Гьедингоги кIудияб бюрократияб аппарат, Дагъистаналда дагьалъги кIодолъизе бугин абураб пикру гIатIидго загьир гьабулеб буго информалатазда. REGNUM агентлъиялъе комментариял гьарурав жамгIияв хIаракатчи Уладиев Сулайманица абулеб буго, гьел округал гIуцIилелда цебе цехезе кколеб букIанин кигIаналъ гьеб гали эффективияб букIине бугебали политикияб, экономикияб, социалияб ва этникияб берлагьиялдасаяли. Гьеб ишалда этникияб рахъ кколин бищунго кIудияб кIвар бугебин, лъазабун буго экспертас.
Пачалихъияб Думаялъул депутат Александр Хинштейница рикIкIунеб буго гьелъ рес кьезе бугин эффективияб къагIидаялда «рохьилазде» дандечIезеян.
Живго республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабуна нухмалъи гьабиялъул цIияб система республика бутIабазде бикьи кколарин. Гьеб гIагсалда Дагъистаналъул интерграциялъул инструмент букIине бугин. Амма гьеб мурадалде щвеялъул къагIида гьанжеги бихьулеб гьечIо. ГьечIониги цоязул ракI чIараб буго гьеб Дагъистан цебетIеялъул гали букIиналда.
Цогидалин абуни яги божулел гьечIо гьеб гали цIодораб букIиналда яги вас-васдулел руго гьелъ хIасил кьезе букIиналда бан.
Лъабабилезул буго гIицIго негативияб бербалагьи. Гьез рикIкIунеб буго, гьеб къагIидаялъ республикаялъул халкъазе зарал ккезе бугин. «Дагестанцы» газеталъул бетIерав редактор ГIалисултIан ГъазимахIамадовасулги щаклъи буго гьеб гали эффективияб букIиналда.
ГIагсаб бербалагьи загьир гьабуна нижер программаялъе Москваялдаса тохтур ва жамгIияв хIаракатчи ГIабдурашид СагIидовас. Гьес абулеб буго, гьеб кколин республикаялъул букIинеселъе цIакъ кIвар кIудияб галиян.
ГъазимахIамадовасда жиндирго къагIидаялда бихьулеб буго миллатазда гьоркьоб жахIдаяб бербалагьи бижине биччангутIиялъул тадбирал.
СагIидовасул пикруялда, гIицIго республика бикьи ва вакильзаби тей г1оларо мурадалде щвеялъе. Гьесда гьадин рихьулел руго хадур Дагъистаналда рилъанхъизаризе кколел галаьби: