Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаналда нухмалъулев вищизе вуго парламенталъ


18 апрелалда Дагъистаналъул парламенталъ инкар гьабуна тIолгохалкъалъ гьаркьал кьун регионалъул нухмалъулев вищиялдаса. Гьелъул депутатаз Россиялъул президент В. Путинихъе хитIаб гьабулеб буго республикаялъул президент вищулеб болжал цебе бачине ихтияр гьарунги.

Регионазул нухмалъулел рищулеб къагIида тIаса бищизе ихтияр парламенталъухъе кьолеб къанун бахъана Пачалихъияб Думаялъ. Гьелда гъоркь гъулбасана президент Путиницаги.

Хамиз къоялъ тIобитIараб Халкъияб Мажлисалъул данделъиялда депутатаз хIукму гьабуна республикаялъул нухмалъулев парламенталъ вищизе. Гьелъул рахъккуна гьенир жидер фракциял ругеб ункъабго партиялъул вакилзабаз.

Спикер Хизри ШихсагIидовас суал лъуна Россиялъул президент В. Путинихъе хитIаб гьабизе кколин республикаялъул президент вищулеб болжал цебе бачине ихтияр гьарунилан. Гьединаб заманлъунги сентябрь чIезабизе. Гурони заманаялъ нухмалъи гьабулев абун цIар букIиналъ президентги, хIукуматги лъикIалан хIалтIун бажарулле гьечIила. Амма жиндие гьелъул тIири ургъел гьечIолъи бичIчIизабуна гьаелдн щвезегIан вуцIцIун чIун вукIарав Рамазан ГIабдулатIиповас.

Рамазан ГIабдулатIипов: "Дие бокьилаан депутатаздаги, гьанире ахIараздаги гьаб пикру битIун бичIчIани. ГIабдулатIипов президентасул хъулухъ кквезе гIедегIун гуреб, гIемерал цогидалги шартIаз тIамулел руго нилъ гьедин гьабизе. 8 сентябралда президентасул гурел районазул, шагьаразул собраниязул депутатал ва бутIрул рищулел цогидал рищиял руго. Гьебго къоялъ нилъехъе Россиялдаса ва къватIиса гIемерал гьалбал рачIунел руго шагIир Расул ХIамзатовасул 90 сон тIубаялъул юбилеялде, руго цогидал тадбиралги. Гьелда бан гьоркьоб лъе гьеб суал парламенталъул президиумалъ ва депутатаз. Дирго рахъалъ абуни, дун «вриолъунги» квеш гьечIо, улкаялъул президентасги, нужецаги, бищунго кIвар бугеб рахъ - Дагъистаналъул халкъалъги дир рахъ кколеб буго. Гьедин абуна нужецаго ва цIех-рехаз, бокьилаан гьеб суалалда тIад ургъун хIалтIизе».

Гьоркьоб лъураб аслияб суалалда тIасан спикерас кьолеб тIадкъай бичIчIичIого, депутатаз гъалатIалги гьарунин бицана ЭР-ялъе "Миллат" газеталъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевас. Гьелъул магIна ккун буго 60-ялда хадув депутат президент парламенталъ вищиялда дандечIун ругел гIадин.

МухIамад БисавгIалиев: "Депутатал ракъун рукIана. Гъозда лъалеб букIана гьагъаб кинабго Москваялъул амруялдалъун унеб букIин. Гьединлъидал гIиси-бикъинал жалазда гъорлъе раккарулел рукIинчIого, партIан хIукмуги гьабун рокъо-рокъоре ине къваригIун букIана гъозие. Гуро спикер Хизри ШихсагIидов лъугьана жинца демократияб куцалда гьбаулеб букIин бихьизабизе. Президент балъгояб гьаркьидалъун вищизе разиял чагIаз гьаракь кье", – ян абуна гьес.

Таблоялда бихьизабуна депутатазул цIикIкIун къадар «данде» букIин. Гьес, гIадатлъун билълъухъе, «хIукму гьабуна» ян абурабго залалда хъуй лъугьана. «Данде» цIикIкIун руго ян хъуй багъарана. Гьадинаб хIалалда щиб гьабизе кколебали баян кьеян хитIаб гьабуна къанунал рахъулеб комитеталъул нухмалъулев МухIамад Амировасдехун. Залалда хъуй цIикIкIунеб букIана, спикерасул рахIат хун бугоан, МухIамад Амировас абуна гьеб суал нахъойги гьоркьоб лъейилан. Гьаб нухалда спикерас бюллетеназдалъун, гьединго электроннияб рагьараб ва балъгояб гьаркьидалъун рищулеб къагIидаги жибго тун, битIахъе лъуна суал депутатазда цебе. Гьеб буго данделъаби рачине спикерасул махщел гьечIолъиялълу хIасил".

Россиялда тIоцебе Дагъистаналъ инкар гьабуна тIолгохалкъалъул рищияздаса. Гьелдаса хадуб гьеб суал Ингушетиялъги гьоркьоб лъезе буго.
XS
SM
MD
LG