Ссылки для упрощенного доступа

Къурбанов: Шималияб Кавказалъул хIакимзабазе рищиял рекIее гIоларо


Къурбанов Руслан, жамгIияв хIаракатчи
Къурбанов Руслан, жамгIияв хIаракатчи

Республикаялъул нухмалъулев жиндир хъулухъалдаса нахъе вахъулев вугилан гъоркьанкьида баккараб харбидаса гьал къоязда Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ гьоркьоб лъураб къануналъул проекталде регIулел гьечIо жеги дагъистаниял.

ТIоцебесеб цIалиялда улкаялъул депутатаз къабул гьабураб гьелъ регионазе рес кьезе буго жиде-жидер нухмалъулел кIиго батIияб къагIидаялдалъун тезе - я халкъалъ гьаркьалги кьун рищизе ялъуни гьединаб хIукму гьабизе ихтияр бакIалъул парламенталъухъе кьей.

Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула битIун лъагIалица цебе улкаялъул президентлъун вукIаго Дмитрий Медведев сабаблъун думаялъулаз къабул гьабун букIана регионазул нухмалъулел гIицIго халкъалъ рищизе ихтияр кьолеб къанун.

Гьанже халкъалъ ялъуни парламенталъ рищизе кколин гьелин абураб къануналъул проекталда тIасан гIемер кIалъай ккун буго жибго гьеб гьоркьоб лъураб мехалда, масала, коммунистазулгун ЛДПРалъул депутатазул рахъалдаса.
Гьединго "Эхо Москвы" радиоялъул сайталъул блогалда Россиялъул жакъасеб тIалъиялъе къабулав гурев политик Борис Немцовас хъвалел руго гьелда тIасан жиндирго пикраби.

Борис Немцов, оппозицияв политик
Борис Немцов, оппозицияв политик
Борис Немцов: "Путинил адвокатаз халкъ махсароде кквезе хIалбихьулеб буго губернаторазул рищиял нахърахъи гIицIго Кавказалда, хас гьабун абуни Дагъистаналда, гурони хъатIизе гьечIилан. Хириял гражданал, гьеб буго лахIчIегIераб гьереси. РакIалде щвезабе цо 2004 соналда Путиница губернаторазул рищиял нахърахъараб куц. Бесланалда теракт ккараб параялъго телевидениялдасан цевеги вахъун гьес абуна терроризмалда данде къеркьеялъул мурадалда губернаторазул рищияздаса инкар гьабизе кколилан. Гьедин Кавказалда гурелги, киса-кирго нахърахъана гьел. Гьанже доз тIоцебесеб цIалиялда къабул гьабураб къануналда цо рагIицин гьечIо Кавказалъул хIакъалъулъ. Гъоба абулеб буго регионазда ругел нухмалъулез жидецаго хIукму гьабулин рищиял тIоритIилищ тIоритIиларелищали. Регионазда ругел нухмалъулелин абуни ккола "Единая Россиялъулал". Хважаинас абураб жо гьабула гьез хваштIан. Дир хIисабалда, дагьабгIаги жидеего хIинкъи бугебщинаб бакIалда рищиял тIоритIунгутIизе хIалбихьизе буго гъоз".

Машгьурав политик Борис Немцовас гьедин хъвалеб буго "Эхо Москвы" радиоялъул сайталъул блогалда.

Шималияб Кавказалъул республикаби демократиялде тIадруссинлъун бихьулеб буго гьеб къанун Руслан Къурбановасда. Гьев ккола Россиялъул халкъазул конгрессалъул нухмалъулезул цояв. Щайин абуни улкаялъул цо-цо регионал жидеего нухмалъулев жидецаго вищулеб даражаялде рахун ругилан тани, Шималияб Кавказ гIадаб тIубараб регион, гьелъие жеги хIадур гьечIилан, Конституциялда жидее бихьизабураб ихтияралдаса махIрум гьарун рукIана Россиялъул тIалъиялъ.

Руслан Къурбанов: "Кьолболъанго демократия чорхолъ бессарал Кавказалъул халкъал гьанжелъагIан чIезарун рукIана, советияб заманалда гIадин, тIасахун нухмалъиги гьабун. Щай гьедин гьабулеб? Щайгурелъул бакIалъул хIакимзаби хIинкъун руго халкъалъул пикру цебетIелин, гьезул бербалагьи гIатIилъилилан. Нагагьлъун гьаниб гражданияб жамгIият цебетIуни, халкъалъ гьездаса жавабчилъи тIалаб гьабизе бугелъул. Гьединин регионалъул нухмалъулев халкъалъ вищиялъе хIакимзабаз нухалги къалел ругел. Гурони жалго киданиги рищизе рес гьечIелъул гьез".

Хадубги Русланица абуна дагъистаниязда лъалила республикаялъул парламентги халкъалъ гуреб, хасал тухумаз бищулеблъи, гьединго щиб тухум-кьибилалдаса чан чи гьенив вугевалиги. Гьединлъидал кIудияб кIкIал буго демократиялдаги гьелдаги гьоркьоб, Къурбановасул хIисабалда.

Руслан Къурбанов: "Гьединаб парламенталъул ихтияр букIине кколаро нухмалъулев вищизе. Гьединлъидал гьеб ихтияр халкъалъухъе кьезе ккола. Гьел рищиязда гIахьаллъизе рес бугел гIезегIан чагIиги ратила Дагъистаналда. Амма гьезие хIинкъи гьечIолъи чIезабизе ккола. Щайгурелъул нахъасан бахъине цониги тухум гьечIев чиясда регистрациялъул заманалдаго ракь тезабизе бегьула гьениса".

Гьедин бицана ЭР-ялъе Россиялъул халкъазул конгрессалъул нухмалъулезул цояв Руслан Къурбановас.

Республикаялъул нухмалъулев вищиялде иш ккани, гьенивеги гIицIго аварав, даргияв яги лъарагIав гурони виччаларин абураб пикру буго Дагъистаналда. Ахираб чанго анцIго соналда жанибин абуни республикаялда тIалъи цин аваразухъ, цинги даргиязухъ букIана. Гьединлъидал официалияб къагIидаялда аслиялин рикIкIараб 14 батIияб миллаталъул, масала, тумазул, лезгиязул, табасараназул, нугъаязул ва цогидазул вакилзабаз кидаго балеб дагIба буго гьеб. Амма гьеб буго тIубан батIияб суал.
XS
SM
MD
LG