Казбек мухъалъул Буртунаялдаса ГIумаров Жайруладе гIунтIизабулеб буго 2009-2010-2011 соназда гьес жиндир бесдал вас инжит гьавунин абураб гIайиб. Гьеб ишалъул цIех-рех байбихьун буго Хасавюрталъул полициялъул хIалтIухъанас кьураб рапорталда рекъон. ЦIех-рехалъул документазда хъвавухъе, бесдал инсуца вас вачуна шагьар тун къватIиб бугеб отелалде. Гьенив гьев инжит гьавула, носоца ругънал лъола, нагагь ахIдани ботIролъ маххул къоно кьабилин хIинкъизавула. Амма анлъго сон барав васасухъа бажарула гьениса тIуризе, цинги таксиги ккун рокъове вачIуна.
ГIумаров Жайрулал адвокат МухIамадова Сапият божулей гьечIо гьеб киналдаго. Щайгурелъулин бицана гьелъ, экспертизаялъ чIезабунин васасда киналгIаги ругънал гьечIолъиги, хIал гьабунгутIиги. ТIадежоялъе, бесдал васги вачун шагьар тун къватIиве анин цIех-рехчияс рехсолеб къоялъ ГIумаров Чачаналда жиндирго гьалмагъасул дова, КIалбиччанкъоялда вукIун вуго.
ЧIванкъотIарал далилал кодоре щвечIолъиялъ цIех-рехчагIаз къана цебеккун гьев ГIумаровасда хурхун гьабулеб букIараб цIех-рех. Гьеб букIана 2006 соналдаги гьабунин гьес бесдал васасда аскIоб гьединабго хIалихьалъийин абураб гIайиб. Шагьар тун къватIиб бугеб отелалда хIалтIулей рукъ-бакI бацIцIуней гIаданалъухъа гIарацги босун, хIинкъун холев анлъго сон барав вас рокъове сордо бащалъуда таксиялда анин абураб далилалда гIадамал божунгутIиялъ, цIех-рехчагIаз цойги макру ургъанин рикIкIунеб буго адвокаталъ.
ЦIех-рех лъугIизегIан жанив тIамуралдаса лъагIелги кIиго моцIги унеб буго. Гьал къоязда цIех-рехчи ХIажимухIамадов Мусаца буюрухъ кьун буго ГIумаров хадувккун лъабго моцIалъги туснахъалъув теян. Адвокат МухIамадова Сапиятица гьикъулеб буго гьелда цебе цин халгьабизе кколеб букIинчIебищин гьев чи туснахъалъув битIунищ тIамун вугев, гуревищали. Къануналда рекъон, цIех-рехчиясул ихтияр гьечIо чи жанив кквеялъе болжал цIазе. Амма Дагъистаналъул ТIадегIанаб Диваналъул диванчи Исрафилов Закирицаги кIвар кьун гьечIо гьелде.
МухIамадова Сапият: «Гьаб иш тIаде босарабгIан заманалда жаниб гьев цIех-рехчиясе щун буго хIалтIизе лъангутIиялда хурхараб бадибчIвай. Гьединлъидал ГIумаров гIайибияв вукIин чIезабизе къваригIун буго гьесие. Гьелъие гIоло бажарарабщинаб гьабулебги буго. Гьесдасан гIарз бахъун букIана нижеца ТIадегIанаб Диваналде. Цинги нижее гъобасан жаваб кьуна цIех-рехчиясул ишазулъ кинабгIаги дандекколареб жо гьечIилан. Хадуб лъана нижеда гьедин жаваб кьурав диванчи гьев цIех-рехчиясул вацгIал ХIажимухIамадов Тимур вукIин. Гьанже диваналъ гьав ГIумаров ритIухъ гьавуни, дов цIех-рехчи хъулухъалдаса нахъе рехизе рес буго. Цинги байбихьизе руго кIудиял, цIакъ кIудиял проблемаби».
ВацгIал гуревги, адвокаталъ бицен гьабулев цIех-рехчи ХIажимухIамадовасул эменги ккола МахIачхъалаялъул Кировский мухъалъул диванчи.
ГIумаровас инжит гьавунин абулев гьесул бесдал вас жеги вихьун гьечIо я ГIумаровасул адвокаталда, яги диванчиясда.
Адвокат МухIамадова: «Гьев васас киналгIаги баяналги кьолел гьечIо. ЦIех-рехчияс жинцаго хъвалеб буго кинабго гьесие гIоло. Диде щвезегIан вукIарав адвокатасгицин кIвар кьезабун бугоан гьеб хIужаялде – вас вуцIцIухIун чIун вукIунин, цIех-рехчияс хъвалин кинабгоян. Гьединго гьев вас вахчизавун вуго, гьанжелъагIан гьев жеги лъиданиги вихьичIо. Диваналъул цебесеб данделъиялда диванчи Исрафилов вугоан ахIдолев цIех-рехчи ХIажимухIамадовасда абейин цIадулгун теян, вас щвезавейила гьаниве. Диванчиясухъе цIех-рехчиясищ щвезавулев къварилъи ккарав? Жиндирго автомобилалда рекIинавун, ракьулъа вахъунги хадусеб нухалда гьаниве гьев васги вачун вачIайин абейила гьесда».
Адвокаталъ бицана гьев диванчиясги кколарел жал гIемер росулел ругила жиндаго тIаде. Масала, ГIумаровасде гIайиб гIунтIизабиялда бан хIадурараб документ прокурорас гуреб, диванчияс байбихьулеб букIун буго цIализе.
Адвокат МухIамадова Сапиятица абулеб буго Дагъистаналда щибаб ригьалъ цо сундуе букIаниги мода баккулеб гIадин, баккулин цо хасаб такъсир «гьабулеб» заманги. Гьединго Буртунаялдаса ГIумаров Жайрула жанив лъеялъе гIиллаги тIубан батIияб бугин.
МухIамадова Сапият: «Цо-цо такъсиразул мода букIуна Дагъистаналда. Цин байбихьула 208 статьяялъул заман. Цинги – 222 –лъул, хадуб – 131, 132 статьябазул. Гьаб ишалъул хъвай-хъвагIай гьабулеб мех букIана 132 статьяялда рекъон хъвай-хъвагIай гьарурал такъсираз кутакаб ахIи-хIур гьабураб заман. ХIисаб гьабеха, анлъго сон бараб мехалда жив бесдал инсуца инжит гьавунилан жеги анлъго соналдасан мухIканго кинабго бицунев вас! Гьесие ирсалъе хутIулеб минаялда бараб жо буго гьеб. Гьев васасул эбел хун йиго. Васасул ункъгIалалъейин абуни къваригIун буго гьеб жиндего буссинабизе. Бесдал инсуца абун буго хIалбихьейинха цо! Гьей ункъгIал цIех-рехалъул комитеталда секретарьлъун хIалтIулей йикIун йиго цо заманалда. Гьединлъидал гьениса гIебеде ругел лъай-хъваяздаса пайдаги босун дурц хIинкъизавизе ракIалде ккун букIараб къагIидаха».
ЛъагIалица халатбахъараб гьеб цIех-рехалъул халгьабизе буго гьа баразул диваналъ. Живго ГIумаров Жарулаца абулеб буго жив гIайибияв гьечIилан. Гьединго психологаз кьураб баяналдаги абулеб буго педофилиялъул гIаламатал загьирлъулел гьечIин гьесулъ.
Лъимал инжит гьарурал чагIазе тамихI цIакъго кьваризабизе кколилан Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ суал лъедал, улкаялда гIемерлъана гьединаб тайпаялъул такъсиразда сверун гьарулел цIех-рехал. Гьедин Россиялъул машгьурав пианист Плетнев Михаилида сверухъ гьабуна гьединабго ахIи-хIур. Россиялъул транспорталъул министерлъиялъул менеджерлъун вукIарав Макаров Владимир тIамуна 13 сонги кьун жанив. Низам цIунулез кьочIое росун руго анлъго сон барай гьесул ясалъ рахъарал киналалиго суратал. Макаровасул лъадудаги адвокатасдаги ракIалда буго Страсбургалъул диваналде щвезегIан унги, гьев ритIухъ гьавизе. Гьединго гъоркьисала Дагъистаналъул ГIахьвахъ мухъалдаса гIолохъанчиясда хурхунги букIана гьединабго ахIи-хIур - Хасавюрталдаса МахIачхъалаялде хьвадулеб маршрутка-автобусалда хIалтIулев чияс инжит гьаюн йигин гьитIинай ясилан. Амма росуго бахъана гьев цIунизе.