Ссылки для упрощенного доступа

ГьоцIдерил ГЭС: суалал хутIулел руго


ЧIалда - Къорода нух/
ЧIалда - Къорода нух/

ГьоцIдерил ГЭС 1 июлалда хIалтIизе биччазе бугин лъазабулеб буго «Сулакский ГидроКаскад» гIуцIиялъул директор Тимур ХIамзатовас. Амма ГЭСалъул хIоралъ гIанкъарал ракьазухъ гIарац жакъа къоялъги тIубан кьун бахъун гьечIо гIадамазе. Росдал бегавул Шамиль Валиевас баян гьабухъе, гьоцIдерица диваналдасан тIалаб гьабизе ккун буго рецIалил гIарац кьеялъул суал. Гьединго къан хутIулеб буго ЧIалда – Къорода нухлул бутIа. ГIадамаз лъазабухъе, гьеб проекталда букIаралдаса батIаго бахъи ккун буго нух ччукIиялъе гIилла.

ГьоцIдерил ГЭС тIоцебесеб июлалъ рагьизе бугин, гьеб кколин республикаялъул энергетикияб комплексалда гъорлъе унеб 16 объектилан лъазабуна гьал къояз ГьоцIдерил ГЭС балеб бакIалде щварал Рамазан ГIабдулатIиповасда ва Шималияб Кавказалъул ишазул министр Лев Кузнецовасда «Сулакский ГидроКаскад» гIуцIиялъул директор Тимур ХIамзатовас. Гьенир гьарулел киналгIаги аслиял хIалтIаби, ай сангар бай ва турбинаби лъей лъугIун ругин, гьединго 665 метраялъул борхалъуде бахун цIезабун бугин хIорилан тIаде жубана гьес.

ГЭС рагьизе къо цIан бугин, амма гьенир лъеда гъоркье арал жидер ракьазухъ рецIалил гIарац кида кьелебалицин лъалеб гьечIин абулеб буго ГьоцIалъ росдал гIадамаз. КъотIиялда рекъон, ГЭСалъул хIор цIезе биччалелдего кьун бахъине кколеб букIун буго гьеб, амма ГЭС хIалтIизе биччан хадубцин компенсациялъул гIарац кьун бахъинин абураб жоялда божи гьечIин абулеб буго ГьоцIалъа МухIамадова ПатIиматица. Лъеда гъоркье арал ракьазухъ букIине кколедухъ рецIалил гIарац кьечIилан абураб разилъи гьечIолъи буго гIадамазул.

ГьоцIдерица рикIкIунеб буго лъеда гъоркье арал ракьазухъ рецIел хIисабалда энергетиказ жидее 360 млн гъурущ кьезе кколин жеги, амма лъел электростанция балел чагIи чIун ругин гIицIго 220 млн гъурущ гурони кколарилан, гьебги кида кьелебали лъалареб гIарац бугин абулеб буго ГьоцIалъ росдал бегавул Валиев Шамилица.

ГЭС базе кьучI лъурабго рецIалил гIарац гьеб биччазе лъагIел хутIидал тIубан кьун бахъинабизе бугин гьабураб къотIи-къай хвезабунила «Русгидро» гIуцIиялъ, гьелда тIадеги, Дагъистаналъул тIалъиялъ рагIи кьун букIанила росулъ социалиял объектал разе ва квегIенлъаби гьаризе, амма гьебги гIицIго каламлъун хутIанила. Кинабниги, лъеда гъоркье ун буго 110 га ракьазул, гьезул аслияб бутIа рукIанила росдал магIишаталъул кIвар бугел ракьал, амма Русгидроялъ 67 гайилан абулеб бугила гьанже.

Гьединго бегавулас баян гьабуна ЧIалда – Къорода нухлул бутIа къан букIиналда бан, росулъ жанисан сверун унеб транспорталъул лазатбахъиял ругин, щайин абуни, росулъ бугеб нух кIиго мухъ бугеб ва гIатIидаб гьечIолъиялъ, хасго ГьитIинаб ГьоцIалъ росулъан.

ЧIалда – Къорода нух къачIазе 13 млн. гъурущ хIажалъулин лъазабун букIана цебеккун Транспорталъулгун нухазул агентлъиялъ, амма 8 июналда гьеб агентлъиялъул вакил МухIамад ТIагьировас баян гьабухъе, гьеб нух къачIазе хIажалъулеб буго 354 миллион гъурущ. Гьеб кколила ункъо мухъалде бухьен гьабулеб, бищун кIвар бугеб нухлул бутIа, лъеца гьабизе рес бугеб зарал хIисабалде босун къачIазе кколила нухилан баян гьабуна вакилас. Нухлуе лъеца зарал гьебизе рес букIин хIисабалде босун букIинчIила цебеккун, цIидасан нухдасан транспорталъе хьвади рагьизе рес бугила гIицIго тIубан къачIан хадуб.

Гьеб нух ччукIи хIикмалъизе ккараб жо гьечIин абулеб буго бакIалъул гIадамаз. 1997-1998 соназ, нух бахъулеб мехалъ Автодоралда хIалтIулев вукIарав Къадиров Дибирасулас бицана, нухлул проекталда рекъон, гьеб букIине кколаанила 50 гIанасеб метраялъ тIадегIан бахъараб ва гьоркьоб къо лъураб, амма нух бахъулаго зарал кколеб букIараб чанго кулиязул бетIергьабазе кьезе кколеб букIараб гIарац хасал чагIаз бикъун лъугIизабиялъ, гьеб проект хисизабун, бигьаяб хIалалъ гьабунила нух.

Къадиров Дибирасулав: « ГьабсагIат нух бугеб бакIалдаса чанго метраялъ тIадегIанисан бахъизе кколаан гьеб нух. Гьениб лъар жубай бугеб бакI букIана, гьениб базе кколаан кIудияб кьо. Гьеб нух бигьаго бахъун тана, 50- 60 метраялъ тIадегIан бахъище кколеб букIана жо. ГIадамазул ракьал ругел бакIаздасан гьеб нух ине кколеб букIараб мехалъ, гьел ракьазухъ компенсацияби кьезе кколел 11 чи вукIана, амма гьеб гIарацги квана , бикъана гIадмазе кьечIогон тана, нухги бигьаяб къагIидаялъ бахъун тана. ГьабсагIат, гьеб бакIалде нухлул хIалтIухъби рачIуна халгьабиял гьаризе. Гьеб бакIалдасан, дагьалъго хьибилалтIа бахъизе бугин гьеб гьанжейин абулеб буго. ГIарац бачIарабго кIиго анкьитIе бахъулин гьебилан абуна хIалтIухъабаз».

ГьабсагIат ччукIараб бакI кколила кули бугеб бакIалда цебесан унеб. Гьеб кули бугеб бакIалда тIасан ине кколаанила нухилан баян гьабуна гьес. МагIарул ункъо районалде нух унеб буго ГьоцIалъ росу жанисан сверун, гьелъ нухда сагIаталдаса цIикIкIун заман тIадеги балеб буго.

ГЭС баялъ гIадамазе гIемер лъикIлъи букIине бугин абулеб букIанила бачIинтIаго, амма жидее гьелдасан зарал гуреб жо ккечIилан абулеб буго бакIалъул гIадамаз.

XS
SM
MD
LG