Ункъиде бикьун Дагъистаналда раккана гьадинал округал - Централияб, Северияб, МугIрузул, Къилбаялъул. МагIарулал аслияб куцалда Шималиябги МугIрузулги округазда гъорлъе кколел руго.
Гьеб суалалда тIасан гIезегIан гара-чIвариял руго интернеталдаги информация тIибитIизабулел цогидал алатаздасанги. 28 ноябралда гьелъул бицана Халкъияб мажлисалъул данделъиялдаги. Спикерасгун вице-спикерас коммунистазул депутат МухIамад МухIамадов гIодовиччазавуна гьеб бугин хас гьабун президентасул бетIергьанлъиялда бугеб суал. Гьелда тIадкIалъазе цогидазул ихтияр букIунарилан. Гьелъие гIиллалъунги ккун бугин щибаб мухъалда лъугьунеб ахIвал-хIал республикаялъул нухмалъулесда жинди-жиндир вакиласдасан лъазе къваригIин.
29 ноябралда къватIибе бачIараб «Миллат» газеталда гьадин хъвалеб буго гьелъул хIакъалъулъ: «Миллиардазул бюджеталъул дефицит бугеб республикаялда кинал хIакимзаби тIадеги къваригIун ругел? Гьадинги бюрократиялъ кваналеб буго республика. Президентасул ункъго вакил, ункъго округ абураб жо гIемерисезда бичIчIана ункъо округалда административияб гIурхъи гьабизе бугеб гIадин. Гьениб миллияб рахъ кин букIине бугеб, щал лъидехун цолъизе ругел абураб суалги бачIунеб буго.
ГьабсагIаталда республикаялъул политикаялда хадуб хал ккурал чагIазе бищунго интересаблъун хутIана гьеле гьеб «лъица гьабизе бугеб?» абураб суал. Кинал чагIи рукIине ругел гьел цIиял вакилзаби? Кинал чагIи рукIине ругел гьел цIиял вакилзаби? Щал рукIинел? Кинаб гьоркьоблъи букIинеб районазул ва шагьаразул бутIрузулгун гьезул. Президентасухъе гIарз гьаби гурони батIияб рычаг, сурсат, ихтиярал кинал гьезул рукIинел? Гъоркьа эхеде бакIалъул нухмалъиялъул закон ва халкъалъ рищарал бутIрул, тIаса гъоркье – власталъул вертикаль ва федералиял хъулухъчагIи. Кинаб нухмалъи гьеб хIалалда букIинебали бараб буго законалъ кьолел ресазда, президентас гьезда цере лъолел масъалабазда ва гьеб хъулухъалда тарал чагIазда хIалтIи лъаялда ва иш бажариялда».
Гьелдаго релълъараб пикру загьир гьабуна ЭР-ялъе жамгIияв хIаракатчи МухIамад Цезицаги. Дагъистан ункъиде бикьи квешаб пикру гьечIин, амма гьенир вакилзабилъун толел чагIазда бараб жо бугин гIемерисеб.
МухIамад Цези: «Гьеб захIматаб суал буго. Живго гIакълуялда рекъон хIалтIани, гъолъул кумек букIуна. Амма гьанжелъагIан чорокаб системаялда гъорлъ рукIарал, гьагъалго хIакимзаби гъора лъунани, гъолъ пайда кьезе гьечIо. Щайин абуни коррупциялъул схемаялда хIалтIизе лъугьине руго гьел. Гьенир рукIине ккола унго-унгоги ракIбацIцIадал, Дагъистанги, нилъерго миллатги бокьулел чагIи. БитIараб бицани, жакъа бакI-бакIалда бугеб хIакъиъкияб ахIвал-хIал президентасухъе щолеб гьечIо. Гьебги бичIчIун Рамазан ГIабдулатIиповас живго божулел чагIи лъезехъин ратилаха гъора. Мухъазул, шагьаразул нухмалъулез битIараб бицунеб гьечIо. Цебего букIараб системаялда рекъон хьвадулел руго гIадамал, гIемер жо бахчулеб буго. Нилъер чагIазул гIадат буго бокьараб лъикIаб пикру чорок гьабулеб. Гьединлъидал гьеб иш рагIалде бахъинабизе яхI бахъизе ккола киназго».
ЦIумада мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи МахIмудов ХIажимухIамадица гIажаиблъи гьабулеб буго республикаялъул нухмалъулесул хIукмуялда. Ункъиде бикьизе ккани, гьедигIан кIудияб пачалихъищ Дагъистанилан.
МахIмудов ХIажимухIамад: «ХIамил бетIергIанасеб Дагъистан къотIи-къотIизе байбихьун батани, гьедигIан бажари гьечIогойищ ругел нилъер тIадчагIи. Яги жидеца хIалтIи гьабулеб бугилан ккезейищ гьезие къваригIун бугебали. КIудияб пачалихъищ, кIудиял ракьалищ ругел?»
Бицен гьабулеб суалалда тIасан «Черновик» газеталда хъвалеб буго Дагъистан ункъиде бикьи Кремлялъул жиндирго хIукму батизе бегьулин. Гьедин кватIичIого гьел округазул ункъабго республика лъугьинеги рес бугилан.