Зульфия ГIисахIажиева: «Прокурорас гьел моцIица туснахъалъур тIамизе тIалаб гьабулеб букIана, диванчиги гьесда тIад рекъана. Дица тIалаб гьабулеб букIана Къаранаев, Царитилов ва ГIумаров полициялъул хал-шалалда гъоркь рокъор рукIине риччаян, амма дир рагIи гIинзухъ босулев чиго ккечIо. Гьел рокъоре риччаян тIалаб гьабулеб букIана дица щайгурелъул гьезул кIигояв – Къаранаев ва Царитилов вуго сакъатлиялъул 2 группа бугев чи. Хасго Царитилов вуго ракIунтарав, кидаго бидул тIадецуялъул хиса-басиял рукIунев чи. Гьесие бокьараб мехалда хIажалъизе бегьула тохтурасул кумек».
Царитилов Асадула, Къаранаев Асадула ва ГIумаров СагIид 6 маялда полициялъулазда гьезул гьезул рокъоб чIухьбалаго кьвагьулел алатал ратун хадуб туснахъ гьаруна. Гьезде ярагъ ва кьвагьулел алатал гьариялъул ва цIуниялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго, амма гьезул гIагарлъиялъул рагIабазда рекъон гьел кьвагьулел алатал къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз жидецаго реханин гьезул минабахъейилан.
ПатIимат ГIумарова: «Лъеберго соналъ кверхъвачIеб рукъалъул гIодобакIги бахъун лъун буго гьез нижер гьаниб гьеб кьвагьулеб алат. Цин гьаниб чIухь базе кколинги абун нижер рокъосел къватIире лъугьинаруна. Хадубги чIухьбалелъул нижер чи вукIине кколаревищин аскIовин дун гаргадидал гьез дида цебе байбихьана киса – кирего раккарун жидерго хIалтIи гьабизе. Гьелдаса хадур къватIире лъугьана гьел полициялъул хIалтIухъаби, щибго бегьулареб жоги батичIин абуна гьез жидерго цадахъ хIалтIулезда.
ВахI, кинила гьениб щибго жо батуларебилан, цIакъ ццинбахъун гIадинги лъугьун цо чи ана нижер дове, гьесда хадур жанир лъугьана мугъзада рюкзакалги 5-6яв. Къого минут арабгIадаб мехалда ахIана дун жание. Рукъ бакьулъ бахъ-бахъун гIодоса хъарщигун, гьелда гъоркь букIараб хIарщул гъатги хвезабун, гьелдаги гъоркьа бакIалда лъураб цо хъахIаб полопги тIад бугеб ведро бихьизабуна дида. Гьаб жо щибилан лъугьана гьел дида цIехезе. Нижер жо гурин гьеб, нужецаго лъунин гьениб гьебилан дица абидал хIатIида хьит ретIине течIого ехъерхъун полициялде ячана гьез дун».
Кьвагьизабураб лъабабго минаялъуб цоцада релълъараб къагIидаялъ ратун руго къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазда кьвагьулел жал. Цин рачIун чIухь бан, хадур киналго рукъалъул бетIергьаби къватIире лъугьун хадуб, цойги нухалъ хал гьабизе унел рукIун руго мугъзада нахъа рюкзакал раччарал чагIи ва гьелдаса хадуб къагIидаялъ ратулел рукIун руго кьвагьулел алатал.
Рукъалъул бетIергьаби гIабдалзабийищила ругел, жидедаго аскIоб бокьараб мехалда кьвагьизе бегьулеб гьединал жал рокъор тезейила, гьеб кинабго ургъунго полициялъ гьабулеб жо бугилан рикIкIунеб буго, кьвагьараб цо минаялъул бетIергьан Царитилов Асадулагьил яц ПатIиматица.
ПатIимат Царитилова: «Дир вац вуго унтарав чи, кидаго рекIел унтул приступалги рачIун вукIун гьев. ГIумруялъ ракIбацIцIадго магIишат гьабуле вукIана гьев. Гьанже херлъараб къоялъ гьеб балагьищха гьасде бачIине кколеб букIараб. Журналистаз гьаниб – доба хъван буго 9 маялда кьвагьизаризе хIадурун рукIанин гьасул рокъор ратарал кьвагьулел жалилан. Гьеб буго лахIчIегIераб гьереси, гьазде гIайиб гIунтIизабиялъе гIоло жидеца лъун руго гьел кьвагьулел жал. Гьез абухъе нахъе росун бажаричIого гьеб бакIалдаго кьвагьизаризе кколел гIадал кьвагьулел жал киндайха гIадамаз 9 абилелъ хIалтIизаризе кколел рукIарал. Гьез бицунелда ва абулелда щибго магIна гьечIо. Хвараб магIишаталъулищ бицинеб дирго херав вацасул ургъалица чIвалел йиго дун».
Адвокат Зульфия ГIисахIажиевалъ бицухъе туснахъалъур тIамураб бакIалда Къаранаев, ГIумаров ва Царитилов лъицаго рухун-кьабун яги инжит гьарун гьечIо, гьезде кинаб букIаниги тIадецуйги гьечIо, сахлъиялъул рахъаги лъикI буго. Гьел лъабазго жалго гIайибияллъун рикIкIунел гьечIо, 8 маялда Буйнакск шагьаралъул диванханаялъ гьезие къотIараб хIукмуги мекъаблъун рикIкIунеб буго. Гьединлъидал адвокаталъ гьеб хIукмуялда тIасан гьал гIагарал къоязда Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялде гIарза хъвазе буго.