Гьесул рагΙабазда, цΙалдохъан вугеб мехалдаго, гьесие бокьун букΙун буго воржаризе. Хадуб бичΙч1ун буго, анищалде щвезе ккани, цΙализе кколев вукΙин. ЛъугΙинабун буго кΙиго цΙалул идара – юридикияб институтги росдал магΙишаталъул академияги. РакΙалда букΙахъе, авиациялъул цΙалул идара лъугьинабизе квал квал гьабун буго хъизаналъул проблемабаз. Аммаян, бицана Гашумовас, анищалдасан инкар гьабичΙила ва авиациялда хурхараб лъай жинца хасал тахьал росун, жинцаго босанила. Гьебги институталъул цΙалиялда цадахъгойила. Металлазул тΙабигΙаталъул ва гьел хΙалтΙизариялъул, аэродинамикаялъул ва компьютералда моделал гΙуцΙиялъул, агрегатал гьариялъул ва цогидаб анцΙгоялде щун гΙелмуялъул лъай щвезабиялъеги чанго махшелалде ругьунлъиялъеги кΙудияб кΙвар кьезе кканила чанго сонида жанибила, жубана гьес.
Гашумовас тΙоцебе гьаваялде бахъинабун буго жинцаго мотор гΙуцΙун гьабураб дельтаплан. Гьес абухъего, гьеб букΙана гьесул тΙоцебесеб бергьенлъи. Гьелъ гьев щулалъизавун вуго жив битΙараб нухда вукΙиналъул пикруялда ва тΙадеги гьесизавун вуго хΙалтΙи жигарлъизабиялде. Тирело гьабизе байбихьилелда цебе, лъикΙаланго хΙалтΙизе кканила гьелъие къваригΙунел ресазда тΙад. Ралагьанила металлазул тагΙелал гьариялъе къваригΙунел агрегатал, хасал металлал. Тирело заводалдагурони гьабизе кΙоларилан, абулеб букΙун буго гьесде, гьесул проекталъул хΙакъалъулъ лъарал конструктораз.
ЩугогΙан соналъ хΙалтΙулев вуго жиндирго аппараталда тΙад Надим. «Гьанже гьелъул корпусалъул къватΙисеб рахъ щвалде щвезабиялъул хΙалтΙаби хутΙараб мехалда, дир тΙубанго ракΙ чΙараб буго, диргΙадал шартΙаздаги гьединаб машина гьабизе бегьулеб букΙиналда. Аслияб жо ккола, цебелъураб масъала тΙубазабиялдасан инкар гьабичΙого чΙей» - ян жубана гьес.
ЭР: "- Надим, тирелони щиб, велосипедцин рес букΙунаро гьабизе, гΙарац гьечΙони. Дуцайин абуни, гьелегури бан буго тΙубараб цех. Гьенир лъурал маххул хΙалтΙаби гьарулел агрегаталги, цогидаб къварагΙарабщинабги дуе чΙобого щун батиларо? Нилъеца бицараб берцинаб хабаралда, радиоялъухъ гΙенеккарал божичΙого рукΙинеги бегьула, дуца цо балъголъи рагьичΙони – киссанха дуе щварал ресал гьелъие? Бегьулищ гьелъул бицине?"
Хас гьабун гьелъие гΙоло жинца полициялъул хΙалтΙиги танилан, абуна бакΙалъулав конструкторас. Гьесул рагΙабазда, тирелолда тΙад хΙалтΙи унеб мехалда, хасго гьелъул сипат-сурат баккараб мехалда, гΙадамалги божизе байбихьун буго гьев жиндирго мурадазде щвезе вукΙиналда. Цингиги, гьес цебеги бихьизабун букΙун буго жиндир гΙемер махшелал рукΙин, гьездаго гъорлъ пилотасулги. Гьев воржунев рагΙуна Ми-2 тирелоялда. Гьебин абуни гьес вацасда цадахъ данде бакΙарун буго хвараб аппараталъул корпусги босун. Гьелъие тагΙелалал жинца тΙолабго улкаялдасан ралагьанилан абизе бегьулила ва камурал тагΙелал жиндирго агрегатазул кумкалдалъун гьарунилан жинцаян, жубана гьес.
Гашумовас жиндирго квераца, жинцаго ургъараб боржунеб аппарат гьабулеб букΙиналъул хΙакъалъул информациялъул алатаздахун лъан хадуб, гьесде профессиналияб интерес загьир гьабулеб рагΙуна Москваялдасан конструкторазги, гΙалимчагΙазги. Гьеб ракΙалодеги босун, бакΙалъулав махщалилас гΙамал гьабулеб буго, кинабго хΙалтΙи щвалде щун гьабизе. Гурониян абулеб буго гьес жинда кΙвезе гьечΙила, машина гьаваялде бахъинабизе. Гьебин абуни, кколила жиндир хΙалтΙи гΙададагосеб букΙанилан абураб жойила. ГΙагсаб хΙасил кколила жив анищалде щун вукΙиналъе далилила ва гьелъ рагьулила цогидаб, пассажирал раччулеб тирелоялъул проект гΙумруялде бахинабиялъе гΙатΙидаб нухила абун, лъугΙинабуна жиндирго калам Гашумовас.

40 сонида жаниб бакΙаризе бажарараб гΙарац дица хвезабуна агрегатал росиялъе, дирго проектал гΙумруялде рахъинариялъе шартΙал гΙуцΙиялъе. Гьединаб заманалда жаниб цогидаз рана кΙуди-кΙудиял минабиги, росана чанго хириял, берцинал машинабиги. Дицайин абуни, киналго ресал руссинаруна цере лъурал анищал гΙумруялде рахъинариялъе.
Н. Гашумов
ЩугогΙан соналъ хΙалтΙулев вуго жиндирго аппараталда тΙад Надим. «Гьанже гьелъул корпусалъул къватΙисеб рахъ щвалде щвезабиялъул хΙалтΙаби хутΙараб мехалда, дир тΙубанго ракΙ чΙараб буго, диргΙадал шартΙаздаги гьединаб машина гьабизе бегьулеб букΙиналда. Аслияб жо ккола, цебелъураб масъала тΙубазабиялдасан инкар гьабичΙого чΙей» - ян жубана гьес.
ЭР: "- Надим, тирелони щиб, велосипедцин рес букΙунаро гьабизе, гΙарац гьечΙони. Дуцайин абуни, гьелегури бан буго тΙубараб цех. Гьенир лъурал маххул хΙалтΙаби гьарулел агрегаталги, цогидаб къварагΙарабщинабги дуе чΙобого щун батиларо? Нилъеца бицараб берцинаб хабаралда, радиоялъухъ гΙенеккарал божичΙого рукΙинеги бегьула, дуца цо балъголъи рагьичΙони – киссанха дуе щварал ресал гьелъие? Бегьулищ гьелъул бицине?"
Н.Гашумов: "- Бегьула. ГьабсагΙатги дир гьечΙо дирго рукъ. Дие буго 40-ялдасан дагьалъ цΙиккун сон. 40 сонида жаниб бакΙаризе бажарараб гΙарац дица хвезабуна агрегатал росиялъе, дирго проектал гΙумруялде рахъинариялъе шартΙал гΙуцΙиялъе. Гьединаб заманалда жаниб цогидаз рана кΙуди-кΙудиял минабиги, росана чанго хириял, берцинал машинабиги. Дицайин абуни, киналго ресал руссинаруна цере лъурал анищал гΙумруялде рахъинариялъе.»