Ссылки для упрощенного доступа

ХъулухъчагIазул мал-мулкалда сверун суалал руго


Россия тун къватIиб бугеб мал-мулкалъул хIисаб кьезе тIадаблъун гьабулеб буго чиновниказда Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьел баянал гьез исана 1 июлалде щвелалде хIадур гьаризе ккола.

Пачалихъияб хъулухъалда ругел гIадамаз жидер хъулухъалдаса пайдаги босун гIорхъи бахун къватIиб гьабулеб магIишаталъе нух къайги, ришватчилъи лъугIизабиги рагIула ГIабдулатIиповасда ракIалде ккараб пикруялъул мурад. Гьедин бичIчIизабулеб буго хIукуматалъул пресс-хъулухъалъул вакилзабаз гьеб.
Республикаялъул нухмалъулесул гьеб хIукмуялъ батIи-батIиял пикраби рижизарулел руго гIадатиял гIадамазда гьоркьор. Гьадинги пачалихъалъул гIарац бикъа-хъамулел рукIунин хъулухъчагIиян рикIкIуна гьез. Гьанже ГIабдулатIиповас гьединаб хIукму гьабиги гIемерисезул рекIел рекъон бугоан. Масала, гIадатиял дагъистанияз интернеталдасан гьарурал хъвай-хъвагIаял гьадинал руго.

«Гьелеха, дагь-дагьккун ришватчилъиялъе ахир лъезехъин бугин ккола. Цинги ахиралда киназдаго хадуб вертолетги бачIина, Амиров гIадин туснахъалде рачине».

«Пуланав чиясдехун суалал рижула гьев чи гIадатияв хъулухъчилъунилан хIалтIулевги вукIун, ахиралда долларазул миллионерлъун вахъун вукIин лъайдал».

«Щибниги гьабуларо гьезие. Лъиданиги лъаларедухъ бахчиларищ гьез кинабго. Жидерго лъималазда тIад яги гIагарлъиялда тIад хъвазе бегьулелъул гьеб. Гьединлъидал гьедигIанго гIанталги гьечIо эл, нилъер тIадчагIи».

«БитIараб бицани. Дун щаклъула улка тун къватIибе гIарац баччизе гIураб гIакълу нилъер тIадчагIазул батиялда. МахIачхъалаялда рарал бегIукъал минабазухъги, тукабахъги балагьанигицин бичIчIула гьез гIарац гьезде буссинабун букIин».

«Пачалихъиял хъулухъчагIазулго гIадин, депутатазулги мухъазул нухмалъулезулги буго гIорхъи бахун къватIиб мал-мулк. ГIемерисез гIарац ГIарабазул Эмиратаздегун Европаялде баччула».

Цо рагIудалъун улкаялъе къимат кьезе кIолищин гьикъидал, бикъулеб бугин жаваб кьун букIун бугин гъоб заманалдаго гIурусазул хъвадарухъан Достоевскиясин ракIалде щвезабуна ГIали МухIамадовас ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда. Гьев ккола тарихчи ва журналист.

ГIали МухIамадов: «Гьадалдаса нахъе цIогь гIемерлъун гурони, тIокIаб хисараб жо гьечIелъулха улкаялда. Нилъер гьаниб иш тIубанго тIаса ккун бугоха. Гьелъул цо 30-40 процентниги хисизабизе кIвани, меседил монумент базе бегьилаан нилъер нухмалъулесеги. Амма божизе захIматаб жо буго, битIараб бицани. Щайин абуни, нусго хIилла ургъулеб батила гъол тIадчагIаз, жидер буголъи балъго гьабизе. Гьеб гьабун бажарани, машАллагь, республикаго бохун букIинаанха. Республикаялда хутIулеб гIарацги гIемерлъилаан. Нилъги бечелъилаан. Гьелъул рахъкколелги ратила, амма дандечIарал цIикIкIун рукIина».

ГIали МухIамадовас гьединго тIаде жубана Россиялъул президент Владимир Путин лъадигун ватIалъиги гьебго гIиллаялда букIине рес бугилан. Гьесие къваригIун батилила жиндирго бизнесги мал-мулкги Людмилада тIадги хъван, живго вацIцIадавлъун вихьизавизе.

Чанго моцIалъ цебе Россиялъул Пачалихъияб Думаялъги гьукъана тIадчагIазегун депутатазе улка тун къватIиб бизнес гьабизе. Гьелда бан Дагъистаналдаса олигарх ва Россиялъул Федерациялъул Шураялъул сенатор Сулейман Керимовасул буголъиялъул щибдай ккелаян халккун чIун рукIана цо-цо дагъистаниял. Щайин абуни, декларациялда рекъон, гьесул гIезегIан акциял рукIана Бермудазда, Кипралда ва цогидалъур хъвай-хъвагIай гьабурал компаниязда. Гьедин батани Керимовас Федерациялъул Шура тезе кколин абурал харбалги рукIана. Ахирги гьес сенаторлъи тIаса бищана.

Амма суал чIванкъотIун гьединан лъуни, Дагъистаналъул хъулухъчагIаз щиб тIаса бищилебали абизе захIмат буго. Гьезул цо-цоязул мал-мулк унголъунги гIарабалъ ва Европаялда бугин абураб пикру ритIухъаб букIинеги рес буго. Щайин абуни рохьилазул цIаралдасан магъало лъун жидехъе флешкаби рехун хадуб гьезул цо-цояз жидер буголъи Дагъистаналдаса бакIа-бахариялъул хIакъалъулъ балъгоял хIужаби руго.
XS
SM
MD
LG