ЦохIо моцIида жаниб ункъо солдат хун вуго Буйнакскиялъул рагъулаб часталда. «Полигон дальний» абун информалатазул кумекалдалъун цебеги машгьурлъараб бакI ккола гьеб. Гьениб араб соналъ кьвагьи ккун букIиналъул хъван букIана республикаялъул информ.алатаз. Исана 10 сентябралда гьенив хвана контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тIубазабулев вукIарав Волгоград икълималдаса Еромоленко Алексей. Рагъулаб бутIаялъул нухмалъиялъ чIезабуна гьев живго жинцаго чIван вугилан. Амма гIолохъанчиясул гIагарлъи гьелда божулел гьечIо. Жидер вас ургъунго чIван вугилан ахIи –хIур бахъинабуна гьез. Гьелъие далилги буго гьезул.
Рагъулал цIех-рехалъул рахъалъ ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ чIезабуна Алексейил цохIо ботIрода гурони лъураб ругъун гьечIин, гьединлъидал хутIулеб бугин цохIо пикру, гьев живго жинцаго чIван вугилан абураб. Амма Алексейил гIага-божараз лъазабулеб буго васасул черхалда цо гуреб цо чанго ругъун лъун бугин, гьелги батIи-батIиял бакIазда. Гьелъул хIисаб гьабидал ургъунго чIван вукIиналде кIудияб щаклъи буго гьезул. Алексейил яцалъ кагъат хъван буго президент Путинихъе, вац хвеялъул хIакъикъияб гIилла кинаб букIарабали чIезаебян кумек гьарун.
«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Алексейил тIулбикьарай яц Татьяналгун. ГьабсагIат цIех-рехалда жаниб битIараб баян щвезе жидее кумек гьабулеб бугин солдатазул улбузул рахъалъ комитеталъги, инсанасул ихтиярал цIунулезгиян бицана гьелъ. Вац хун хадув гьесул хвалил хIакъикъат цIехон эменги гьейги щун руго Алексейица хъулухъ гьабулеб букIараб рагъулаб часталдеги.
Татьяна Ермоленко: «Нижее рес щвана вац гIумруялдаса аватIалъараб сордоялъ гьес рагъулаб хъулухъ тIубан гьев хъаравуллъуда вукIараб бакIалда гьесда аскIор рукIрал гIолохъабигун гара-чIваризе.
Вацасул лъихъгуниги рагъулаб низамалда данекколарел гьоркьорлъаби яги дагIба-къецалда релълъарал тунка-гIусиялниги щибниги ракIбкъвай ккун букIанишан гьикъидал букIинчIилан абуна гьел киназго цо кIалдисан гIадин. Даим гIодове виччарав сабурав вас вукIанин Алексей. ДагIба-рагIиялде гьев ккараб цониги хIужа букIинчIилан абуна киназго».
Рагъулаб цIех-рехалъул рахъалъ цIех-рехалъул комитеталъул дагъистаналда бугеб бутIаялъул жавабияв хIалтIухъан Юрачковский Андерйица гьабулеб буго гьелда сверун цIех-рех. Вацасул черхалда лъурал цогидалги гIемерал ругънал рукIаго гьезде мугъчIвайги гьабун щайин дуца цIех-рех тIобитIичIебилан гьалъул суалалъе гьес жаваб кьун буго жинда гьедигIанго хIисабалде росизе кколел ругъналлъун рихьичIин гьелилан.
