Ссылки для упрощенного доступа

Политикаги динги: киб бугеб гIорхъи?


Дагъистаниязул гIумрудулъ диналъ ккола кIудияб бакI, хасго аттеизмги кIочон тун, диналъе эркенлъи щвараб мехалда.

Цо-цо экспертаз рикIкIуна пачалихъалъул ишаздехун диналъул асар цIикIкIунеб бугилан. Гьединго регионазул нухмалъулезги гIамал гьабулеб бугин жидерго мурадал тIуразелъун диналдаса пайда босизе. Амма Россиялъул къануназда рекъон, дин батIаго, пачалихъ батIаго буго.

Гьеб суалалда тIасан конференциялъул къагIидаялдалъун экспертазулгун гара-чIвари гьабуна ЭР-ялъ.

Нижер программаялъул гIахьалчагIи: ГIабдурашид СагIидов - 61 сон, тохтур лъугIизабуна Москваялъул медицинаялъул институт. ЧIей буго Москваялда. 90-абилел соназда гьес гIуцIана исламияб партия. Публицист, жамгIияв хIаракатчи.

МухIамадрасул ГIумаров – 50 сон. ЛъугIизабуна Дагъистаналъул педагогикияб институт, хIалтIана муфтиясул пресс-секретарьлъун. ГьабсагIаталда нухмалъи гьабулеб буго «Фикр» абулеб аналитикияб централъе.

Ахираб заманалда гIемер бицунеб буго пачалихъги диниял идарабиги цоцазул ишазда гъорлъе лъугьунел ругин. ГIадамаз бицухъе, гьеб халлъулеб буго Дагъистаналдаги Ингушетиялдаги. Масала, Ингушетиялъул бетIер Юнусбег Евкуровас хъулухъалдаса гIодов чIайин абун буго республикаялъул муфтиясда. Гьеб мехалда Чачан Республикаялдаса чагIиги хIалае ахIун кIудияб ахIи-хIур бахъун буго гьениб.

Гьединго бицен буго Дагъистаналъул бетIерасдаги муфтиясдаги гьоркьоб ккун бугин гьогьен, гьел цоцазул ишазда гъорлъе лъугьунел рукIиналда бараб хIужа батилин гьебилан.

Хабар буго Дагъистаналда диниял чагIи рищиязда гIахьаллъизехъин рукIиналда тIасанги. Щай гьел рищиязде ине кколелин суал лъолеб буго цо-цояз.

Загрузить файл

Гара-чIвариялъе байбихьи лъолеб буго ГIабдурашид СагIидовас.

ГIабдурашид СагIидов:

​«Насранияб диналъул рукIа, бусурман диналъул рукIа, цогидал рукIа – гьел ккола пачалихъалда жанир ругел, пачалихъалъул гIадамал. Киназдаго ращадал ихтиярал рукIине ккола гьезул. Лъилниги ихтияр гьечIо гьезда нуж пачалихъалъул ишазда гъорлъе лъугьунгеян абизеги. Амма дида гьаниб бихьулеб масъала батиIяб буго. Дагъистаналда диниял чагIаз хIалбихьулеб буго светиял, рилълъанхъизарун ругьунал гIадатазда, низамалда данде рагъизе – «чагъир бичизе бегьуларо, концертал гьаризе бегьуларо, кечI-бакъан бегьуларо».

ЭР: «Дагъистаналда гьанже гIемер хабар буго рищиязда гьел гIахьаллъизехъин рукIиналда тIасанги. Диниял чагIи рищиязде щайила ине кколел?»

ГIабдурашид СагIидов: «Гьеб мекъаб пикру буго. Дир кидагосеб анищ ккола республикаялъул парламенталда 20-25 процентниги исламияб фракциялъул букIине. Гьелда тIаде 10-15 процентниги салафиязулги бугони, тIуранго тIуралаан нилъер «рохьор» ругелги кьвагьа-гIанхъиялъулги суалал… Щай гьездаса хIинкъизе кколел, щай гьел парламенталда рукIине бегьуларел? Дида бичIчIуларо. «Единая Россиялъгун» КПРФалъ гьаркьалги рикьун рукIине ккани, тIокIав чи гьечIевищ Дагъисталда? Парламент абураб жо ккола унтарав чиясул чорхолъа босараб би гIадинаб жо».

МухIамадрасул ГIумаров:

​«Дун цо-цо бакIазда рази вуго ГIабдурашидида, щайгурелъул гьес бицунеб киналдаго рази вукIине рес гьечIо. Масала, 10-15 процент салафиязул букIине кколин абулеб буго гьес. Доб цебехун гьес рехсараб (парламенталда гьесда бихьизе бокьараб 20-25 процент диниял чагIазда гъорлъе ународай гьел? Диниялин цIар чIвалеб мехалда гьел цоцаздаса ратIа щай гьарулелани бичIчIуларо…».

Диниял гIадамал рищиязда гIахьаллъизехъин рукIиналда бан гIадатиял дагъистаниязул пикраби:

«Цереги гIахьаллъулел рукIана гьел – диниял чагIи – рищиязда. Гьанжеги хIалбихьизехъин бугеб къагIидаха. Амма цебе гьез гьанже гIадин тIатун гьабулеб букIинчIо гьеб. Гьанже республикаялъул бетIерасулгун щиб букIаниги бикьизе бажарун батилароха гьезухъа. Гьединго рищиязда гIахьаллъизе кIолеб къуват жиделъ букIинги бичIчIун батила гьезда. Рищун хадур гьездасан халкъалъе кумек щвелебищалиги лъаларо. Щайгурелъул гIезегIан лъикIа-лъикIал гIадамал рищула гьединал бакIазде, цинги гьадаб системаялъул бутIалъун лъугьуна дол жалго. Бищун лъикIал чагIигицин цIогьодизе яги гьелда релълъараб пиша гьабизе журала.

Диниял чагIи рищиязде ани, цо рахъалъ, диниял чагIаздехун цо-цоязул букIунеб сан гьабунгутIи лъугIизе бегьула. Амма, цогидаб рахъалъ босани, гьелги рахъине руго долго хIакимзабилъунги политикаллъунги».

«Нилъеда кIочон тун буго Халкъияб Мажлис щибин абулеб жояли. Унголъунги халкъалда гьоркьоса чагIи къанагIат гурони хутIун гьечIо гьенир. Гьединлъидал гьанже иш гIаксахун сверулеб буго, ай халкъалда гьоркьоса чи вачIунев вуго гьениве. Диниял чагIи гьенир ругони щиб квешлъи бугеб? МоцIродаса рортун рачIарал чагIи гьелги гуро, гьел гьенире рихьизарулел чагIиги жалго дагъистанияллъидал кколел?»

«ГIабдулатIипов Дагъистаналде вачIиндал, жиндирго кверщел щулалъиялъе гьес кумекалъе ахIана динияб халкъ. Амма хадубго гьеб динияб халкъалъги пайда босана гьелдаса. Цо хасаб бакIалда къуват хIалтIизабизе кIолеблъи бихьун, цоги-цогидаб бакIалдаги гьеб билълъанхъизабизе байбихьулеб буго гьез. Кутакалда гIемер чи вуго гьезда хадув. Живго ГIабдулатIиповасул электоратгицин буго хас гьабун гьел диниял чагIаздаса гIуцIараб».

ТIубанго гьаб программаялъухъ нуж гIенеккизе бегьула гьанисан:

Загрузить файл

XS
SM
MD
LG