Ссылки для упрощенного доступа

"Балъгояб унти", балъгояб гIумру...


Официалияб статистикаялда рекъон, ВИЧ-инфекция бугезул 51 процент Дагъистаналда кколел руго руччаби, аслияб къадар лъимал гьарулеб ригьалъул. ВИЧ-инфекциягун гьарурал лъималазул мухIканаб къадар лъидаго лъалеб гьечIо, гьел хутIулел руго рихьуларел, рахчараллъун.

КигIаналъ мухIкнаб бугеб Дагъистаналул СПИД-централъ кьолеб официалияб статистикаяли абизе захIмалъулеб буго, ВИЧ-инфекция букIин лъарал гIадамал унел гьечIо Дагъистаналда психологазухъе гурел, тохтуразухъегицин, гьеб къватIибе лъалилан хIинкъиялъ.

МахIачхъалаялъул Руччабазул консультациялда лъагIалида жанир гьоркьохъеб куцалда ВИЧ-инфекция бугей лъабго ункъо чIужугIадан йосулей йиго сияхIзде. Амма тIолго республикаялда чан ругел гьаруралдаса гьеб диагноз бугел лъималали лъидаго абизе кIвечIин, я СПИД-централъул хIалтIухъабазда, я Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул минисерлъиялда цебе бугеб СПИДалда данде къеркьеяъул централдайин абулеб буго журналист Анна ХIажиевалъ.

Гьединал лъималазул къисматалде гьелъ кIвар кьун буго лъабго соналъ цебе. Амма гьеб заманалда жаниб жинда кIвечIила цониги ВИЧ-инфекция бугеб хъизангун бухьен гьабизе. ТIоцебесеб гIилла гьединал лъимал рахчулел, къватIибчIвазабичIого информация гьезул хIакъалъулъ толеб букIиналъе, бугила жамгIияталъ гьел къабул гьарунгутIи.

Анна ХIажиева: «Цониги, ВИЧ-инфекция бугеб лъимадул эбелгун кIалъазе щвечIо дие, жалго тохтураз абула гьел хIинкъулин, гIагарлъиялдацин гIузруялъул бицине. Гьезул къараб, рахарал гIумру букIунеб буго. Официалияб куцалда МахIачхъалаялда кIиго лъимер буго гьеб гIузру бугел, амма хIакъикъияб гьезул къадар дагьабги цIикIкIараб батулеб буго.

Гьединал лъимал унаро лъималазул ахалдеги. ЖамгIияталъ гьел нахъ чIвала. Масала, Краснодаралда цо чIужугIаданалъ чанго лъимер бачун буго хьихьизе ВИЧ-инфекция бугеб, амма гьелъ гIумру гьабураб минаялъул гIадамал данде рахъун руго, гьел лъималалазул рокъоре тIадруссун кьейин, гьездасан жидер лъималазе унти бахинин хIинкъиялъ, ахиркъадги гьей гочун йиго Москваялде. ХIисаб гьабеха, Дагъистаналда щиб букIинеб букIарабали, гьел тIу-тIун ралаан».

Ругила лъугьа-бахъинал лъидаго лъачIогон гьединл лъимал цогидазда гъорлъ рукIунелги. Сулейман-Стальский мухъалда ВИЧ-инфекция бугеб хъизамалдаса гьебго гIузру бугев вас хьвадулев вугила школалде, амма унти букIин бахчулеб бугила. Тохтураздагицин гьеб лъалеб гьечIила.
ВИЧ-инфекция букIин лъайдал, гьеб бахчизе хIаракат бахъулеб буго унтараз.

Психологазул кумак тIалаб гьабулеб гьечIо гьединал гIадамаз, гIемерисеб нухалда жалго тохтурал кколел руго психологаллъун гьезие, щайгурелъул къватIибе лъаялдаса къан, цIияв чиясда гьеб бицине хIинкъулел рукIиналъ. МахIачхъалаялда ругел психологияб кумак гьабулел хъулухъазда цIехедал, гьез баян гьабуна, цониги, жидер ВИЧ-инфекция бугев чи, психологияб кумак тIалаб гьабун кIалъан рачIинчIин.

Анна ХIажиевалъ «Даптар» сурсаталда бахъараб макъалаялда бачунеб буго цогидаб мисал, Лъимер гьабизе йигей гIаданалда Руччабазул консультациялда гIадатияб халгьаби гьабидал лъараб гьелъул ВИЧ-инфекция букIин, гьелде гьеб бахун буго росасдаса, цебеккун гьес цIар бахъулел букIун гьечIо жив унтарав вукIиналъул. Жакъа къоялде 90 проценталдасаги цIикIкIун лъугьа-бахъиналда унтарай йигониги, эбелалъе сахаб, ВИЧ-инфекция гьечIеб лъимер гьабизе рес бугила.

Цогидаб иш кколеб буго радикалиял диниял бербалагьиял ругел гIадамазул. Масала, гьединал, диниял гIадамаз инкар гьабулила кинаб бугониги медикияб кумакалдаса.

Анна ХIажиева: «СПИД-централъул хIалтIухъабаз баян гьабухъе, рахчарал, радикалиял диниял бербалагьиял ругел руччабаз инкар гьабулел руго жал росасдаса бахун, ВИЧ-инфекция бугел рукIиналъе мукIурлъизе, гьез толеб гьечIо жидеего медикияб кумак гьабизе, лъимер сахаб гьабизе букIине, цинги лъимер гьабизе заман тIаде щведал гьеб хIужа рагьулеб буго тохтуразда цебе, амма кумак гьабизе кватIун букIунеб буго.

Гьабулеб буго унтараб лъимер, амма гьеб лъимадеги, гьеб тIубан сахаб бугилан справка босун, бахчулеб буго гьеб хIужа. Лъимер захIматго унтун, хваниги, гьез Аллагьасул къадар бугин, алжаналде кколин абун ритIухъ гьарулел руго жалго».

ЖамгIияталъ ВИЧ-инфекция бугел чагIи къабул гьарунгутIиялъ рес кколеб гьечIила хIакъикъиял гIорхъаби лъазе гьеб проблемаялъул, гьединал лъималги хутIулел ругила рихьуларел, гьезего гьечIел чагIилъун.

Нагагь, гьел школалде ритIулел ругониги, медикияб халгьабиялъул документазда лъимер унтараб букIиналъул хъвай-хъвагIай гьабичIогон тезе хIаракат бахъулила улбуз. Официаляб статистикаялда рекъон, Шималияб Кавказалда руго ВИЧ-инфекция бугел 127 лъимер. ХIакъикъияб къадар гьезул цIикIкIараб батулеб буго.

XS
SM
MD
LG