Хвелелде цебесеб сордоялъ эбелалъухъе кIалъан вукIанин Алексейилан бицана Татьянаца хадубги. Жиндир кинабго лъикI бугин, дир ургъел гьабугейин, хъулухъ тIубан вуссаравго жиндие хIалтIизе бакIалъул санагIат гьабейиланги гьарун буго гьес кIалъаялда. Лъалел-хъвалезде киназдего саламги битIун буго. Живго жинцаго чIвазехъин вугев чиясул хIал-хIукмуялда релълъараб жо гьесул кIалъаялда букIинчIилан абулеб буго яцалъ. Алексейил гIумруялъул букIана 23 сон. Рагъулаб хъулухъ тIубазе ахIаралдаса гьес бан букIун буго кIиго моцIгун бащадаб гIанаб мех
Гьединабго ахIи-хIур бахъана октябралъул 17-б къоялъ Гьебго Буйнаксикиялъул рагъулаб часталда хварал Стеценко Родионидаги Алексей Горзуда сверунги. часталъул нухмалъиялъ абун буго кIиявго содат хванин рагъулаб ругьунлъаби тIоритIулаго бакIаб техникаялда гъоркьеги ккун чIинтIун. Амма гьеб баян гьереси букIиналда ракIчIун буго гьел гIолохъабазул эбел-инсул. Васасул жаназаялда тIад хъахIилъичIеб гуреб бакI гьечIин, бецIхъахIилаб мохъ лъугьун бугин гьесул горбодаги. Гьелъги кIудияб щаклъи бижизабулеб буго гьезул вас чияца чIван вукIиналде. Гьел ругъназул щибалъул батIа батIаго бахъараб Алексейил жаназаялъул сурат буго Инсанасул ихтиярал цIунулез интернеталда лъун.
Гьелъухъ балагьун гIантасдаги бичIчIизе бугин васал бакIаб рагъулаб автомобилалда гъоркье ккун чIинтIун гьечIелъи, гьелда гъоркье ккун хадуб гьезул лагаялъул сипат суратго батIа-бахъизе лъалареб куцалъ хисизе букIана гурищин. Алексей Горзуе рокъове виччазе хутIун букIун буго цохIо моцI. Челябинск икълималъул жамагIаталъ гIарза хъван буго гьелъул губернатор Михаил Юревичасухъе Буйнакскалъул рагъулаб бутIаялда ккарал чIвай-хъвеязул хIакъикъат рагьизегIан гьенире хъулухъ гьабизе гIолохъаби ахIиялъул тадбир чIезабейилан.
«Эркенлъи» радиоялъухъе швечIо тIадехун рехсарал цонигиял гIолохъабазул гIага-божаралгун бухьен гьабизе. Гьединго кинаб бугониги комментарий щвечIо Буйнакскиялъул рагъулаб часталъул нухмалъиялъухъаги, рагъулаб цIех-рех тIобитIулеб цIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъухъаги.
Жиндир цIар бицине разилъичIев Буйнакскалъул рагъулаб часталъул сахлъи цIуниялъул хIалтIухъанас бицана жиндаги гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ лъалеб жо дагьаб гурони гьечIилан. Бугониги жинда лъалеб жо бицана гьес.
Мед.ротаялъул хъулухъчи: «КIиабилеб батальоналдаса гIолохъаби рукIанин гьелилан абулеб буго, гьеб батальонги Болъихъ бугеб рагъулаб бутIаялда гъорлъе уна, лъаларо гьенире рагъулал ругьунлъабаздейиш гьел ритIун рукIаралали, лъаларо. БМП-ялдайищ БТР-лдайищали гъоркье ккун хун ругилан абулеб бугоха гьел».
ХIакъикъаталдаги гьев кIияго солдат Болъихъ бугеб рагъулаб бутIаялда рукIанищ хъулухъ гьабунали тасдикъ гьарулел баянал нижехъе щвечIо.
25 октябралда Буйнакскалъул рагъулаб бутIаялда хун вуго цоги солдат. Выставкин Владислав. ЦохIо моцIида жанив гьев ункъабилев солдат ккола гьенив къадаралде щварав. Гьесул хвелалъул хIакъикъат кинаб ккрабали жеги баян гьабун гьечIо. Алексей Ермоленкого гIадин гьевги чIван вуго хъаравуллъуда вугеб бакIалда. Амма гьесул гIага-божараз жеги щибниги ахIи-хIур багъаризабун гьечIо васасул хвелалда сверун.
Ункъабилевги солдат хун хадув цадахъал хал гьабиял байбихьун руго Буйнакск шагьаралъул рагъулаб бутIаялда. Амма гьенир хъулухъ тIубазабулел гIолохъабаз абулеб буго гьениб цебеги букIинчIин гIадлу-низам ва гьалдаса хадубги букIине гьечIилан.