Ссылки для упрощенного доступа

ХIеж 2016 - ресал ва хьулал


2016 соналда Дагъистаналдаса ХIежалде унезе рихьизарурал бакIал дагьлъун руго цересел соназда данде ккун. Амма бихьизабураб 6000 бакI цIейги щакаб бугин рикIкIунеб буго цо-цояз. Улкаялда бугеб экономикияб хIал хIисабалде босун, турфирмабаз ралагуьлел руго ресал, ХIежалде иналъул багьа учуз гьабизе. Гьедин, автобусазда бащдаб нух тун унел руго цо-цо къокъаби.

ХIеж 2016 - ресал ва хьулал
пожалуйста, подождите

No media source currently available

0:00 0:04:14 0:00
Загрузить файл

Чанго сон буго Дагъистаналда ХIежалде ине бокьарал электронияб иргаялда хъвалел. Гьелда рекъон, исана соналде гьеб иргаялда хъван 13 азарго гIанасев чи вугила. Амма араб соналда Дагъистаналъе бихьизабураб 6200 бакIалъул цIечIого 2000 гIанасеб бакI хутIун буго нахъе.

2015 соналда рихьизарурал бакIал нахъе хутIи турфирмабазул вакилзабаз бичIчIизабулеб буго улкаялда бугеб лъикIаб гьечIеб экономикияб ахIвал-хIалалдалъун. Исанаги гьеб ахIвал-хIал хисун гьечIила, амма туроператораз хIаракат бахъанила, ХIежалде ине бокьаразе гьеб рес щвезабизейин баян гьабуна «Эркенлъи» радиогун букIараб гара-чIвариялда Дагъистаналъул ХIеж-централъул нухмалъулев АхIмад ХIабибовас.

АхIмад ХIабибов: « Араб соналда Дагъистаналъе бихьизабун букIана 6200 бакI , гьезда гъорлъа, улкаялда бугеб экономикияб ахIвал-хIал сабаблъун, 2000 гIанасеб бакI чIобого хутIана. Исана Дагъистаналъе бихьизабуна 6000 бакI. Улкаялда экономикияб ахIвал-хIал хисичIо, амма цо чIейи бачIана экономикаялъул ва туроператоразул бачIана гьеб ахIвал-хIалалда кинал галаби гьаризе ккелелали бичIчIи. РакIалде ккола, исана гIадамазе ругел ресал дагьал гIатIилъиялъ рихьизарурал бакIал цIечIого хутIиларин».

Цересел соназ тIубан тIагIун букIана ХIежалде сапар ракъдадаса гьаби, ай автобусда рекIун ин. Исана цо бIутIа ХIежалде унез Иорданиялдаса Мадинаялде щвезегIан нух автобусазда тезе бугин, гьеб гали гьабунин нухлул багьа учуз гьабизе букIиналъейин баян гьабуна АхIмад ХIабибовас.

АхIмад ХIабибов: « Гьединал, журарал рейсал, ай цо бутIа гьаваялдаса, цо бутIа ракъдадаса тей цебеккунги рукIана. Гьединлъидал, гьеб исана бахъараб жо гуро. Автобусалда рекIун Иорданиялдаса Мадинаялде щвезегIан бала 30 сагIат. Гьеб заманалда гIадамазе хIажатаб ва кумак чIезабула къокъаялъул бутIруз. ГIаммаб куцалда ракъдадасан ХIежалде унез тола ункъил бутIа нухлул».

Гьедин, цо бутIа нухлул ракъдадаса тун ХIежалде ине чияс харж гьабизе ккезе бугила гIицIго 1800 доллар. ЦIан битIун МахIачхъалаялдаса Мадина шагьаралде самолеталда ине харж гьабизе ккезе буго 3300 доллар. Буго жеги бюжеталъулаб категориялъул рейс. МахIачхъалаялда Минеральные воды шагьаралде автобусалда, гьенисан Дубаялде ва Дубаялдаса Мадинаялде роржун унеб. Гьединаб рейсалъул багьа кколеб буго 2400 доллар.

ХIежалде унезул къадар араб соналда дагьлъи экономист Халил Халиловас хурхинабулеб буго халкъалъе щолеб реалияб мухь дагьлъиялда. Гьаб соналдаги киналго бакIал цIечIогон хутIизе рес бугин абулеб буго экономистас.

Турфирмабаз кигIан ХIежалде иналъул багьа учуз гьабуниги, гьеб гIадамазе захIмалъулеб бугила щолеб мухь дагьлъун букIиналъ. ХIежалде инги цо рахъалъ босанани кколила бизнес ва хутIараб бизнесалдаго гIадин, гьенибги кризисалъ асар гьабичIого хутIи щакаб бугин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Халил Халилов: «Россиялъул цогидал регионазда бащдаб лъагIалица цебе букIараб кризисалъул карачел гьанже щвана Дагъистаналдеги. ГIадамазе щолеб хайир, мухь гIодобе ккун буго, бича-хиси чIун буго. ХIеж-компанияби ккола бизнес, гьелдаги кризис хъатIичIого хутIи щакаб буго. Мисалалъе босила, ахираб чанго моцIида жаниб кисанго реклама гьабулеб бугеб Махер Зейн абурав кочIохъанасул концерт, гьеб гьабизе ракIалда букIана Анжи-аренаялда.

Амма гьеб гьоркьоб ине рес буго, ричарал билетазул къадар кIудияб гьечIолъиялъ. Кибниги щибниги бичун унеб гьечIо. ГIадамаз гьарулел руго хIисабал. Щиб квание телеб, щиб харж гьабилеб цогидал мурадазда. ГIуцIарухъабазул оптимизм букIуна, амма гьабсагIат гIадмазул гьечIо рес, хIакъикъаталъухъ балагьани бихьулеб буго гIадамазул гIарац гьечIолъи ва кризис».

Экономистасул пикруяда ХIежалде гIадамал ритIулел турфимабаздаги кризис хъвачIого хутIи щакаб буго.

Дагъистаналъул муфтиясул гIарабиязул улкабазда ишал кодосев Шигьабудин ХIусейновас «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна, жакъа ругел шартIал хIисабалде росун, Сириялда рагъ лъугIанани нахъеги цIигьаризе рес бугин тIубанго ракъдадаса ХIежалде унел маршрутал. КIочене бегьуларила, гIадамаз ХIежалде ине гIарац цо гуреб, чанго соналъ данде гьабулеб букIунеблъи.

Экономикияб ахвал-хIал хисиялъ, гIадамазул ХIежалде ине ресал тIагIинарулел ругила. Амма кинал шартIал ва экономикияб ахIвал-хIал бугониги, бищун цIикIкIун гIадамал ХIежалде унеб Россиялъул регионлъун хутIулила Дагъистан.

XS
SM
MD
LG