Каспийскалъул тIоцебесеб галереялда цо батIияб чIаголъи бугин гьал къояздайилан абизе бегьула. Гьелъие гIиллалъун лъугьун буго гьал къоязда гьениб тIобитIулеб бугеб Шималияб Кавказалъул республикабаздаса художниказул гьанжесеб искусствоялъул хIалтIабазул экспозиция. Галереялъул бетIер Дагирова Джамилял рагIабазда рекъон ахираб чанго соналда жаниб гьеб цебехун рехсараб тадбиралде гIадин гIемер чи галереялде вачIун вукIун гьечIо. Гьеб рагьараб къоялдаса нахъе радалалдса къасиялде щвезегIан экспозициялъухъ балагьизе рачIараз цIун бугин галереяйилан абуна гьелъ.
Гьедин цойгидазде дандеккун гьеб хIалалъ гIадамал балагьизе рачIине ккани гьеб проекталъул батIалъи щибин цIехараб мехалда Джамиляца абуна, гьеб бугила киналгIаги гIорхъалаби гьечIеб проект, гIолилазе жидеца бокьараб хIалалъ, щибниги бегьила-бегьиларойилан абичIого рес кьун букIанила жидерго гьунар бихьизабизе. Гьединлъидал экспозициялъул гIаммаб магIнаги лъугьанила инсан сундухъниги балагьичIого жиндиего бокьухъин вукIине кколин, жиндирго анищаздасаги хьулаздасаги гьев нечезе бегьуларилан, абуна проект гIуцIараз.
Гьеб экпозициялда рихьизарун руго суратал, фото-суратал, исталяциял, перфоменсал, хIатта жалго художниказгицин гIахьаллъи гьабулеб буго цо-цо перфоменсазулъ. Масала Нальчикалдаса ячIарай художник Фатимаца бадиб чIортоги бухьун, накабаздаги чIун суратазда сверун рукIунел гIемерал рамкаби гъургъурулел руго. Гьеб проекталдалъун художникалъе бихьизабизе бокьун рагIула инсанас жиндиего ургъарал киналгIаги рамкабазде гьелъул бугеб дандечIчIей.
Гьел рамкабазда жанив живгоги тIамун, цойгидазул пикруялъухъ балагьун, гьелъукьа хIинкъун гIадада унила гIемерисел гIадамазул гIумру, унго-унголъун эркенав чиясул ракIги, рухIги, пикруги эркенаб букIине кколилан абулеб буго Нальчикалдаса гIолохъанай художникалъ.ГIемерисеб мехалда динияб бербалагьиялда яги киназего ругьунаб рукIа-рахъиналъул къагIидаби хвезарияда хIинкъун, яги гьел гIорхъалаби рахине бокьичIого художниказе унго-унголъун рекIей бокьухъе хIалтIизе щоларила. Гьелъ чанги кутакаб искусство гьоркьоб унеб бугила, гьединлъидал гьел гIолилазул рекIелъ бугеб цIа свинабичIого дагьабги гьелегьинабизе ракIалде кканила жидеда, гьедин гIуцIанила гьаб цере рукIаразда релълъинчIеб экспозицияйилан лъазабуна Дагирова Джамиляца гьеб тадбир рагьулаго.
Гьединго гIемерисел гIадамал гIажаиблъизарулел ругоан экспозициялда бихьизабун бугеб гIобилаб кьералъул хъанчалъ. Гьелда тIад чIахIахIарпаз хъван буго гьаб бакIалда нужер реклама букIине бегьулаанилан. Гьеб проекталъул автор Дагъистаналдаса художник Муса Гайворонскияс «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб хъанчил мисалалдалъун жиндие бихьизабизе бокьун букIанила гIадамасул хъантIиялъул гIорхъи гьечIолъи.
Цо-цо мехалда нилъер гIадамазухъ балагьараб мехалда гьеб хъанчIаздагун хабалалъ реклама чIванги гIарац гьабизе хIадур ругин кколила жинда гьел. Гьезие киб бакIалда щиб гьабуниги батIалъи букIунарила, жидерго чвантинире кепкал рортулел ругониян абулеб буго Мусаца. Гьеб кинабго къватIиб чIвазабизе, гьеб суризабизе ургъанила жиндица гьаб проектилан.
Муса Гайворонский: «Гьаб проекталде хIадурулаго гIемерисел художниказ хIалбихьун буго жеги киданиги цебеххун гьез гьарун рукIинчIел гIадал хIалтIаби гьаризе, гьезул чангиял хIалтIабаздасан ратIа рахъизецин лъалеб гьечIо. ГIемерисеб мехалда художникасул цого хатI, къагIида букIуна гьев лъачIогоги хутIуларо. Гьанирин абуни гьел тIубан батIияб хIалалъ рагьана.
Дунго гьаб проекталде хIадурулеб мехалда дида бичIчIана чиясе эркенлъиялъул бугеб кIвар. Масала, кинаб букIаниги экспозиция хIадурулеб мехалда гьелъул гIахьалчагIаз гьелъи данде кколел, хасал тIалабазда рекъарал хIалтIаби гьаризе ккола. Гьаб нухалдайин абуни ниж бокьахъин хIалтIизе тун рукIана, гьелъ батIияб хIалалъ гьабула пикруги, хIалтIула квералги. Гьадинал проектаз рес кьола художниказе искусствоялъул батIи-батIияб нухдасан ине, творчество кIалагъоркье буссун хисизабизе, хIатта чанги анищал тIуразаризегицин».
Гьединго Мусаца бицана цебехун рехсараб гIадаб экспозицияз гьелъул гIахьалчагIазе гурониги, гьелъухъ балагьизе рачIаразеги рес кьолила пикру батIайиса гьабизе, чанги гIадатияб жоялъухъ цойгидал рахъаз балагьизе тIамулила гьел. Экспозиция халат бахъине буго 30 ноябралдалъагIан. Гьелде щвезегIан бокьарав чи чIобого гьелъухъ балагьизе Каспийскалда бугеб тIоцебесеб галереялде ине бегьула.