвечIо «Эркенлъи» радиоялъухъе. Гулечовас бицухъе гьеб министрелъиялъул хIалтIухъабаз гьесда абун буго жидеца дуе кинабниг кумек гьабун бажаруларин, дур киналго тIалабал тIалъиялъухъе щвезарейилан.